МагъчIваялъе рес

Жалалдинов: «Дун гIантав вугин абизе тIамулей йикIана дир яц»


Интернеталдасан ролик биччан хадуб жиндир хъизаналъе хIинкъаби кьолел чагIи лъугьинчIин бицана ЭР-ялъе Чачан Республикаялъул Кванхиса магIарулав Рамазан Жалалдиновас.

Жалалдинов: «Дун гIантав вугин абизе тIамулей йикIана дир яц»
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:40 0:00
Интернет-мухъ

ГIицIго байбихьуда рукIун руго бакIалъул нухмалъулел гьесул яцалдаги гIагарлъиялдаги тIадчIун, нужеца гьев чи - Рамазан Жалалдинов – гIантав чи вугилан абейила.

Гьелда бан живго Рамазан Жалалдиновас гьадин баян гьабулеб буго ЭР-ялъе.

Рамазан Жалалдинов: «Дица гьадаб хитIаб гьабун хадур дир хъизан-лъималазда аскIорецин рачIун гьечIо дол (бакIалъул нухмалъулел, полициялъулал – ЭР). Дов «Дождь» каналалдаса журналист росулъе вачун вачIарав таксист полициялде ахIун, киса лъалев чийин дуда гьев журналистилан, гьикъардун гурони. Цинги Хеда Саратова (инсанасул ихтиярал цIунулей – ЭР) гьезухъе кIалъан хадуй, гьел хисун руго. Чай-жоги кьун, шоколадги цебе лъун…».

ЭР: «Дур яцги ахIулей йикIанин рагIана дуда тIасан хабар бицине…».

Рамазан Жалалдинов: «Гьелъул росги гьоркьов ккун ахIулей йикIун йиго гьей, долъ инкар гьабун буго. Цинги садакъадуй гIарацги кьелин – нусазарго гъурущ – ячIайин, гьев (Рамазан – ЭР) валагьулев вугин киназго, гьединлъидал гьев хвасар гьавизелъун ахIулей йигин мун, дуца гIицIго абизе кколин гьев псих вугилан. Гьеб мехалда хвасарлъулин гьев. Гьедин абуниги ун гьечIо гьейги росги доз ахIаралъуре».

Кин букIаниги Рамазан Жалалдиновас жеги-жеги балъго гьабулеб буго жив чIараб бакI. Гьединго гьев валагьулев рагIула халкъазда гьоркьосеб цIех-рехалда вугев политик Сагид МуртазагIалиевасул сверухълъиялдаса чагIазги.

Рамазан Жалалдинов: «Дун валагьулев вуго, кодов щвани щиб гьабилебали лъаларо. Сагид МуртазагIалиевасул сверухълъиялдаса чагIи ккола дир вацгIалзаби. Гьез валагьулев вуго дун, балъго. Гьеб киназдаго лъалеб буго. Дун гьезухъги гьечIо. Дие кьолеб гIакъуба-хIинкъабиги гьечIо».

ЭР: «Дуца абулеб бугоан дур хьул бугин Путиниде яги Къадировасде гуреб, гIицIго халкъалдеги инсанасул ихтиярал цIунулездеги...».

Рамазан Жалалдинов: «У, бугоха. Халкъалъе гьабулеб гьеб жо махсаро гуроха. Нусго чи нугIлъиялъе вугеб хабар ккола гьеб».

ЭР: «Рамазан, дуца доб хитIаб гьабуралдаса росдаде кIвар кьезе байбихьараб, ахIвал-хIал лъикIаб рахъалде хисараб жо кканищ?».

Рамазан Жалалдинов: «КкечIо валлагь. ГьанжелъагIанги гьадав «Дождалъул» журналист гурони, ахираб 16 соналда жанив къватIиса чи вачIараб росу гуро нижер. Я тIадчагIи яги цогIаги комиссия бачIун хIалтIи гьабичIо доба, балъго гурони. Жидеего давла гъоркь толел чагIи балъго рачун, гъулбасал гьаризарун, гIарац бакIарана доба. Масала, хIалтIи гьечIого хутIаразул щивасе кьолеб 58 азарго гъурущ букIана. Бащадаб гъоркь таразе кьуна доз доб. Цинги цIидасан гъозухъаго нахъеги босана гьеб, магъалойила, цогидабилан…».

ЭР: «Интернеталда бахъинабураб ахIи-хIуралдаса хадуб дол минабигун нухал къачIазейилан гьабулеб хIалбихьигIаги гьечIебищха росулъ?»

Рамазан Жалалдинов: «Жакъа (4 маялда – ЭР) рагIана микьго джип бачIун бугила нижер мухъалъул централъул администрациялде, гьелги батIияб мухъалдасан – Итум-Хъалаялдасан. Администрациялъул нухмалъулесул добаги жанисел ишазул министерлъиялдаги документациялъул хал гьабулеб ругилан рагIана».

ЭР-ялъ цебеккун чанцIулго бицун букIана Дагъистаналъулгун Чачанлъиялъул гIорхъода бугеб Кванхи росулъа Рамазан Жалалдиновас Россиялъул президент Владимир Путинидеги Чачан Республикаялъул бетIер Рамзан Къадировасде видеохитIаб гьабун букIиналъул. Гьес гьениб кIвар буссинабулеб буго Чачаналъ рагъ лъугIаралдаса нахъе жидер росулъ минабигун нухал къачIангутIиялъулги, бюджеталдасан гIарац кваналел чагIаз гьарулел ругел хIилла-макрабазулги, магIарулал рукIиналъ жидедехун тIаса-масагояб бербалагьи букIиналъулги.

Амма Чачан Республикаялъул бетIерас гьел гIайибал гьересияллъун рикIкIана республикаялъул телевидениялдасан кIалъалаго.

XS
SM
MD
LG