МагъчIваялъе рес

Россиялъул бищунго "насранияб" шагьар-Липецк, бищунго "бусурманаб"-МахIачхъала


Москваялда КIалбиччанкъоялъ как балел бусурбаби, 17Июл2015
Москваялда КIалбиччанкъоялъ как балел бусурбаби, 17Июл2015

Россиялъул кинал шагьаразда кинаб диналъул рахъ кколел цIикIкIун ругел?

Россиялъул ХIукуматалда цебе бугеб Финансазул университеталъул социологиялъул департаменталъ гьабун буго Россиялъул гражданазул гIумруялде гъорлъ диналъул асар кигIанасеб бугебин абураб цIех-рех. Россиялъул чIахIиял шагьаразда, гIалимзабаз, жидецаго ургъараб методикаялда рекъон, тIатинабун буго ГIисал дингун Исламалъул асар гьениб кигIан бугебали.

Гьез гьединго лъазабун буго мажусиял (язычники) бербалагьиял кинал шагьаразда цIикIкIунеб бугебалиги.

Россиялда ГIисал диналъул тIалабал тIуразарулел гIадамал бищунго гIемер ратун руго Липецк шагьаралда. Хадур руго Курск, Саранск, Москва, Белгород, Воронеж, Тамбов, Рязань, Ульяновск ва Калуга гIадинал шагьарал.

ХIисабалде босун буго гьеб диналде бугеб интерес, килисаязул тадбиразда гIахьаллъи, динияб литература цIали, культуриябгун динияб гIумруялъулъ гIахьаллъи, рокъоб яги хIалтIуда динияб литература яги иконаби рукIин.

ЦIех-рехалъул автораз абулеб буго Россиялъул чIахIиял шагьаразда цIикIкIун ругин ГIисал диналъул тадбирал тIоритIулел чагIийин. Амма гьезиего тIатун буго жал диниял чагIи ругин рикIкIунезул цIикIкIараб бутIаялъ хъанчал ран ругониги, рокъоб динияб литератураги лъун, иконабиги ран ругониги килисабаз тIоритIулел тадбиразде гьезулги 12% гурони хьвадулареб букIин. ГIисал диналъул кьочIолал гIакъидаби абуни гьезул 10% гурони лъалебго гьечIо.

Россиялъул бищунго бусурбаманал шагьарал руго:

1. Махачкала 2. Грозный 3. Казань 4. Набережные Челны 5. Уфа 6. Стерлитамак 7. Ставрополь 8. Астрахань 9. Нижневартовск 10. Доналда бугеб Ростов 11. Ульяновск 12. Сургут 13. Симферополь 14. Владикавказ 15. Москва 16. Оренбург 17. Гъоркьияб Новгород 18. Магнитогорск 19. Тольятти 20. Самара.

Гьел сияхIаз бихьизабулеб буго Москва кIиябго диниял традициязул центр бугеблъи. Гьениб гIумру гьабулев 13 млн. чиясул 8.5 млн. чияс абун буго жал православиял христианал ругин. Гьеб кколеб буго халкъалъул 67%. Жал христианал ругин абуниги гьезулги цIикIкIунисел килисабазде хьвадулел чагIи рагIуларо.

Гьединго Москваялда гIумру гьабулеб буго кIиго миллионгIан бусурманчиясги.

Россиялъул ХIукуматалда цебе бугеб Финансазул университеталъул социологиялъул департаменталъ гьабураб цIех-рехалъ бихьизабун буго Россиялъул чIахIиял шагьаразда цIияб мажусиязул къадарги цIикIкIунеб букIин. Гьел кколел руго цере рукIарал мажусиял динал цIигьарун яги цIиял батIиял гIуцIун гьезда хадур рилъарал чагIи. Гьезул цо-цояз цере лъолел ругIула некIо-гIурусазул, ГIисал диналда цере рукIарал мажусиял динал цIигьари.

Амма гьебго заманаялда цIех-рехчагIаз абулеб буго гьел мажусиял динал цIилъулел рукIаниги гьезда хадур рилъунезул къадар гIемераб гьечIин ай 0.2%.

ЦIиял мажусиял гIемерал шагьарал рагIула гьадинал:

1. Амуралда бугеб Комсомольск­ 2. Ставрополь 3. Белгород 4. Магнитогорск 5. Стерлитамак 6. Липецк 7. Кострома 8. Новороссийск 9. Таганрог 10. Тула 11. Тамбов 12. Ульяновск 13. Калуга 14. Астрахань 15. Симферополь 16. Йошкар­Ола 17. Курск 18. Гъоркьияб Новгород 19. Саратов 20. Краснодар

Гьел сияхIазда бихьулеб буго чанги шагьар кIиго яги лъабабго сияхIалде унеблъи.

Исламгун насранияб диназул гIадамал Москваялда ратани, насраниялгун цIиял мажусиял рагIула — Липецкалда, Калугаялда, Курскалда, Белгородалда ва Тамбовалда. Бусурбабигун цIиял мажусиял ратун руго Ставрополалда, Астраханалда, Симферополалда, Гъоркьияб Новгородалда ва Магнитогорскалда.

Лъабабго сияхIалде гъорлъе араб цого-цо шагьар батун буго Ульяновск.

Россиялъул ХIукуматалда цебе бугеб Финансазул университеталъул социологиялъул департаменталъ гьеб цIех-рех тIобитIун буго 250 азаргоялдаса цIикIкIун чияс гIумру гьабулел шагьаразда. Этникиял ва конфессиязул суалал цере лъолел рукIун гьечIо автораз. ЦIех-рехалда аслияб куцалда гIахьаллъун руго насранияб диналъул жал ругин абурал чагIи.

Гьел баянал кьолел руго СРЕДА абулеб цIех-рехалъул хъулухъалъ.

XS
SM
MD
LG