МагъчIваялъе рес

Иргадулаб нухалда салафиязул имам ккун вуго


Dagestan--Magomednabi Magomedov, imam of Hkasavyurt mosque
Dagestan--Magomednabi Magomedov, imam of Hkasavyurt mosque

Салафиязулин рикIкIунеб «Восточная» мажгиталъул имам МухIамадов МухIамаднаби низам цIунулез кквеялдаса разигьечIезда итни къоялъ митинг тIобитIизе ракIалда букIана.

Иргадулаб нухалда салафиязул имам ккун вуго
please wait

No media source currently available

0:00 0:05:18 0:00
Интернет-мухъ

Бищун дагьалдасан 7-8 азарго чи гIахьаллъараб акция букIине бугин гьебилан лъазабулеб букIана имамасул сверухълъиялдаса гIадамаз. Гьаб сагIат заманалъ гьеб тадбир нахъбахъизе ракIалде кканила жидеца, имам эркен гьавиялда тIад хIалтIилев адвокатги вугилан лъазабуна МухIамадовасул гIагарлъиялъ «Эркенлъи» радиоялда.

Амма букIине кколедухъ къануналда рекъон имамасул адвокат хIалтIизе толев гьечIони ва диваналъ къуваталъул идарабазе дандеккараб гьабулеб бугони, жал бокьараб мехалда митинг гьабизе хIадур ругинги абуна гьез.

Гъоркь рузман къоялъ Хасавюрталда азарханаялда аскIоб бугеб мажгиталъуса къватIире рачIунел салафиязул анцIгогIан гIолохъанчи ккун вукIун вуго низам цIунулез. Гьел кквезе лъугьиндал полициялъулазда дандечIчIей гьабизе лъугьарал нахъе гъезелъун автоматазул кьвагьи бахъинабун буго гьез.

Гьеб лъугьа-бахъиналъул нугIзаз «Эркенлъи» радиоялъе бицана полициялъулаз зодой гурони, хIатIалъги речIчIулеб букIанилан. Гьеб кьвагьиялъул хIасилалда мажгиталда аскIов вукIарав цо таксичи захIматго лъукъун вуго. Гьединго цо полициялъуласул гIинда лълъурун ун бугин цо гуллайиланги абуна гьез.

Гьеб къоялъ ккурал гIолохъаби эркен гьарейилан ва гьел кквеялъе щиб гIилла бугебилан цIехон полициялъул бутIаялде араб бакIалдаго ккун вуго МухIамаднабиги.

АнцIго къоялъ цебего такъсиргьабиялъул иш рагьун букIанила гьесда тIад, имамас гIадамал терроризм ва экстремизм ритIухъ гьабиялде ахIулел рукIун ругин, гьелъие далиллъун бугила интернеталда лъураб имамасул кIалъаялъул видеозаписилан лъазабулеб буго полициялъ.

Шамат къоялъ МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналъ цIех-рех лъугIизегIан кIиго моцIица туснахъ гьавуна МухIамадов МухIамаднаби. Гьесул адвокат МухIамадов Селим диваналъул гьеб хIукмуялда рази гьечIо ва гьелда тIасан жиндица гIарз хъвалеб бугин абуна гьес «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда.

МухIамадов Селим: «Диваналда прокурорас рихьизаруна ФСБялъ ва Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул экстремизмалде дандечIчIараб централъ МухIамаднабида тIасан хъварал рапортал. Гьез гьениб хъван бугоан имам къватIисел улкабазде тIурун инехъин вугин, батIиял пачалихъазде ине рес кьолеб паспортги бугин гьесулилан.

Гьединго гьез абулеб букIана имамас гьесул ишалда хурхун баянал кьезе ругел нугIзадериде тIадецуй гьабизе бегьулин. Гьеб кинабгоги хIисабалде босун цIех-рех лъугIизегIан гьев туснахъ гьавун тейилан. Гьезда лъидасаго лъикI лъала гьев кивениги тIуризехъин вукIичIолъиги, гьес тIадецуял гьарулареллъиги.

Гьезие багьана къваригIун букIана ахIи-хIурги гьабичIого берцинго гьев кквезе. ГIемерисеб мехалда гьединал диниял церехъаби ккун хадуб, гьезул ишазда сверун гьарулел цIех-рехал лъагIалабаз халат рахъуна. Цо жанир тIамуни тIокIал гьел къватIире рорчIизеги риччаларо.

Дица диванчиясда абулеб букIана имамасул анкьго лъимал ругин гьес тIалаб гьабизе кколел, гьезул щугоял гIисиналги ругин. Гьединго гьесул цIобалде ккарал херал эбел-эменги ругин гьесул, гьесул жаваб кьолила жиндицайилан абизе имамасул росдал Кироваулалъул бегавулги вачIун вукIана. Амма диваналъ дица абуралъухъ гIинги тIамичIого туснахъ гьавуна имам».

Гьал къоязда низам цIунулезул ишазда тIасан цойги гIарза хъвана салафиязул вакилзабаз. ГьатIан къоялъ ГIумаровасул къотIноб бугеб салафиязулин рикIкIунеб мажгиталдеги рачIун мехтарал полициялъулал лъугьун руго гьенир как-кIалалда рукIарал гIадамал инжит гьаризе, гьел кквезе.

«Новое Дело» газеталъул бетIергьан Чилилов АхIмад гьоркьов лъугьун хадуб нахъа анила гьел полициялъулал, амма гьезие букIине кколеб гIадлу гьабейилан абун гIарз хъван бугин жидеца Дагъистаналъул жанисел ишазул министрасухъейилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьеб мажгиталъул администратор МухIамадов МухIамадица.

МухIамадов МухIамад: «Гьеб нижеца хъвараб гIарзалъе жеги кинаб букIаниги жаваб щвечIо. АхIмад Чилилов экстремизмалде данде къеркьолеб централъул бетIер Кулиев АхIмадгун дандчIван вуго. Гьел низам цIунулел гьекъон рукIун ратизе гьечIин чIчIун вукIун вуго Кулиев. Кин бугониги гьеб лъугьа-бахъиналъул цIех-рех гьабилин жиндицайилан лъазабун буго гьес.

Чилилов гьенив вукIинчIевани щиб пасалъи гьел полициялъулаз мажгиталъуб гьабилеб букIарабали лъаларо дида. Чорокал хьиталги ретIун жаниреги рачIун, гьенир как-кIалалда рукIарал херал чагIи инжит гьаризе, гьенир рукIарал гIолохъаби кквезейилан лъугьун рукIана гьел. Гьакълил махIги букIана гьездасан.

МехтичIел чагIаз гьарулел гIадал жал рукIинчIо гьеб къоялъ гьез гьарулел. Чилиловас аскIовеги ун гьезда живго щивали бицун ва документал рихьизарун хадуб рекерун ана гьел къватIире. КIудияв чи вугелъул АхIмад гьезда хадув векеричIо, амма къватIире щун хадубги гьесде хъубал инжитал жал ахIулел рукIана гьел низам цIунулел».

Инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялъ МухIамаднаби МухIамадов кквеялда бан официалияб хитIаб гьабуна. Гьез абулеб буго имамасда тIад гьес гьаричIел такъсиразе гIоло иш рагьун бугин, гьереси гIайибалги гIунтIизарун гьев жанив тIами кутакалда мекъаб иш бугилан.

Гьев имам кидаго экстремизмалдеги гIолохъаби рохьахъе иналдеги данде вукIанилан, ва гьелъул бицун кидаго хутIбабиги гьарулаанин гьесилан. Гьев гIадал чагIигицин жанирги тIамун республикаялда ахIва-хIал хIалуцинабизе къваригIун букIин бихьулеб бугила хасал гIадамазейилан лъазабулеб буго «Мемориал»-алъ.

XS
SM
MD
LG