МагъчIваялъе рес

Буйнахъскалда ГIусмановасул рахъ ккуразул митинг

Буйнахъскалъул администрациялъул минаялда цебе 5 февралалда гьабизе течIеб митинг тIобитIана гьелда аскIоб. Гьениве вакIарун вукIана 1000-1500-гIан чи. ГIадамаз загьир гьабулеб букIана жидер шагьаралъул мэрлъун Дагъистаналъул нухмалъиялъ тарав ГIамиров Закарьяда жидерго разилъи гьечIолъи ва тIалаб гьабулеб букIана бакIалъул рищиязда бергьараб "Ветераназул партиялъул" кандидат ГIусманов ГIусман гьенив тейин. Митингалдаса суратал кьолел руго МахIмудова ПатIимаца.

Цойги

XS
SM
MD
LG