МагъчIваялъе рес

Сордо-къоялда жаниб Дагъистаналда ункъго чи чIван вуго


Ахирисеб сордо-къоялда жаниб Дагъистаналъул къуваталъул идарабаз изну гьечIого яргъидгIуцIаразул ункъго чи чIван вуго.

Сордо-къоялда жаниб Дагъистаналда ункъго чи чIван вуго
please wait

No media source currently available

0:00 0:05:25 0:00
Интернет-мухъ

13 апрелалъул радалалдаса нахъе низам цIунулез МахIачхъалаялда аскIоб бугеб Ленинкент росулъ шаклъи ккараб рокъо-рокъоре раккун хаш-шал гьабун хасал тадбирал тIоритIулел рукIана. Гьенир экстремистазул къокъа бахчун бугин абураб информация щун бугин лъазабулеб букIана гьез.

Гьебго къоялъул бакъанида гьеб мухъалдаса гIебеде терроралде дандечIараб низамги лъазабун гьел изну гьечIого яргъидгIуцIарал рахчараб рукъалде гьужум байбихьана низам цIунулез. Гьелъул хIасилалда рокъор рукIарал киналго изну гьечIого яргъидгIуцIарал чIван руго. Лъабго чи вукIун вуго гьезул гьенив вахчун.

Гьел киналго МахIачхъалаялъулилан абулеб изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчагIи рукIун руго. ЧIваразда гьоркьов гьеб къокъаялъул бетIер 30 сон барав МухIамадов Камильги вугилан лъазабулеб буго Россиялъул терроризмалде дандечIараб миллияб комитеталъул вакилзабаз.

ХутIарал чIварав кIигоясул хIакъалъулъ жеги баянал кьолеб гьечIо гьеб комитеталъ. Гьезулго информациялда рекъон арбагI къоялъ Ленинкенталда чIварал гьел лъабгоял чанго полициялъул хIалтIухъабазде тIадекIанцIиял гьариялъулъ гIахьалчагIи рукIун руго.

Исана марталъул ахиралда Каспийскалдаги МахIачхъалаялдаги гьоркьоб полициялъул автоколонна кьвагьизабиги гьезул хIалтIи бугин лъазабулеб буго терроралде дандечIараб комитеталъ.

Гьединго 13 февралалъул сардилъ Гъуниб мухъалъул Сугъралъ росу бакьулъ низам цIунулез чIван вуго гьебго росулъа изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кьерулъ вукIарав 25 сон барав Шамхалов АхIмад. Къуваталъул идарабазде тIадекIанцIиял ва цойгидал такъсирал гьариялъухъ чанго соналъ федералияб цIех-рехалде лъазавун вукIун вуго гьев.

АрбагI къоялъул сардилъ Сугъралъ гьев чIчIезавизе хIал бихьун буго полициялъулаз, ярагъги гIодобе реххун кверде вачIайилан тIалаб гьабун хадуб низам цIунулезде кьвагьдон вуго гьев.

Данде кьвагьараб жоялъ чIван вуго Шамхалов. Россиялъул терроризмалде дандекъеркьолеб миллияб комитеталъ лъазабулеб буго Шамхалов Гъунисезул экстремистияб къокъаялъул бетIер вукIанилан. Сугъулдерица абулеб буго экстремистияб къокъаялъул кIудияв вукIинчIила гьев, лъабго чи гъорллъе унеб гьеб къокъаялъул цого-цо гьев хутIун вукIанила нахъейилан.

КIиго соналъ цебе Сугъулдерилги ГIунтIисезулги гIорхъода полициялъулазде тIадекIанцIи гьабуразда гьоркьовги вукIун вуго гьевго чIварав Шамхалов АхIмад. Гьеб тIадекIанцIиялъул хIасилалда цо полициялъулав чIван вукIана, чангоял лъукъун рукIана.

Ахираб заманалда Дагъистаналда цIидахъан изну гьечIого яргъидгIуцIаразде данде къеркьезеги, салафиязде тIадецуй гьабизеги байбихьун бугин абизеб бегьула. Дагъистаналъул жамгIияб палатаялъул гIахьалчи, экономикиял гIелмабазул кандидат Абсалидин Мусаевас абулеб буго гьанжеги салафиязул цоял мажгитал къан, цойгидал къазе хIалал рихьун, гьезул имамзаби туснахъ гьарун гьел гIадамал тIалъиялъ жидедегоги низам цIунулездеги дагьабги цIакъ дандечIчIезарулел ругилан.

Республикаялда букIараб гIодойбиччай рекIее гIоларогойищ гьел ругелали бичIчIулеб гьечIила жиндида, щиб гьабунги гIолохъаби рохьахъе инаризе жал гьарулел ругин гьезилан кколила жиндида цо-цо мехалдайилан.

Живго тIарикъатчи вугониги, жинда бичIчIулеб жо бугила чIванлъиялда гьел экстремисталги, бокьараб мехалда гьезул кьералъе ине хIалалде ккезарун ругел салафиялги лъугIулареблъи.

Халкъ цоцалъ багъизабиги, гIадада би гIодобе тIейги гурони гьелъул хIасил букIунарилан абуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе. Жиндир заманалда Агьлю Сумма ва ДжамагIа абураб гIуцIиялъги Дагъистаналъул динияб идараялъгигIадин гьеб суал цIидахъан киналго диниял церехъабиги данде гьарун гьоркьоб лъезе кколин рикIкIунеб буго жамагIатчияс. Гьеб мехалъ гурони экстремизмалъулги рохьоре унезулги проблема лъугIуларилан.

Абсалидин Мурзаев: «Диналъул цохIо чваххиялъул гурони пачалихъалъ рахъкколареб система дандекколаро. Дунго кьучIдасанго тIарикъатчи вукIаниги дида бичIчIулеб буго пачалихъалъ цохIо тIарикъатги рикIкIун сиясат гьабиялъ лъикIалде рачунареблъи.

Салафиялги цойгидал диниял чвахиязда хадур рилълъарал гIадамазеги дин гьабизе эркенлъиги кьезе ккола, тIарикъатчагIи гурелдаса нахъе хIутIарал чагIи экстремистал радикалал ругин рикIкIиналъин нилъер халкъ цоцалъ бан бугеб.

Гьеб политика киса-кибего бугIулеб буго гIадамазул бутIрузулъе. Гьединаб пропаганда гьабунин абун салафиязул къадар дагьлъун, тIарикъатчагIи гIемерлъулелги гьечIо.

Гьелъул гIаксалда жамгIияталда ахIвал-хIал цIакъ хIалуцунеб буго. Гьеб проблема тIубазе цохIо пачалихъалтIе реххун тезе бегьуларо. ГIолохъаби рохьахъе инчIого рукIине хIалтIи гьабизе тIадаб буго щибаб росдал жамагIаталда.

2009 соналда дир Доргъели росулъа 15 чи гIолохъанчи рохьове ине хIадурулев вугин абун информация бачIана къуваталъул идарабазухъан.

Нижеца, ай росдал гьел гIолохъабазда тIад кверлъунин абизе бегьула. Нужее бокьараб динги гьабейин ритIухълъиги ракълилаб къагIидаялъ балагьизе кколин, гьел экстремистиял ишал реххун тейилан лъазабуна гьезда. Гьезул цохIонигияв рохьове инеги инчIо».

20I5 соналда жаниб Дагъистаналъул къуваталъул идарабаз чIван вуго экстремистияб багъа-бачариялъулъ вукIарав 103 чи 543яв ккунги вуго.

XS
SM
MD
LG