МагъчIваялъе рес

Васас жамгIияб бакIалда ясалда квер хъванани…»


ХХ гIасруялъул авалалдаги ригьнал росу-ракь тIун къватIиса чагIигун гьари гIадлъулеб букIун батани, жакъа къоялде гьеб гIадатияб ишалде сверун буго.

Дагъистанада бертин
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:34 0:00
Интернет-мухъ

Чанго анцIго соналда жаниб ригьназул гIадатал тIуран хиса-басун ругин абулеб буго, магIарулазул ригьназул гIадатазда хурхун тIехь хъварай тарихчIжу Заира ГIалихIажиевалъ. Кинал кинал рукIарал магIарулазул ригьин гьабиялъул тайпаби ва кинал гьезул тIагIарал, кинал цIунун хутIун ругел?

Кинабго, инсанасда сверухъ бугебго гIадин, ригьнал гьариялдаги хъатIичIогон хутIун гьечIо глобализация. Ахираб заманалда ригьнал гIадатазул хазинаби хисун руго медиа-сурсатаздасан тIибитIиабулеб бакъ-тIерхьул улкабазул хазинабаз.

ХХ гIасруялул гьоркьолъиялде щвезегIанги ригьнал тухумалда жанир, ва росу-ракь тун къватIиса гьари гIадлъулеб букIун батанани, Советияб кверщел щулалъидал социалияб ращалъиялъул ва тухум- кьибилалъул кIвар гьеб суалалъул цIакъго дагьлъизабунин баян гьабулеб буго тарихчIужу Заира ГIалихIажиеваль.

Масала, ЦIадаса ХIамзатица рехсолеб бугила, анкьумумулъги хъазахъ вугев чиясе узденияс яс кьоларилан. Советияб заманалда гьеб тIагIинабизе хIаракат бахъанила, амма Совет хIукумат биххигун, гьеб нахъеги цIилъулеб бугила. МагIарулазул рукIанила жидерго ригьнал гIадатал, шартIал ва тайпаби, гьезул цо бутIа жакъа къоялде тIагун ругин бицана тарихчIужуялъ «Эркенлъи» радиоялъе.

Заира ГIалихIажиева: «Цебесеб заманалдаса бахъун бижараб магIарулазул ригьнал гIадатал хисулел рукIана щибаб заманалъул социалиял ва экономикиял хаслъиязда рекъон. Совет хIукумат биххигн тIубан хисана гIадамазул хазинабазул ориентация. Гьеб хъвачIогон хутIичIо ригьнал гьариялдаги.

Масала, гIадатазда рекъон гьабулеб бертадул букIараб берцинлъи, хаслъи ва бечелъи тIубан тIагIан. Тайпабазул бицунеб бугони, цебесеб заманалдаса бахъун рукIана чанго батIиял тайпаби: Тухумалда жанисел ригьнал, гьелги рукIана вацгIал-яцгIаллъиялда гьоркьор гьарулел ва цунагIаллъиялда гьоркьор гьарулел.

РукIана цебеккун къотIи гьабун гьарулел ригьнал. Гьединал ригьнал аслияб куцалда гьарулаан цереккун тушманлъиялда ругел тухумал рекъеялдаса хадуб».

ТарихчIужуялъ баян гьабуна къотIи гьабун гьарулел ригьнал рукIанин чанго тайпаялъул, масала жидее вас, нужее яс гьаюнани, гьезул ригьин гьабизе къотIи гьабулаанила тухумаз. БукIанила гьединго кинидаго лъимал цуцазе абулел гIадат. Гьеб гIадат бугила хасиятаб Гьидерил жамагIатазе.

Цогидаб, социалиябгун экономикияб кIвар бугеб ригьназул тайпа букIанила рос хванани, лъади гьесул вацасе ин, яги чIужу хванани гьев чияс гьелъул яц ячуней. Гьеб гIадат букIанила хъизамалъ гьабураб магIишат цIуниялъе ва лъималазе тарбия жидерго чияс кьезе букIиналъе гIолон гьабулеб.

Цогидаб, ригьин гьабиялъул гIадат букIун буго квер хъванани, яс васасе росасе ине ккей.

Заира ГIалихIажиева: «Васас жамгIияб бакIалда ясалда квер хъванани, гьей суризаюрай кколей йикIана. Гьелдаса хадуб гьея яс ине кколаан гьев чиясе, батIияв чияс гьей ячунароан. Ясал хъамиги букIана цо тайпа ригьнал.

Гьебги букIана ясгун къотIи гьабун хъами, унго унго гуреб куцалда хъами ва хIал гьабун хъами. Жакъа хIал гьабун яс хъами гьечIо, щай гурелъул гьелъухъ тамихъалде цIала къануналда рекъон. Ясгун къотIи гьабун хъамиял руго жеги»

Жакъа къоялде тIадехун рехсарал ригьнал гIадатазул тIагIун руго квер хъванани яс гьев васасе ине кколеб букIараб гIадат, хIал гьабун яс хъами ва тIубан къанагIалъи кколила чIужу хведал гьелъул яц ячин яги росасул вацасе ине ккей. Амма цо-цо тухумазул жакъа къоялъги ругила вацгIал-яцгIаллъиялда гьоркор ригьнал гьари. Бищун т1ибит1араб ригьин гьабиялъул къагIида жакъа къоялде бугила къотIи гьабун гьабулеб ригьин, ай абун ячи.

Гьединго, ахираб чанго анцIго соналда жаниб тIибитIанила миллатазда гьоркьосел ригьнал.

ЛъикIаб гIакдаца гIор бахунареб, гIамал лъикIай ясалъ росу толареб. КъватIиса ханасдаса росулъа тIил гIунтIарав мискинчIиго лъикI. Гьеб тайпаялъул абиял гIемер дандчIвала магIарулазул кIалзул гьунаралда. Гьездасан бихьизе бегьула, кинаб букIараб бербалагьи жамагIаталъул къватIиса гьарулел ригьназде.

Амма глобализациялъул процессалъ тIубан хисун буго гьелде бербалагьи ва миллатазда гьоркьосел ригьнал руго цIакъ гIемер. МахIачхъалаялда гIумру гьабун йигей Майсаратил хъизан кколеб буго миллатазда гьоркьосеб ригьиналъул мисал.

Жийго магIарулай, рос тумав. Гьезул руго кIиго лъимал, амма кIияздагоги лъалеб гьечIо гIурус мацI тун батIияб мацI. Гьеб Майсаратица бичIчIизабулеб буго цуцада гьоркьор гIурус мацI бицун гурого рес гьечIолъиялъ.

Миллатазда гьоркьосел ригьназда гьарурал лъимал кколел ругин цIияб миллат-дагъистаниял. Гьел рикь-рикьуларин цогIаги миллатаздейин абулеб буго чIужугIаданалъ.

ТарихчIужуялъ миллатазда гьоркьосел ригьнал магIарулазул гIемерлъи бичIчIизабулеб буго мугIрул росабалъа гIодолъиялдъе гочин ва ассимиляция ккеялдалъун. Амма ругила цо-цо жамагIатазул ва росабазул гIадамал, гIодолъиялда, шагьаразда ругониги, росабигун бухьен тIезе толарел ва ригьнал росулъа гьарулел.

Гьединазул мисаллъун гьелъ рачунел руго ГIанди, ХIебда, Хунзахъ, Гьочоб, БакьайичI ва цогидал росаби.

XS
SM
MD
LG