МагъчIваялъе рес

«Оцоца гIощтIол гIоркь хъублъизабун буго»


Рзаева Наидал вас Нариман
Рзаева Наидал вас Нариман

Дербенталдаса кIиго гIисинал лъимадул эбел Рзаева Наида рокъоса къватIие гъолей йикIиналда бан гIемераб ахIи-хIур бахъун буго шагьаралда.

«Оцоца гIощтIол гIоркь хъублъизабун буго»
please wait

No media source currently available

0:00 0:05:07 0:00
Интернет-мухъ

Чанго соналъ цебе Рзаевазул хъизаналъ гIумру гьабун букIараб мина бухIун буго. Гьелъул бакIалда бакIалъул администрациялъ гьезие Кобяковасул къотIноб бугеб 26 минаялъул гьитIинабго рукъ кьун букIун буго.

Гьеб биххун ине бугеб басрияб мина бугила, гьенисаги нахъе рахъинарун дагьабги санагIалъи бугеб бакI балагьилила нужеейилан абун букIун буго цин дербенталъул тIалъиялъ.

Гьеб минаялъул бетIергьанас жиндирго гIарцуде лъикIаланго къачIан, берцинго жаниб гIумру гьабун бажарулеб хIалалде ккезабун букIун буго.

Кида гьелъул бакIалда цIияб рукъ щвелебалиги лъаларин, жидее гIураб бакI гьебги бугин гьелъул бетIергьанлъи чIезабулел документал кьейин, гьеб минаги жидеда тIадхъвайилан гьарун буго Рзаева Наидаца шагьаралъул администрациялъул хIалтIухъабазда. Амма гьезухъ гIарац кьезе кколин лъазабун буго Наидида Дербенталъул администрациялъул бакIалраялъул ишал тIуралеб бутIаялъул нухмалъиялъ.

Рзаева Наида: «Шагьаралъул администрациялда дида абуна гьел документал гьаризе ккани ва гьеб мина дида тIад хъвазе ккани дица 300 азарго гъурущ кьезе кколилан.

Дун гьабизе жо лъаларого чара хун хутIана, гьезда абизе рагIигицин батичIо дида цин. Киса бахъун дица гьеб кьезе кколеб, хIалица нижго тIубазе жо щолаан дие, доб мехалда дун цIа-рагI чурулей чIужулъун хIалтIилей йикIана кафеялда. Гьедин абуниги дихъ гIинтIамулев чи ккечIо цониги. ХIалихъе гIагарлъиялъухъа налъукь I00 азарго гъурущги босун ана дун администрациялде бакIал раялъул ишазул бутIаялъул нухмалъулев Къадирбеков СалихIихъе.

100 гурони дица бачIинчIелъул гьес лъазабуна дун кватIанила гьеб минаги жидеца батIияв чиясе кьезе бугилан. Дица гьениб ахIи-хIур бахъинабунхадуб, дие букIине кколеб рукъ-бакI кьейилан дун киса-киего хъвадаризе лъугьиндалги гьез щибго гьабичIо.

Дагъистаналъул хIукуматалъул бетIер ГIабдусамад ХIамидовасухъе гIарзалъ араб мехалда гьес доб мехалъ нижер мэрлъун вукIарав РахIимов Азадида лъазабуна анлъго къоялда жаниб дир рукъалъул суал тIубайилан.

Гьелдаса хадур дагьал рагъа-рачаризе лъугьана гьел. Цин гьез дие кьезехъин букIана басрияб, тIа-тIала кколеб бугеб гьитIинабго рукъ. Жанир лъугьун гIумру гьабун бажарулеб бакI букIинчIо гьеб, гьеб къачIазе рес дирги букIинчIо. КIиабилеб нухалда тIохги гIодобчIвараб, гIодобкьабараб хъарщиги турун тIад хIетIе чIун бажарулареб цойгидаб бакI бихьизабуна.

Гьелдасаги инкар гьабуна дица, кIиго лъимерги каранде къан кин дун гьение яхъиней. Дица дие хъала байилан абулеб гьечIо, дица гьарулеб буго цохIо рукъгIаги кьейин дие гьаб сагIат жаний лъугьун гIумру гьабун бажарулеб гIадаб.

Дихъ гIинтIамичIо гьез, гьабсагIат нижеца гIумру гьабун бугеб рукъги лъимкIанцIун рукъзал гIанкъизарурай гIаданалъе кьолеб буго. Цо рукъги кьун, тIадеги кьолеб буго гьелъие гьаб нижер рукъ. Гьелъ документал гьаризе гIарацги кьун буго администрациялъе, ришватги босун гьеб кьуразул рахъ кквеларищха гьезги».

Гьеб рукъалъе гIоло Наидадаги гьелъул цIияй бетIергьаналдаги гьоркьоб букIараб диваналдаги Рзаева къун йиго. Диваналъ цойгидаб минаги кьечIого гьеб минаялъуса нахъе яхъинаейин Наидайилан абун хIукму къотIун буго.

Гьеб хIукму гIумруялде бахъинабизе, Наидаги лъималги рокъоса нахъе гъезе рачIун руго 30 марталда диваналъул хIукму тIубазабулеб идараялъул хIалтIухъаби. ХIалицаго рокъоса къватIие Наидаги гъун, гьелъул лъимал рукъ гьечIого теларин абун гьел интернаталде рачинейилан лъугьун руго шагьаралъул администрациялъул опекаялъул бутIаялъул хIалтIухъабиги.

Рзаева Наида: «Диваналъул хIукму гIумруялде бахъинабулеб идараялъул хIалтIухъабаз къахIан ккун, ракьалдасан ехъерхъун рокъоса къватIий речIчIана къватIбакьулъ. Кьабана гьез дида, гъуждулги бохдулги хъахIилъун руго киса кирего.

Дунги къватIие реххун дир лъималги опекаялъул бутIаялъул хIалтIухъабиги тана гьез жанир. Дуца рукъкквезегIан жидеца гьел интернаталде рачине ругин, гьезие рукIине кколел шартIалги чIезаризе ругин гьенирилан лъугьана гьел чагIи. Дун хвезе егизе йигин гьаб бакIалда, амма лъимал дица кирениги кьезе гьечIин абидал балагьилила бихьилилан абун кIалал гьикъизе лъугьана гьел.

Дир анцIго сон барав вас кIалъан вуго нижер тIалаб гьабулел рукIарал инсанасул ихтиярал цIунулеб «Наследие» гIуцIиялъул гIолохъабазде. Гьел рачIун гьез ахIи бахъинабун хадуб нахъе ана гьел».

Гьеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул ва шагьаралъул мажлисалъул депутат Видади Бабаевасул хIаракаталдалъул Дербенталъул мэриялда хасаб данделъиги ахIун Рзаевалъул суал гьоркьоб лъун букIун буго хамиз къоялъ.

Кьураб бакIги босун йикIайила гьей, гьей сунтIаниги тIад рекъолей гьечIин абун гьелде гьужумал гьаризе лъугьун руго администрациялъул хIакимзаби. ЖамагIатчагIиги инсанасул ихтияралцIунулелги нахъе къан гьечIо, жидеца диваналдеги кьун бахъизе бугила Рзаевалъе рукъилан гьез лъазабун хадуб Дербенталъул тIалъиялъ абун буго анцIго къоялда жаниб Наида гьеб рокъоса нахъе яхъине кколин, щай гурелъул гьеб батIияй гIадан бетIергьанаб бакI бугин гьаб сагIатилан.

Бащадаб лъагIалица жидеца Наидаца ккураб рукъалъухъ гIарацги кьелила, гьеб заманалда жаниб гьелъие данде кколеб рукъги балагьилилан. Жидеца гьеб иш тIаса бер босун тезе гьечIин лъазабулеб буго депутатас ва «Наследие»-лъул вакилзабаз.

XS
SM
MD
LG