МагъчIваялъе рес

Дербенталъул салафиязул имам ккун вуго


ХIусенов ХIажирасулил хIакъалъулъ

Талат къоялъул къад Дербенталда бугеб аэропорталъулилан абулеб салафиязул мажгиталъул имам 54 сон барав ХIусенов ХIажирасул полициялъул бутIаялде ахIун вуго. Гьесда тIасан Дербенталдаса ХIамидова Мадинаца гIарза хъван буго имамас мажгиталда жаний тIамун йикIанин, гьес жинда хIал гьабизехъин букIанин.

Гьебго гIарзаялда Мадинаца хъвалеб буго имамасе жий Сириялде ДАИШалде йитIизе къваригIун букIанилан. 10 февралалда ХIажирасул эркен гьавейилан тIалаб гьабун шагьаралъул полициялъул бутIаялда цере 300 ялдаса цIикIкIун чи вакIарун вугин лъазабулеб буго дербенталъулаз.

ХIамидова Мадинал рагIабазда рекъон цин ХIусеновас гьелда абун буго жиндир лъадилъун йикIайилан, гьелъ инкар гьабидал нухдасан ккун ячун гьейги гьелъул ункъго сон барай ясги аэропорталъулилан абулеб салафиязул мажгиталъул цо рокъой жаний тIамун йиго, кодоса телефоналги рахъун.

Жий мукIур гьайизе къваригIун букIанин гьесие, гьеб рокъоб хIал бихьанила гьес жиндида хIал гьабизейилан хъвалеб бугоХIамидовалъ. Гьединго гьей ясалъ баян гьабулеб буго имамасул лъудбузулгунги жиндир гьудуллъи букIанила, цо къоялъ гьес цIеханила жиндида дур паспорталда мун кий гIумру гьабун йигин хъвай-хъвагIай гьабун бугебилан.

Гьеб щиб гьабизейилан цIехараб мехалда гьес абунила дуе къватIисел хIукуматазде ине рес кьолеб паспорт гьабизе къваригIун бугин. Гьединлъидал жиндир цояй лъадигу цадахъ мун гьеб паспорт гьабизе ине кколин, гьелдаса хадуб Сириялде йитIизе йигин мунилан.

Гьелъ бахчун букIараб жиндирго цояб телефоналдасан полициялде ахIун хадуб, гьез эркен гьаюн йиго Мадинаги гьелъул ясги.

Имамас гьей ясалъ хъварабщиналдаса инкар гьабулеб буго. Гьес жиндирго гIарзаялда хъвалеб буго гьей росасдасаги ятIалъарай лъималги ругей, ресукъай гIдан йикIанилан. Гьей чанцIулго кумек гьарун мажгиталде ячIун йикIанилан. Кидаго гьелъие кумекги гьабулеб букIанила жиндица, гьелда хIал гьабизехъин букIанин аби гьебги гьереси бугилан.

Гьейго гIадал ресукъал гIадамазе кумек гьабиялъе хIалтIизабизе бугеб мажгиталъул I00 азарго гъурущ букIанила гьениб, гьелда тIаса 50 азарго гъурущ тIагIун батидал гьеб гьей Мадинаца босиялда щаклъи букIанила жиндир. Гьеб суал роцIцIинабизелъун ахIун йикIанила гьей мажгиталдейилан хъвалеб буго ХIусенов ХIажирасулица.

Имам ккураб къоялъул къасиго гьесул рахъккуразул нусгогIан чи гьев эркен гьавейилан тIалаб гьабун Дербенталъул полициялъул бутIаялда цере ракIарун рукIун руго. Полициялъулаздаги гьездаги гьоркьоб тунка-гIусиги ккун буго. Гьел нахъе гъолаго низам цIунулез чанцIулго эхедегицин кьвагьун буго.

Гьеб аэропрталъул мажгит полициялъулаз сверун ккун бугин рагIидал гьел гIадамал гьенире ун руго. Мажгит къалебин гьезилан хIинкъун рукIанин жалилан лъазабулеб буго гьез. Мажгиталда чIухь бан буго низам цIунулез, щибниги къануналъ гьукъараб жоги батун гьечIо гьениб. Нолъго къватIиве виччалин абун букIарав имам жеги полициялдаго вуго.

Гьесие экркенлъи тIалаб гьабун арбагI къоялъул къад Дербенталъул полициялъул бутIаялда цере 300 ялдасаги цIикIкIун чи вакIарун вугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дербенталъул цIех-рехалъул идараялъул вакилас. Гьесул гьариялда рекъон гьесул цIар рехсолеб гьечIо. Гьединго гьес бицана имамасде жеги гIайиб гIунтIизабун гьечIиланги.

ЦIех-рехалъул хIалтIухъан: «Гьев имам туснахъ гьавиялъул къагIида диваналъ метер тIаса бищизе ккола. Къануналда рекъон чи ккуралдаса лъабго сордо-къоялда жаниб къотIизе ккола гьеб хIукму. Гьаб сагIат жеги гIайиб гIунтIизабун гьечIо гьесде.

Россиялъул къануналъул чи эркенлъиялдаса махIрум гьавиялъухъ тамихI бихьизабулеб бутIаялда рекъон такъсиргьабиялъул иш рагьун буго гьесда. Гьей ясалда хIал гьабизе хIалбихьиялда хурхун жеги такъсир гьабиялъул иш рагьун гьечIо.

Гьелъ гьаб сагIат цIех-рехалъул идараялда кинабго баян кьолеб буго. ХIажирасулица имамлъи гьабулеб мажгит къан гьечIо, амма гьенибги полициялъул бутIаялда аскIорги гьаб сагIат гIемер низам цIунулел руго. Шагьаралда гьел митингчагIаз гIадлу хвезабичIого букIине чIезарун руго гьел гьенир».

Дербенталдаса журналист ХанмухIамадов МухIамадица рикIкIунеб буго ХIажирасул ХIусеновас гьей ясалда хIал гьабизехъин букIанин абураб жо гьереси бугилан. Къуваталъул идарабазе некIого къазе къваригIун букIанила гьеб аэропорталъул мажгитги, гьев имам кквезеги багьана балагьулеб букIанила гьезилан бицана журналистас.

ХанмухIамадов МухIамад: «Гьеб буго къуваталъул идарабаз лъикI хIадурун ургъунго гьабураб иш. гьезз чанцIулго лъазабун букIана гьев ХIажирасулица гIолохъаби Сириялде ДАИШалде рахъизе ритIулел ругилан.

Гьеб мажгит къайин ва гьев туснахъ гьавейилан гьел гIолохъабазул эбел-инсуца тIалъиялде хитIабалги гьарун рукIана. Амма гьеб гIайиб имамасда чIезабун бажаринчIо низам цIунулезухъ.

Гьединлъидал гьей ясги ургъунго гьесухъе хьвадизаюн, гьев гъоркье реххизе гьабураб иш бугин кколеб буго дидани. Щиб гIайиб гьесде гьабуниги, руччабазда хIал гьабулев чи вугин гьевилан абураб жоялда божизе бачIунаро. Хасго гьесул чанго чIужуги йиго».

Гьев ккурав имамасул цояв вас изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кьерулъ вукIун, полициялъулаз гьесул автомобиль чIезабураб мехалда гьес жинцаго гранатаги кьвагьун Дербенталда кIиго соналъ цеве хвана. Гьесул гьитIинав вас Сириялда ДАИШалда вахъулев вугин лъазабулеб буго хасал идарабаз.

XS
SM
MD
LG