МагъчIваялъе рес

Имам Шамилги Ермоловги, тарихалъул тIахьазда кин ращад гьарилел?


Шималияб Кавказалъул регионазда ругел тарихалъул тIахьазда гIемерисеб баян гIаксаги сверизабун хъван бугин, гьел гъалатIал хисизаризе кколин абулеб буго экспертаз.

Интернет-мухъ

ТарихчагIазги гьеб пикруялъул рахъкколеб буго, амма гьезул щаклъи буго гьеб хIалтIи ритIухъаб къагIидаялъ гьабилин абураб жоялда.

Шималияб Кавказалъул регионазда ругел тарихалъул тIахьазда хурхун хиса-басиял гьаризе ккеялъул бицунеб букIана 29 марталда Пятигорскиялда тIобитIараб данделъиялда.

ГIаммаб лъай кьеялда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъул бицине гьенире ракIарун рукIана Россиялъул Лъай кьеялъул министр Дмитрий Ливановги, Шималияб Кавказалъул федералияб округалда вугев президентасул вакил Сергей Меликовги гьес гьенире ракIарал тIадегIанал цIалул идарабазул нухмалъулелги ва гьел гурелги чагIи.

ЦохIо тарихалъул тIахьазда хурхун бугеб суалалъул гуребги, гьединго пачалихъалъул цогояб экзаменалъулги, ахирал соназда Шималияб Кавказалда ругел пайда гьечIел тIадегIанал цIалул идарабазулги, гьезул филиалазулги къадар дагь гьабиялъулги бицана гьеб данделъиялда.

БатIа босун экспертаца гьениб бицана Кавказалъул школазда ругел тарихалъул тIахьазда жанир хис-басиял гьаризе ккеялъул. Гьениб гIемерисеб баян гIакса сверизабун бугин абуна гьез, амма мухIканго баян кьун гьечIо тарихалъул кинаб бутIаялда гьединал дандеккунгутIиял ругелали.

Регионазда ругел тарихалъул тIахьазда хурхун консультативияб бутIа гIуцIизе кколилан абулеб бугоан ракIарараз.

Кавказалъул регионазда ругел тарихалъул тIахьазда жанир хиса-басиял гьаризе кколин бицунеб бугелдаса гьеб тIоцебесеб нух гурилан абулеб буго тарихчи ХIажимурад Доногъоца. Гьел хиса-басиязул рахъ кколеб буго гьесги.

ХIажимурад Доногъо: «Нилъер пачалихъалъул тарихалъул пуланаб бутIаялда хурхун зама-заманалдаса гьединал хиса-басиял гьаричIого хутIулароан. Мисалалъе, довго Имам Шамилидехун букIараб бербалагьи кIиго нухалда хисизабуна. Цо заманалда гьев вукIана миллияв бахIарчи, хадув гьев рикIкIине байбихьана нилъер ракьал талавур гьаризе вачIарав турказул жасуслъун, хадув тIадвуссун довго миллияв бахIарчи вахъинавуна гьесул.

Гьедин тарихалъул батIи-батIиял бутIабазда хурхун хис-басиял гьариялда гIажаиблъи гьабизе ккараб жо гьечIо. Суал буго щив гьелда тIад хIалтIизе вугевали. Гьелъие махщелги камилал, ярагьунел гIадамал гьел рукIунтун дица кIиябго кверги борхун рахъккола гьелъул.

Гьединго хIисабалде босизе ккола нилъер улкаялда кколел ругел политикиял хиса-басиялги. Крым Россиялде гъорлъе бачIин, Украинагун Донбассалда ккарал хIужабиги рачине ругищ гьелде гъорлъеян абурабги бачIунеб буго суал.

Гьединго ахирал соназда къватIире загьирлъана Россиялъул тарихалда лъалкI тарал гIадамал къватIир чIвазарурал чанги тарихиял хIужабиги. Цере нилъедаса рахчун рукIарал гьел гьанже дагь-дагьккун къватIире рахъулел руго.

Мисалалъе 1812 соналъ букIараб ВатIанияб рагъул бахIарчи Кутузовасул, Панфиловцазул, КIудияб ВатIанияб рагъда кIудияб гьунар бихьизабурав Александр Матросовасул хIакъалъулъ чанги цере лъаларел рукIарал хIужаби къватIир чIвазаруна.

ТIаде журазе ругищ гьел гьанже тарихалъул тIахьазда хиса-басиял гьаризе хIадурлъулел чагIазилан гьикъани, дида ккола тIадежубаларин гьез гьебилан. Щайгурелъул, гIемерал соназ гьел тIадехун рехсарал тарихалъул бахIарзал, миллияб чIухIилъун рикIкIунел рукIарал гIадамазул ракI лъукъизабиларилан хъвазе гьечIо гьез тарихалъул гъатазда гъоркь бахчун букIараб баян.

Тарихалъул тIехь гьеб ккола гIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьеялъул рахъалъ кIудияб бутIа лъолеб дарс, гьединлъидал гьелда жанир зама-заманалдаса хиса-басиял гьаризе кколин рикIкIуна дица».

ХIажимурад Доногъоца рикIкIунеб буго гьел хиса-басиял цIикIкIунисеб къадаралъ Кавказалъул тарихалда хъинтIизе ругилан, амма гьев божулев гьечIо гьеб хIалтIи букIине кколедухъ гьабилин абураб жоялда.

ХIажимурад Доногъо: «Дие бокьилаан нилъер лъималаз цIализе бугеб гьеб тIехьалда, кьучIал тарихиял хIужабазде мугъчIвайги гьабун хиса-басиял гьаризе. Амма гьеб кинабго ритIухълъиги цIунун гьабилин абураб жоялда дун божулев гьечIо. Щайгурелъул цереги рукIаралъул гьединал хIалбихьиял.

Мисалалъе босилин Кавказалъул рагъул тарих. Кавказалъулги, Россиялъулги халкъалъе гьеб ккола бищунго унтараб бакIлъун. Кинаб магIнаялда? Доб рагъулъ гIахьалъи гьабурал генералзаби: Ермоловги, Барятинсикийги, Евдокимовги, гьел гIурусазе ккола миллиял бахIарзаллъун, гьезул цIар арал рагъул церехъабилъун.

Нилъее гьел бахIарзал кколаро, щайин абуни гьез цIа гъуна нилъер ракьалда, ахал, хурзал рухIун, боцIи хъвехъун, гIадамал инжит гьарун, кIудияб пасалъи рещтIинабуна гьез Дагъистаналда. Нилъее бахIарзаллъун ккола Шамил, ГъазимухIамад, ХIамзат, ХIажимурад, АхбердилмухIамад.

ГIурусазе абуни гьел бахIарзаллъун кколаро. Кин гьеб бакIалда «меседилаб гIурхъи» батилеб абураб жоялда ургъизе ккола гIалимзаби. Гьаниб кинабго бараб буго тарихалъул тIахьазда тIад хIалтIизе ругел гIалимчагIазул камилаб махщалидаги, гьезда жидерго хIалтIи лъаялдаги. Кинабго рукIалиде бачине гьезие хIажалъула кутакаб лъайги махщелги».

Гьединго чанго соналъ цебе Дагъистаналъул школазда тарихалъул дарсал кьолел мугIалимзабазул рази гьечIолъи букIана, Дагъистаналъул тарихалъул цIакъго мукъсанаб баян гурони Россиялъ къватIире риччалел тIахьазда гьечIилан. Киевская Русьги, Монголо-Татаразул ханлъиялъул хIакъалъулъ чанго тIамач кьолеб мехалъ Кавказалъул рагъулги, Шамилица 25 соналъ гьабураб гъазаваталъул хIакъалъулъги 3-4 мухъ гурони кьун гьечIилан ццим бахъун рукIана гьел.

XS
SM
MD
LG