МагъчIваялъе рес

Томас Де Ваал: «Кремлалъ аслияб роль хIалеб гьечIо Гъарабахалда»


Томас Де Ваал
Томас Де Ваал

Кавказалъул суалазул рахъалъан Магърибалда цIар арав эксперт Томас Де Ваалица, нижер радиоялъул Азербайжан хъулухъалъе интервью кьолаго абуна, МугIрул Гъарабахалда сверухъ эрменазда ва азербайжаназда гьоркьоб багъарараб питна – гьеб бугин Совет Союз щущаралдаса нахъе багъарараб бищун захIматаб ва жегиги рагIалде бахъинабичIеб конфликт.

Интернет-мухъ

Томас де Ваал ккола Карнеги Централда Машрикъалъул Европаялъул ва Кавказалъул проблемабазул цIех-рех гьабулев кIудияв гIелмияв хIалтIухъан, «ЧIегIераб ах: Армения ва Азербайжан рагъда ва паракъалъиялда гьоркьоб» - ян абураб тIехьалъул автор.

Гьеб тIехь рикIкIунеб буго МугIрул Гъарабахалъул проблемаялъул бищун гъваридаб анализ гьабураб хIалтIилъун. Гьалкъояз Азербайжаналда ва Армениялда гьоркьоб цIияб кьал багъарун хадусала Магърибалъул цо-цо экспертаз пикру гьабуна, гьеб бугин Москваялъул хIайилан абун. Амма Томас Де Ваалица гьеб нахъ чIвалеб буго.

Де Ваал: «Гьеб буго квещаб хIужа, ахирисеб заманалда гIемерал экспералги гIадатиял гIадамалги хIинкъигун ралагьун чIун рукIана гьениб кьал цIидахъан багъаризегIан. Кьвагьдей заманалъ гьоркьоса къотIун букIаниги, гьадинаб хIинкъи хутIулеб букIана, кьвагьдей чIезабураб бакIалда кIиябго рахъалъан чIахIияб рагъулаб техника бакIарун букIиндал.

Рагъулал боржарабиги, тирелабиги, цогидабги. Ихдалил мех – гIадатияб къагIидаялда заманалъул маслихIаталъул режим хвезабулеб мехлъун ккола.

Аслияб къагIидаялда гьединаб режим политикиял гIиллабаздалъун хвезабулеб буго. Гьеб ракIалдаго гьечIого ккараб хIужа гуро. Политикияб вертикаль ккун, тIасан гIебеде унеб бюуриялда рекъон гьабулеб иш ккола гьеб».

RFE / RL: Цо-цо Магърибалъул экспертаз абулеб буго гьеб бугин Москваялъул хIайилан. Россиялъе бокьилаанин гьениб ахIвал-хIал хIалуцинабун, хадуб гьеб багьанадуеги босун, жиндир рекъел цIуниялъул аскариял ритIизе регионалде. Щиб дуца абилеб гьелда бан?

Де Ваал: «Москваялъ аслияб роль хIалеб буго, - ян абуни, мекъи ккезе буго дир хIисабалда. Дир пикруялда гьеб конфликталда аслияллъун ккола Арменияги Азербайжанги. КигIан гучаблъун Россия бугониги, Москваялъе кIиабилеб роль хутIулеб буго. Гьеб конфликт рагIалде бахъинабиялда гIахьаллъулев вуго Россиялъул бетIерав димпломатцин, - къватIисел ишазул министр Сергей Лавров.

Гьесда гъваридго лъала питнаялъул кьалбал. ЧIечIого данделъаби тIоритIула гьес президентазулгун. Гьесул буго лъикIаб цIияб ракълилаб планги. Россиялъул аскариязул дагьа-макъабниги къадар буго Армениялдаги Дагъистаналдаги, амма Азербайжаналда гIурус аскариял гьечIо. ПалхIасил, гьезда кIола эрменазул рахъалъе асар гьабизе, амма Азербайжаналъе асар гьабизе къуват гIолеб гьечIо Россиялъул».

RFE / RL: Цо-цоязда Кремлалъул квер бихьулеб буго кьвагьдей чIезабулеб низам биххиялда нахъа. Кинаб жаваб дуца кьолеб гъозие?

Де Ваал: «ЦIодорго пикраби гьаризе ккола, щай гурелъул Азербайжаналъулги Армениялъулги аскариял лъиданиги чIарал рукIиналъул. Гъозие бокьун гьечIо Москваялъул тIалъи. Лъица кьвагьдей чIезабиялъул низам хвезабулеб буго ян абураб суалалъе жаваб кьезегIан, ракIалде щвезабизе ккола жиндирго статус-квоялдаса разилъи гьечIеб Азербайжан.

ГIатадияб къагIидаялда гьадинаб низам кидаго хвезабулеб буго хасго жиндирго ракьул бутIа камураб рахъалъ. Азербайжаналъул цIикIкIун багьанаби руго къотIи хвезабизе. Амма кьвагIа-гIанхъи бахараб мехалъ захIматго буго абизе тIоцебесеб иргаялда хасго лъил гIайиб бугебали?» ​

Томас Де Ваал "ЧIегIераб ах..."
Томас Де Ваал "ЧIегIераб ах..."

RFE / RL: Кьвагьдей чIезабиялъул низам хвезабиялъ лъие пайда кьолеб? Кин бегьулеб рагъулал ишал ахиралде щвезаризе?

Де Ваал: «Дида ккола Азербайжаналъул рахъалъул цIакъ негативияб бербалагьи бугеб кьвагьдей чIезабиялъул къотIиялда, гьелъие политикияб гIилла гьечIони. Щай? Щай гурелъул гьадинаб низам халат бахъунеб мехалда Азербайжаналъухъа бахъараб территориялъул стасус-кво щулалъулеб буго.

Гьединлъидал хIажалъи буго кIудияб политика хIалтIизабизе, цогидал пачалихъалал гьеб ишалде цIан. Амма гьадин букIинаан Вашингтоналъ Москваялъулгун цадахъ рекъон хIалтIи гьабулебани. Лъица гьенире ритIизе ругел жиндирго рекъел цIунулел аскариял? Гьале аслияб суал».

Хурхен бугеб

XS
SM
MD
LG