МагъчIваялъе рес

ТIадегIанаб цIаралдаса махIрумлъун гурони бацIцIад гьабулареб Ак-Гель


МахIачхъалаялъул Ак-Гель хIорида сверухъ бугеб ахIвал-хIал жеги гIодобцун гьечIо. Араб соналъ гьеб махIрум гьабуна кIвар кьун цIунулеб, пачалихъалъулаб даражаялъул тIабигIаталъул объект абураб статусалдаса.

Интернет-мухъ

Гьеб хIукму мекъаблъун рикIкIунеб буго «Гражданский Совет» абураб жамгIияб идараялъ. Амма Дагъистаналъул экологиялъулгун тIабигIиял сурсатазул министерлъиялъул баяназда рекъон, гьеб хIукмуялъ рес кьун рагIула хIор цIигьабун къачIазе ва къачIан хадуб гьелъие цIидасан кьезе бегьулила пачалихъалъ цIунулеб тIабигIияб объекталъул статус.

Гьеб цIар Ак-Гель хIоралъе кьун букIун буго 1996 соналъ Дагъистаналъул хIукуматалъ гьабураб хIукмуялдалъун. КIиго соналдаса хIор кьун буго МахIачхъалаялъул администрациялъул къайимлъиялъухъе. 2015 соналъ абуни республикаялъул хIукуматалъ нахъе бахъун буго гьеб. Амма кIвар кьун цIунулеб тIабигIаталъул объекталъул даража гьелъул гьечIониги, лъилниги ихтияр гьечIин хIорида сверун ралел бакIалги эхетизе, гьединго рищни-къулги бан хIор чорок гьабизеян рикIкIунеб буго «Гражданский Совет Дагестана» абураб жамгIияб идараялдаса юрист ИсмагIилов Маратица.

Гьес цебегоялдаса нахъе хал кколеб буго Ак-Гель хIорида сверухъ бугеб ахIвал-хIалалда хадуб. Гьенир минаби эхетизе квегIенлъи букIине, рищни-къулги бан хIорида аскIоб бугеб сверухълъи цIезабулеб бугила минаби ралеб компаниялъ. Амма хIорги, гьелъул лъимги абуни халкъалъе гIаммаб буголъи кколин бицана юрист Марат ИсмагIиловас.

Арслан Дадымов: «ХIор бацIцIад гьабизе гIарацги биччан буго, гьелда сверухъ ахIвал-хIалги роцIцIун буго. ХIор жиндир заманаялъ гьеб цIаралдаса махIрум гьабиялъ рес кьуна Москваялде документалги ритIун, гьезги гьеб пикруялъул рахъккун хIорида сверун экологиялъулаб реабилитация гьабиялъе гIарац щвезе.Амма Россиялъул федералияб къануналда гьединаб баян гьечIила. Бугила тIабигIаталъул сверухълъиялда хурхун кьураб баян, амма хас гьабун хIорида хурхун кьураб баян гьечIилан абуна гьес. Гьединлъидал гьабунила I996 соналъ республикаялъул хIукуматалъ доб хIукмуги. Гьанже гьез байбихьи лъун буго рагIула хIорида сверун экологиялъулаб реабилитациялъул хIалтIабазе. ХIор тIубан бацIцIад гьабизе ракIалда буго гьезда. Гьел хIалтIаби лъугIун хадуб кьезе бугин гьелъие кIвар кьун цIунулеб тIабигIаталъул сверухълъи абураб даражаялъул цIарилан абулеб буго Арслан Дадымовас.

Ак-Гель хIор цIияб къагIидаялъ хIалтIизе лъугьингун нижеда ракIалда буго гьелъие кIар кьун цIунулеб тIабигIаталъул сверухълъи абураб даражаялъул цIар щвеялъе хIажатал документал хIадуризе. Гьеб мехалъ кинабго рукIалиде бачIина ва тIабигIаталъул берцинлъилъун кколеб гьеб хIорги парахатаб гIумруялда хутIила».

Арслан Дадымовас гьединго абуна Ак-Гель хIор МахIачхъалаялъул кадастровияб планалда цебегоялдаса нахъе гьечIин. Гьелда аскIоб бугеб сверухълъи бутIа-бутIа ккун бикьун бугин рес бугев щинав чияс гьенир ралел бакIал эхетизе. Жидеда кIванин гьеб киналъего ахир лъезе.

Арслан Дадымов: «Нижеда кIвана гьеб кинабго бада-гъудур чIезабизе. Амма гьеб гьабизе кин-кинги бигьаго букIинчIо. Гьеб кинабго гьабизе ана лъагIел гIанаб заман. Нижер министерлъиялъул хIалтIухъаби щибаб къоялъ уна хIор бугеб бакIалде ва гьез гьоркьоса къотIичIого халккола гьенибе тIокIаб рищни-къулги бачIого хIор цIунун хутIиялда хадуб. Гьединаб мониторинг щибаб къоялъ буго нижер хIалтIухъабаз гьабулеб».

Ак-Гель хIорил рагIаллъи къанунги хвезабун бакIал разе кьун бугилан разигьечIолъи загьир гьабун, республикаялъул бетIерасухъе хитIаб битIун букIана араб соналда МахIачхъалаялда гIумру гьабун вугев 466 чияс. Гьезул рахъккун Дагъистаналъул прокуратураялъги цIех-рех лъугIизегIан чIезабун букIана гьениб балеб чанго бакI.

XS
SM
MD
LG