МагъчIваялъе рес

Чирахъ бугеб горда речIчIулел чIинхал


М.Горбачевасе 85 сон тIубаялда тIаса

please wait

No media source currently available

0:00 0:05:42 0:00
Интернет-мухъ

РакIалда буго 1980 абилел соназул кIиабилеб бащалъи. МагIарухъ росулъ цо гьитIинаб рукъалъул бокIнилъ лъураб гьитIинабго телевизор ва гьениса рицунел цIиял харбал рагIизе бакIарараб росу. У ле, росу, щибаб рокъоса чагIи рукIанин абиларо, бащдаб росу букIин хIакъаб жо буго. Гьеле гьеб бащдаб росу кколеб буго къого рукъ бугеб росдал анцIго чи вачIани.

Щай гурелъул доб букIана нижер росулъ цIияб телевышкаги лъун тIоцебе телевизор хIалтIизе байбихьараб заман. Улкаялъул нухмалъуде вачIана цIияв чи - Михаил Горбачев. ТIоцеве советияб пропагандалда рекъон гIолохъанав, гьайбатав, лъай щаварав чи вугин рецц-бакъгун къабул гьавуна гIадамаца.

ВукIинеги гьедин вукIана, хвалил кьер лъурал цересел генсеказда данде ккун гIолохъанавги вукIана гьев, лъай бугевги вукIана. КIиабилеб гьесул дозда цебе бугеб тIокIлъи букIана - цересез хIалица риццатал цIоробералги къалазда далун бабадилаго цIалулеб букIараб текст ас кагъатго гьечIого бицине байбихьана.

РетIа-къайги дагьаб батIияб букIана, хадув цо кIургIараб расалъул бикаги хадуй гьаюн дунял сверизе байбихьана генсекас. Гьеле гьеб жо бокьичIо магIарулазе гьесул. "Гьасул жо кколаро, нормальный бихьинчи хадуй чIужуги гьаюн хьвадулищ?" - ин абуна бихьинаца.

"Унго цо гъолда тIад рукIунел берцинал гурдал ва шубаби" - ян бахиллъун ралагьана руччаби. ХIасил калам улка двар-двариялда унеб букIана. "Демократия, гластность, перестройка" абурал лозунгал раккана. ГьанжелъагIан рукIараб нухда ун жо кколарин бичIчIизабуна улкаялъул бетIерас.

Пачалихъ цойги рахъалде буссун унеб букIана, кибе унеб бугебали я Горбачевасда, я гьесухъ гIенеккарал нилъеда бичIчIулареб гIадаб жо лъугьун букIана.

"Эркенаб базар букIине ккола, нухмалъулел халкъалъ рищизе ккола, рагIуе эркенлъи букIине ккола, халкъги властги рекъон хIалтIун гурони жо кколаро, СССР дунялъул пачалихъалгун гьудуллъиялда букIине ккола" - абурал гIадал тезисал рукIана генсекасул.

Мех-мехалда "гъос бицунеб жо битIун буго ле, щай бегьулареб чед бежизеги, чакар бичизеги гIадамал риччазе бегьуларел?" - ин рахъулаан годекIанир цо-цо газетал цIалулел гIадамал. Гьеб абурал чагIи чIвазе рахъун къацандулаан къайи щоларого тату хварал гIадамал. ГIалам бикьун букIана улкаялда кIийиде. ГIумру квешлъулеб букIана къойидаса къойиде.

Советияб пачалихъалъул системаялда, потребсоюзазда ва РАПОязда кIолеб букIинчIо халкъ хIажатаб кванида ва ратIлидалъун хьезабизе. Базаралъулаб экономика жеги гьабун бахъун букIинчIо.

Горбачев рихана гIадамазда, гьев какулареб рукъги къоги букIун батиларо улкаялда. Гьес жидеего кьураб эркенлъиялдаса пайдаги босун какулев вукIана. Абунщинаб къабул гьабулев генсекги вукIана, къо бахъанагIан квешлъулеб гIумруги букIана.

Кинабго гIалам талоназухъ чакар босизе очередазда букIана. РакIалда буго "БахIикъосалда" бахъараб ГьаракIуниса Занирхазазица Горбачевасухъе хъвараб рагьараб кагъат. Гьадин байбихьулаан:

"Привет хIалчIахъад! Я гъарин Горбачев, дуца пачалихъалдаса гьабун тараб жогIаги щиб? Бакъуца холеб буго халкъ. Чед бежизе ханжу гуро, чай гьекъезе чакар гуро, чури тIезе ведро гуро, гьаб жиб жо? Ваххилан хабарги бицун тIубалеб жойилан ккараб дуда пачалихъги хIалтIиги?

Мунагьал чураяв Сталин вукIана бихьинаб хIара. Хварабго рагьарал чакмаби гурони нахъе течIев. Дур гьей бикал къиматаб гIонкIол цIакидаса гьабураб чанго хъабарча рагIула.

Рекъон гьечIоха, гьудулав чи, гьединаб пачалъи бакъараб гIаламалда цебе. Дунги дуе гIакълу гьарулей ГьаракIуниса Занирхазаз. Дагьайго гьодилъа къуланиги батIаго изнакумству гьабизе бегьиларей гIадан гуро дунги. Пока. ГьаракIунир дандчIвала..." - ян лъугIулаан кагъат.

Гьалъ бихьизабулеб буго Горбачевасдехун махсароялдалъун гьабуниги халкъалъул букIараб бербалагьи. ХIасил калам, генералияв секретарлъун вищаралдаса нахъе щуго сонгун бащдалъ СССРалъе бетIерлъиги гьабун М.Горбачев хъулухъалдаса ана.

Гьесул рейтинг букIана цIакъго дагьаб, букIинего букIинчIин абизе бегьула. Жиндиего бокьун власть кьеги тамахлъилъун къабул гьабуна халкъалъ. "ЦIуяв чи вуго Горбачев" абун цIарги кьуна "бахIарчиго" цере рукIарал генсеказда данде къеркьараб халкъалъ.

Горбачев лъугьана улкаялда лъугьараб щинаб квешлъиялъул бетIерлъун. Афгъанистаналдаса рачIунел рукIарал жаназаби къотIизариги, къватIисел улкабазде нухал рагьиги, эркенаб базар биччайги, лъикIаб къайи бачIинги, инсан бечелъизе рес кьейги, рагIуе, ишазе, хIалтIуе эркенлъи кьейги, гьеб кинабго гIаламалда кIочана.

Гьеб гьесул тIокIлъи рагIуларо. Гьеб жибго бижун бачIун рагIула гьадинго. ТIурал биял, мискинлъи, кризисал, кинабго квешаб щинаб гьабун буго Горбачевас. Гьединаб хасият буго инсанасул. Кидаго жив эркенлъиялдаса махIрум гьабулев, чIвалев, хъолев зулмучи кIодо гьавула, гьеб эркенлъи кьурал хIаларо. Жакъа, 2 марталда гьавуралдаса 85 сон тIубана Михаил Горбачевасе.

Халатаб гIумруги, гIемерал соналги кьейги гьев ракI гIатIидав инсанасе. Гьес жиндир гIумру ва цIар къурбанлъун гьабуна улкаялъул букIиниселъе гIоло. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG