МагъчIваялъе рес

Ираналъул рахIатхвезабулеб буго Шамалда рагъулел россиялъулаз


Иран. Къум шагьаралъул цо къватI
Иран. Къум шагьаралъул цо къватI

Дунялалда жиндир рахъалъ пикру лъикIаб рахъалдехун хисизабизе къваригIун, Ираналъ гIуцIун буго хасаб программа ва гьелда рекъон жиндихъего ахIулел руго гIадамал. Масала, гьединаб сапаргун гьанжегIагар Ираналдаса тIадруссана Дагъистаналдаса гIалимзабиги.

Интернет-мухъ

ГьанжелъагIан Ираналъ жиндихъего ахIарал вакилзаби аслияб куцалда бусурбабаз гIумру гьабулел Россиялъул регионаздаса руго. Гьелъул магIна гьадин бичIчIулеб буго гьеб вакиллъиялда гъорлъ Ираналде щварав Дагъистаналдаса тарихчи ШагIбан ХIапизовасда.

ШагIбан ХIапизов: «Аятолагунги цогидалгунги кIалъалеб мехалда дида бичIчIана гьезул гьадинаб рахIатхвей букIин. Шамалдаги ГIиракъалдаги рагъулел гIадамазда гьоркьор гьезда гIемер рихьулел руго Россиялдаса гочарал бусурбаби - ДАГIШалдаги, Джабгьат-ан-Нусраялдаги, цогидаб бакIалдаги. Гьединлъидал суннитазулгун к1алъа-басаял гьаризе бокьараб х1ал бихьулеб буго гьезулъ. Гьединго суннитал жидерго рахъалдехун цIазе бокьараб хIисабги буго ираналъулазул. Чанго мурад буго дида гьезулъ бихьулеб».

ЭР: «Россиялдаса хадуб кинаб пачалихъгун бухьен кквезе Ираналъе бокьун бугеб, дур хIисабалда?»

ШагIбан ХIапизов: «Ираналъ тIолабго дунялалда гIезегIан гIарац биччалеб буго жидерго шигIияб дин тIибитIизабизе. Масала, Нигериялда. Гъова вуго шейх Закъвакъи абурав чи, жинда хадув чанго азарго чи цIарав (цере суннитал рукIарал чагIиха гьел). Гьединго Йемен, Шам, Ливан, ГIиракъ – гьенибги кутакаб гIарац харж гьабулеб буго гьез шигIиял гIемерлъиялъе».

Суннитаздехун бербалагьи беццилесеб гIадаб гьечIин абураб пикру ккун буго Дагъистаналдаса гIалимзабазул.

ШагIбан ХIапизов: «Млн-гун хадув суннитав вугеб Тегьраналда цониги мажгит гьечIо суннитазул. Цогидал шагьараздаги гьечIо Дун гьеб суалалда тIасан кIалъан, гьезул пикру лъазабидал, дида бичIчIана суннитазул мажгитал рагьани, ираназул гIолилал гьенире хьвадизе рукIиналда цIикIкIараб хIинкъи букIин, гьелъ гьезул рахIатги хвезабулеб букIин. ТIадежоялъе ричIчIизе захIматал жал гIемер ругелъул гьезул диналда.

Гьебго жо Бакуялдаги буго. Масала, шигIиязул мажгитазда къанагIат гурони рихьуларо гIолохъаби. Рузман базе мажгитазде хьвадулел гьезул бусурбабазда гьоркьор 80 процент суннитазул бугин абизе бегьула. Гьединго Бакуялда гIемерисел шигIиял суннитаздехун сверулел руго. Гьединабго хIинкъи баккун буго гьанже Ираналдаги».

Ираналда гIадамазул рукIа-рахъин гIемерго лъикIаб бугин хасго мадугьалихъ бугеб гьединабго шигIиязул пачалихъ Азербайжаналде дандеккунилан бицана ШагIбан ХIапизовас. Азербайжаналда кIудияб батIалъи бугила бечедаздаги мискиназдаги гьоркьоб. Ираналда гьечIила. Гьелъие аслияб гIилла ришватчилъи лъугIизаби кколила.

ШагIбан ХIапизов: «Ниж дора ругеб заманалда ккана доллараздалъун бечелъарав дозул миллиардер чIвазе къотIиялъул хIужа. Гьелъие гIиллалъун ккун бугоан ришватчилъи. Ахирисеб 30 соналда жаниб Россиялда цониги букIарабищ гьединаб мисал? Гьаниб тIабигIиял бечелъабаздаса щолеб хайиралъул 90 процент бикъулеб буго…».

ЭР: «Амма бицен бугоха Ираналда рагIуе эркенлъи гьечIин, фейсбук ва жамгIиял цогидал гьинал къан ругин гьенир…».

ШагIбан ХIапизов: «БитIараб буго, бугеб жо бугеб куцалъ бицине ккола… Гьениб фейсбукги хIалтIуларо, «ВКонтактеги» хIалтIуларо, цогидал гьиналги хIалтIуларо. Доба гIадатлъун буго жасуслъи. Бассидж абураб жамгIияб гIуцIи буго доз гIуцIун. Жидедаго лъараб тохаб-гIучIаб жо гьез хъата-масан хасал хъулухъазда лъазабула.

Гьединлъидал хIукуматалда лъачIого цо гали тIамуларо дуца доба. Мисалалъе, къватIиб пачалихъалдаса вачIарав чиясда хадуб халкквейги цIикIкIараб букIуна. Гьеб рахъалъ Совет Союзалда релълъарал жал гIемер руго Ираналъул».

Гьебго заманалда руччабаз тIалъи босараб гIадаб ахIвал-хIалги бугин Ираналдаян бицана тарихчи ШагIбан ХIапизовас.

ШагIбан ХIапизов: «ГIадатаб жо буго тIаде рачIарал гьалбалгун кIалъалей лъадиги тун, рос дове-гьаниве векерун, чай тIолев, гьезие хIурмат гьабулев вукIин. Гьеб гIадатияб жо буго. Бащадалдаса цIикIкIун хъизаназда гьединан буго. ЧIужу ячинеги цIакъ захIматго буго гъоба. Гьей ячине кканани, гIезегIан хъалин кьезе ккола. КигIан гьезул дибирзабаз гьеб гIадат хвезабейин абуниги, хIасил кколеб гьечIо».

Ираналде щварал дагъистаниязул къокъаялъ зиярат гьабун буго 1741 соналда Дагъистаналъул ХицIиб магъилъ щущахъ виххизавурав Ираназул шагь Надирилги, дунялалда машгьурав философ Имам Гъазалилги, шагIир Фирдоусилги, цогидазулги хабалазде.

XS
SM
MD
LG