МагъчIваялъе рес

Россиялъулгун гIорхъода къадал разехъин руго лъабго пачалихъалъ


Би-би-си каналалъ лъазабуна Норвегиялъ хIукму гьабунин Россиялъулгун гIорхъода лъабго метралъул борхалъиялъул ва 200 метралъул халалъиялъул къед базе. Цо-цо баяназда рекъон, Норвегиялъул тIалъи хIинкъун буго рагъ ккаралъуса яги цогидабги хIинкъи бугеб бакIалдаса лъутулел гIадамал жидехъе Россиялъул рахъалдасан рачиIне рес бугилан. Гьединабго къед Россиялъулгун гIорхъода базе ракIалда буго Эстониялдаги. 70 млн евро биччан рагIула гьелъул бюджеталдаса. Латвиялда абуни байбихьун буго Россиялъулгун гIорхъода гьединаб къед базе.

XS
SM
MD
LG