МагъчIваялъе рес

«Миллиард бикъарасеги гIанкIу бикъарасеги гьабулеб цого тамихI»


Мутагиров МухIамад диваналда цеве
Мутагиров МухIамад диваналда цеве

Гьал къоязда МахIачхъалаялъул Советский диваналъ Дагъистаналъул лъайкьеялъул министерлъиялъул бетIерав специалистлъун вукIарав Мутагиров МухIамад щуго соналъ туснахъ гьавуна.

Интернет-мухъ

Гьединго 300 азарго гъурущ гIакIаги къотIана гьесда тIад. Мутагировасде гIунтIизабулеб букIана Дагъистаналъул гIемермахщалилаб лицеялда цIалулел лъималазе квание биччараб миллиардгIан гъурущ бикъиялъул гIайиб.

Гьес ва лицеялъул бетIерай бухгалтер ХIамзатова Зайнабицаги, кассир Шилова Маринацаги, «Авангард-М» фирмаялъул бетIер Гъафуров Мурадицаги хIилла-рекIкI гьабун пачалихъалъул гIемер гIарац бикъиялда щаклъи букIун 2014 соналда гьезда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьун букIана.

Мутагировасул ишалда сверун гурони цIех-рех жеги рагIалде бахъун гьечIо, хутIарал гьеб лъугIизегIун рокъор туснахъ гьарун тун руго. Гьел ункъалго жидеде гIунтIизабулеб бугеб гIайибалъе мукIурлъана.

Прокуратураялъул баяназда рекъон гьеб къокъаялъ ункъго соналда жаниб гьез 899 миллионги 400 азарго гъурущги бикъун буго. ХIакъикъаталдаги лицеялда цIалулел ругездасаги цIикIкIун чи вихьизавулев вукIун вуго гьез документазда.

Унголъун лицеялда 700 чи цIалулев вукIун вуго, гьезда гьоркьоса 100 чи интернаталда гIумру гьабунги рукIун руго.

Гьеб гIарацбикъараз интертаналда гIумру гьабун 500 чи вугин бихьизабулеб букIун буго. Гьел лъималазул къадаралда рекъон биччалелъул хIукуматалъ гьел хьихьизе гIарацги. Гьедин гьел чанго нухалъ цIикiкIун биччараб г1iрац жидеего тIокI гьабулеб букIун буго гьез.

Гьебго къокъаялъ лицеялъул хIалтIухъабазе харжида тIадеги гIарац кьолеб букIанин бихьизабулеб букIун буго кагътазда, амма гьел хIалтIухъабазухъе щолебго букIун гьечIо гьеб.

Гьединго цIех-рехалъул баяназда рекъон «Авангард-М» ва «Алан» фирмабаз лицеялъул лъималазе рачIарал кванил нигIматазухъ кьураб гIарац хIисабалда гьезул счеталде реххулеб букIун буго гьеб гIарац.

Гьезда тIадхъван гIарац бикъиялъухъ гьел фирмабазул бетIергьабиги тамихIалде цIан руго.

Гьезул цояв Гъафуров Мурадида тIад гьабун буго такъсиргьабиялъул иш, «Алан» фирмаялъул бетIерги цойги чанго гьеб такъсирияб къокъаялда гъорлъ вукIарав чиги кквезе щун гьечIо, гьел тIолгороссиялъул цIех-рехалде лъазарун руго.

Гьезда гьоркьор руго лицеялъул йикIарай нухмалъулей Елена Квимсадзеги Дагъистаналъул лъайкьеялъул министрхисулевлъун вукIарав ХIажиев ХIажиги.

Гьеб такъсир тIатун хадуб экспертаз абулеб букIана гьеб республикаяъул тIалъигун рекъон гьабураб иш букIун батулилан, гурони гIадатияб гьеб лицеялъе гьебщинаб гIарац биччалеб букIин бихьидал ва гьезул бюджеталда гъоркь гъулбасулелъул Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъ щайила щибниги абичIебилан.

Гьединабго пикру буго Дагъистаналъул ГIалибег Тахо-Годиясул цIаралда бугеб гIелмиябгун- цIех-рехалъул педагогикияб институталъул гIелмияй хIалтIухъан, педагогикиял гIелмабазул кандидат МухIидинова Бахулги.

МухIидинова Баху:« ГIажаибаб хIукумат буго нилъер. Цо чияс миллиард бикъулеб мехалъ кире ралагьун рукIунел, цо чияс бикъунищ гьеб бажарулеб. Лъималазухъги бахъун гьеб гIарац бикъулеб мехалда цойгидал идараби кире ралагьун рукIунел. Гьев Мутагировасе диваналъ къотIараб тамихIги тIубан кепаб жо буго. ГIанкIу бикъарав чиясеги миллард бикъарав чиясеги цого тамихI гьабулеб буго.

ГIанкIу бикъарасегицин цIикIкIун санал кьола диваналъ. Гьесие кьураб щуго соналъ гьев чи къадлъи гьечIого къасилъи гьечIого, ракIбацIцIадго щибниги бикъичIого хIалтIани миллионци щоларо гьесие.

Гьеб кинабго буго пачалихъалъул юридикияб системаялъул рагIар-ракьанде щвечIолъи. Гьединал чагIазда абизе рагIигицин гьечIо дир. ГIакълу гьечIолъиялъул ва тарбия кьезе гIадамал регIун гьечIолъиялъул хIасил буго гьеб нилъеда бихьулеб бугебщинаб жо. Совет Союз биххун хадуб щивниги регIун вукIинчIо лъималазе тарбия кьезе.

Гьанже гьеб гIел буго кинабго бикъулебги, хъамулебги, чIвалебги. Тарбия щвечIебщинаб халкъалъул заман буго гьанже».

Ахирал саназда Дагъистаналъул лъайкьеялъул системаялда гIемер гIарац бикъиялъул хIужаби тIатун рукIаниги, гьеб такъсир гьабуразул чанго чи гурони тамихIалде цIан гьечIо.

Гьединазда гьоркьов вуго Дербенталъул лъайкьеялъул идараяъул бетIерлъун вукIарав Казимов Надир. 2015 соналъул июлалда ккуна гьев. Къуваталъул идарабазул щаклъи ккун буго гьес жиндирго хъулухъалдаса пайдаги босун шагьаралъул лъайкьеялъул системаялъе биччараб 47 миллионги 350 азарго гъурущги бикъун букIиналда.

XS
SM
MD
LG