МагъчIваялъе рес

ГIурхъи лъангутIи ва рахIат балагьулаго батулеб гIазаб


Жакъа цо-цо рокъоб кIи-кIи, цо-цо мехалда хъизамалъул щивав чиясул бугеб жо лъугьана автомашина.  Щиб гьабизе ал росулел аб хIалалъ?

СагIаталдасаги заман бана Ярагъиясул къватIалъул бетIералдаса Данияловасул къотIнове машинаялда щвезе. Кинабго шагьар чIун бугин ккола читIир гьабун цоцада хадур чIарал автомобилазулъ. Щиб жоха жакъа автомобиль кколеб? Жакъа цо-цо рокъоб кIи-кIи, цо-цо мехалда хъизамалъул щивав чиясул бугеб жо лъугьана автомашина. Щиб гьабизе ал росулел аб хIалалъ? Жидеего санагIаталъеян росулел руго киназго. ЦIаралъе гуро, жакъа кигIан кутакаб автомашина бугониги дуда щивниги гьелъ хIикмалъизавизе кIоларо. Машиналъ хIикмат гьабулаан СССРалъул заманалда ва ракъарал 90 абилезда. Жакъа гьел росулел руго санагIалъиялъе. РекIун рулалда нахъа мунго кколелъуве инеян. Гьедин рекIани рахIатго ва санагIатго букIунин ккун буго гIадамазда. Щибха алъул ккараб? Щиб алъул ккарабали цодагьаб гъоркьегIан батила нужеда.

Нилъеда лъалеб жо буго ТIадегIанав Аллагьас гьаб бакъул дунялалда бижан щинаб жо цо сабабалъе ва хIисабалъе бижун буго. ГIадада щибниги бижичIо. Гьелъие мисал. Инсанасухъе камилаб гIелму щвелелде цо пуланаб пачалихъалда тIагIинарун руго бацIал, гьездаса боцIиги гIалхул рухIчIаголъи: гIанкI, цакьу, ритIучI гIадал чундул цIунизе. Чанго соналдаса байбихьун буго чундул хвезе, хIасил калам иш ккун буго тIубанго гьел тIагIиналде. ГIелмуялъ чIезабун буго гьел бахунеб унтуца холел рукIин. БfцIал ругеб мехалда унтан щинаб гьезухъеги щун чIагоял, рацIцIадал рехъаби гIолел рукIун руго. Гьелдаса баккун буго бацI, цIум, гъалбацI гIадинал чан гьабун цогидаб жо чIвалеб рухIчIаголъиялда тIабигIаталъул санитарал абураб цIарги. БичIчIун буго гIаламалда гIадада щибниги бижун гьечIолъи.

Кинабго аб дунял, рухIчIаголъи, инсан ва гьесул хIаркаталъулъулъ цояб цоялда бухьун букIин. Дица гIажаиблъи гьабулаан Аляскаялда лосось ччугIа кколел циял рихьараб мехалда. Гьезие гьеб квен щолеб бугеб гьарзаго ва гIемер бихьун. Гьелдасаги хIикмалъи гьабуна лососалъул икраялдаса I00 проценталде гIагарун тIинчI бахъулин, цо ччугIица 300 тIинчI кьолин цIалигун. Гьебго щинаб бугеб ччугIица цо-цоялъ 300 кьуни гъол кир гьунел абун хIисаб гьабуна. Гьел рукIун руго тIинчI тIамурабго эбел холел жал. Гьединлъидал рекъон ккун руго тIабигIаталда лъагIел бан гъол хвейги, гьарзаго цияз кванайги, цо-цоялъ 300 тIинчI биччайги. ТIабигIияб гармония ва баланс.

Гьебго букIинарищха инсанас гьабулеб щинаб жоялда хурхунги. Масала, ХХ гIасруялъул байбихьуда Таргъуялъул ахалъудаса ралъдал рагIалде габур хIуларал ганшаз цIалеб гьакида рекIун вачIунев чияс 40 минут балеб букIун батани, жакъа 270 чол къуватги, сагIаталда жаниб 280 километра толеб хехлъиялъул иномарка автомашинаги бугев лебалав гIолохъанчи гьебго манзилалда щолев вуго гьебго 40 минуталда жанив. СагIаталда жаниб 8 километр толевги, 280 километр толевги щай 40 минуталда жанив щолев? Щай гурелъул хехгоги рахIатгоги щвезе бокьанщинас машинаби росун, гьел гIемемерлъун, цоцада хадур иргаялда чIун ва нух щоларогоха. Щванищха нилъее хехлъи ва рахIатлъи? ЩвечIо. Щай? Щай гурелъул гIаламалда гьабулеб толелъул гIурхъи лъаларого. Щивас жиндир лага-черхалъул гуреб жамгIияталъул ва хадуб букIунелъул пикру гьабичIого. ГIурхъи лъангутIиялъ ва тIабигIаталда гьоркьоре лъугьун бацIал чIваялъ, бацIалги чундулги цадахъ тIагIарал гIадин, гьанирги гIедегIиялъ хIинцго щолел руго гIадамал.

Кинабго жо цоцада бухьараб букIун буго дунялалда. ГIурхъи цIуничIони гIедегIарав кватIула, гIорцIарав вакъула, воххарав пашманлъула, бечедав мискинлъула. Цо цо мехалда бечелъигун чиясе дуниялалда берцинлъиги, роххелги, рахIатгун хIалхьиги щоларо. Щай гурелъул ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналдаги, жинда салам лъеяв аварагас ХIадисалдаги гIемер рехсолеб буго гIурхъи цIунизе ккеялъул сундулъго. Гьелдаса арабго нилъеца балагьулебги батулебги жо гIаксалда ккола, батIи-батIияб букIуна. Аллагьас ритIараб нухда тIоритIайги киналго. Хабаралги лъикIал рагIайги.

=======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG