МагъчIваялъе рес

"Инхоса ГIалихIажи - магIарулазул хIикмат"


Инхоса ГIалихIажи
Инхоса ГIалихIажи

МагIарул чияли чанги вагъана, Чол кьолода жаниб мусруги бухьун...(Инхоса ГIалихIажи)

Нилъеца цебесеб макъалаялда абухъе аваразул шигIру-кечI букIана гIицIго кIиго темаялда - рокьулги кьалулги. РукIана магIаби, битIахъе гъаргъар базабулел. РукIана бакIидарахъиналъул кучIдул. РукIана жеги гъасда саринал, махсародул кучIдул, социалиял темабазда реххулел рагIаби, кицаби, абиял, маргьаби, ай кIалзул гьунаралъ цоцахъе кьун цIунулеб щинаб жо.

РукIана жеги исламиял гIелмуялъул шагIирзаби: ГIаймакиса Абубакар, Кудалиса ХIасан, ГьаракIуниса СагIид гIадал чагIи. Гьезул киназулго шигIру-кечI букIана цоцада релълъараб. Аслияб пикруги букIана мун дунялалъ гуккизе чIоге, хвалие хIадурлъе, витIун хьваде, Аллагьасукьа хIинкъа абураб магIнаялъул. Гьел кучIудузул цо гIунгутIи букIана - гьел гьижабазул къадаралдалъунги, чваххиялдалъунги, хъвараб къагIидаялдалъунги цоцада релълъарал рукIана.

РукIана кьалул кучIдулги. Хасго гIемер гьел рукIана лъабкъого соналъ къараб рачел чучичIеб, ругънадаса бидул чIорто бахъичIеб миллаталъул гьунарал кIодо гьарурал. БатIияб кечI гьукъун букIана. Унеб букIана кIудияб ва халат бахъараб рагъ, ХХ абилеб гIасруялъул поэтас хъвавухъе: "гIемер накIкI букIана канлъи букIинчIо, гIемер как букIана, кучIдул рукIинчIо". Рокьул кучIдузде нух букIинчIо абураб магIнаялда.

БитIун имаматалъул гуч бугеб мехалда, 1845 абилеб соналъ ТIад Инхо ГъазимухIамад абурав магIаруласе гьавуна вас. ГIали абун цIарги кьуна. ГьитIинго гIелму малълъун гIадамалъеги вахъана. КIицIул ХIежалде ун ГIалихIажи Инхоса абураб хIурматияб цIарги щвана. Гьес хисизабуна тIубанго чваххи авар кечI хъвалеб ва ахIулеб къагIидаялъул. Цебе цохIо тIалкъеналъул лугъаталда ва стилалда рикIкIун ахIулел назмаби рукIун ратани, асда кIвана цIияб нух батизе. ГIалихIажица хъвана гъваридаб философиялъул инсан, тIабигIат, хвел, авалгун ахир, гIадада риччарал къоязухъ ракI бухIи, гIумруялъул магIнаялда тIад чи ургъизе тIамулел асарал. Лъицаниги цебехун гьаб къагIидаялъ хъвачIо аваразул шигIрияб тарихалда:

ГIелмуги гIамалги гIодила буго,

ГIадада рогьарал гьарзаял сардахъ.

Сардалги къоялги къварилъун руго,

РукIкIанин, рогьанин, багьа гьабичIин...

Гьел рукIана кигIан камилал ругониги дагьал чагIаца гурони цIалуларел кучIдул. Гьесие машгьурлъи щвана ва халкъалъухъе нух бахъизе кIвана сатириял кучIдуца, социалиял темабазул, мискинлъи бечелъи бихьизабулел, инсанасул хъантIи, динги хIалае ккун квен балагьулел гIадамал къватIир чIвазарун. Советияб заманалда ГIалихIажидаса атеист къачIалаан гьел кучIдул сабаблъун, гьелъул гIаксалда гьес ислам цIунана хъублъиялдаса. Гьелда жанир ругел рацIцIадал гурел чагIи къватIир чIвазарун.

ХIажизаби абула, хIамил рачIчIал речIчIаял,

Бадал тIалаб гьабиялъ хьитал жидер тIутIурал.

Гарбал цIвакал абула, гарбал жидер къотIаял,

КIазал хъахIал рихьани, гьезда хадур рортулел.

Къадизаби абула, къанабакь хехго лъеял,

Жо гьечIев къезавулел, къолоч бергьинавулел...

Гьале доб халкъалъухъе нух батараб шигIру, цIияб лугъат, цIияб пикру ва рагIи. Гъазаваталъул ва имамзабазул рахъалъ хъвараб ГIалихIажиясул назмуялъ нилъ жакъаги хIайран гьарула:

МагIарул чияли чанги вагъана,

Чол кьолода жаниб мусруги бухьун...

ХIХ абилеб гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда магIарухъ машгьурлъана аваразул классикияб шигIру-кечIалъе кьучI лъурав камилав рагIул устар Инхоса ГIалихIажи. Алфазал, назмаби, мавлидал, философияб магIнаялъул кучIдул, гъазабаваталъул шигIру, гIужилаб сатира, рокьул кучIдул. Киналго рахъалъа тIуварав, цIуварав, жинда халкъалъул пикрабазда тIад рагIудалъун ханлъи гьабизе кIварав шагIир. Диегони гьесул рокьул кучIдузго цIикIкIун асар гьабула. Гьелъие гIиллалъунги батила, социалиял темаби, сатира, гъазаваталъул шигIру заманалда ва бакIалда бухьараб жо гьечIищха? Хъвараб мехалъе актуалияб. ЦохIо рокьи хутIулеб буго киналго заманабазул хвел гьечIеб асарлъун. Гьеб темаялдаги буго ГIалихIажил жиндирго хатI, хутIараздаса ватIа вахъизе лъалеб:

Макка-Мадинаялда мукъур сурмияб микки,

Сабру лъугIун буго дир дуда бер чIваралдаса.

Мисриялда бижараб багьа тIокIаб чамасдак,

Чорхол рухI тIагIун буго тIокIай мун лъаралдаса...

ТIокIабги камилго кинха абилеб? Доб заманалда абизе ресго букIинчIо. Хадур загьирлъана, ЧIанкIайила, МахIмудила абун цо чагIи, гьезул хаслъабазул хадуб бицина.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG