МагъчIваялъе рес

ЦIияв шагIир ва батIияб мацI


Нилъеца араб макъалаялда бицун букIана Расул ХIамзатовасул ракIалдещвеяздаса МахIмудилгун ЦIадаса ХIамзатил дандчIваялъул хIакъалъулъ. Гьелдасаги цебехун бицун букIана ЧIанкIалгун МахIмудил асаралда гъоркь букIараб авар адабияталъул тарихалъул.

ЦIияв шагIир ва батIияб мацI
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:23 0:00
Интернет-мухъ

ХIамзатица хIурият гьабуна адабияталдаян абизе бегьила. Гьав вачIана тIуванго батIияб мацIги бицун халкъалъухъе. МагIарул кочIол кIиго аслияб тема - рокьиги кьалги нахъе реххун ХIамзатица вихьизавуна инсан. БатIи-батIиял рахъаздаса, гьесул гIамал-хасият, вукIа-вахъин, берцинлъигун сурукълъи.

Бихьизабуна хъантIи, жагьиллъи, хIиллагун-макру, цIекIлъигун тIадагьлъи, ай киналго инсанасул жагъалал рахъал, сураралда тIад велъана, берцинаб кочIолъ ахIана.

Гьесул шигIруялъе хасиятаб букIана ирония, гьеб цо-цо мехалда цIакъго рагIул къимат гьабулел ва цIодорал чагIазда гурони бичIчIулароан. ХIамзатица реццун какула, какун реццула. Гьеб буго гьесул хатI, лугъат, мугьру, хаслъи хутIараздаса ватIа вахъизе лъалеб. Гьелъ захIмалъана ХIамзат цогидал мацIазде вуссинавизеги.

Цебехун абун букIахъе пикру буссинабуниги, асаргун ирония таржамаялъе захIмалъулаян. ХIамзатил подстрочный перевод кьурабго гIурусазул переводчиказ абун буго: "Гьав чи нижеда вичIчIизе кIолев гьечIо. Ас веццулев вукIарав чи какун ватула, какарав веццун ватула, асул гъансахъе кIул бати захIматаб масъала буго" - ян. ХIисаб гьабеха гьал мухъазул:

"Дур чи тIагIаясул чайдул гьунлъи -

ГьацIулъе тIамураб цIамилан ккола.

Чурпадулъ бугеб гуч гьудул хваясул

Гьамщал мущулдерил къулгьудалъ гIадаб..."

Гьал мухъал руго машгьураб "Ашбазалде" абураб кочIолъа. Кин щвезабилеб гьаб асар, ирония батIияб миллаталъул чиясухъе, масала гIурус таржамачиясухъе? Гьаб буссинабизе лъугьани щибго магIна гьечIеб жо лъугьунеб буго. Гьелъулъ букIана ХIамзатил шагIирлъиги кIодолъиги.

Гьев авар халкъалда гъорлъа вахъарав ва аваразул шагIир вукIин. РукIанищха церехун гьеб мацIалда кIалъалел шагIирзаби? РукIинчIо. ШагIирзаби рукIана, амма дол зигардулел рукIунаан жидер керен-ракI бухIулеб буго ва лъихъалиго рокьи ккун бугин абун.

ХIамзатил кочIолъ гIадин халкъ кIалъалаан, кочIодалъун гуреб - харбидалъун. Халкъалъул мацIалда хъвана ва кинабго халкъалъул бегIерлъиги гIакъиллъиги тIад буссун кочIодалъун гьезухъего кьуна ХIамзатица. ХIамзатил сатираялъ инсанасе тарбия кьуна. ХIурият бергьизегIан цебесеб гьесул творчество цIакъго къиматаб буго.

ЦIияб заманаялъ ва советияб пачалихъалъ гьев ворхана. Гьезие хIажат вукIана партиягун пачалихъ кIодо гьабулев шагIир, гьелъие бергьун кIудияб гьунарги махщелги бугев ХIамзат рекъон ккана гьеб ролалъе. Октябралъул инкъилабги, вождалгун партияги, Кремлялъул цIваги кIодо гьабурал кучIдул щибаб колохъе гIунтIун тIиритIана Дагъистаналда.

АхIана, цIалана, цоцазухъе кьуна. Гьезул цо-цоял жакъа цIаларабго дагьал кепго, заманалда рекъечIеллъун рихьула нилъеда. ХIисаб гьабеха кин цIалдолес къабул гьабилеб жакъа гьаб ХIамзатил кечI?

"Дур дагьал къоязул, къокъаб свакалъул,

Совет хIукуматалъ хIурмат гьабила.

ХIалтIуца кIвекIараб кIиябго кверда,

Калинин дадаца дарман бахъила...)))

ПасихIаб бугищ? Буго. Амма дагьаб санагIат гьечIеб букIин бихьулеб бугоха жакъа. Калинин дада щив вукIунев саламатав магIарул чиясе? ХIамзатица тIокIал гьечIелгIан пасихIго хъвана цIияб заман ва вождал реццарал кучIдул.

Гьесул творчество гьездалъун лъугIичIо. БукIана гIужилаб сатира, лъикIаб драматургия, кутакалда пасихIал ва мухIканго гьарурал гIурус классиказул кучIдузул таржамаби, басняби, батIи-батIиял гьижабазул, роценалъул, лугъаталъул шигIраби.

ЦIадаса ХIамзат лъугьана лъидаго релълъинчIев, "цогидал нусгояз хисизе гьечIев", хIикматаб гьунаралъул ва гIужилаб каламалъул шагIирлъун. Гьеле нужее авар адабияталда ункъабилев классик, шигIру-кечIалъул хатI ва чваххи хисизабурав.

Ва гьеб нухда цIиял гIелал рачарав. ХIамзат завалалда вукIаго гьесул рокъов гIолев вукIана цойги гIажаибав инсан. КъватI-къватIазда "кIиго шагьиялде, гIабасиялде, гIебса кIичIизабун щурун тIагъур лъун, тIохда гIадамазе кучIдул цIалулев". Гьес цIалулел рукIана жеги гIадамахъе щвечIел инсул кучIдул.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG