МагъчIваялъе рес

Мажгит цIунун 5000 чи вахъун вуго Хасавюрталда къватIазде


Хасавюрт, 1Фев2016
Хасавюрт, 1Фев2016

Хасавюрталда къан буго салафиязул абулеб мажгит

31 январалъ Хасавюрт шагьаралда полициялъулаз къан буго салфиязуллъун рикIкIунеб мажгит. 1 февралалда Хасавюрталъул салафиял цогидал мажгиталда ракIарун, хIукму гьабуна шагьаралъул администрациялде ун, къараб мажгиталъул кIулал тIалаб гьаризе.

Хасавюрт шагьаралда «Северная» цIар бугеб мажгит къан буго низам цIунулез 31 январалъул маркIачIул гIужалда. Социалиял гьиназда Хасавюрталдаса гIадамаз тIибитIизабуна иформация, гьеб бакъанидаялдаса полициялъулаз сверун ккун бугин. МаркIачIудехун мажгиталда сверухъ бакIарун букIанин кIудияб къадар гIадамазул ва полициялъулазулин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе гьеб мажгиталде хьвадулезул цояв Ризван Ризвановас.

Ризван Ризванов: «Сон нижехъе щвана информация, мажгит къазехъен бугилан. Ниж гьенире ана ва цогидал, мажгиталде хьвадулел гIадамал, ракIарана гьенире. Цин гьенир дагьаб къадар гурого букIинчIо низам цIунулезул, амма гIадамал гIемерлъидал, гьенир полициялъулазул къадарги цIикIкIана. Мажгит сверун ккун, маскаби хураз аскIоре къазе толел рукIинчIо гIадамал. Гьелда кIулал рана. Цинги нижеца хIукму гьабуна, рагъ-кьал ккечIогон букIиналъеги цогидаб мажгиталда ракIаризе. Гьенибго, «Восточная» абулеб мажгиталда ракIарун хIукму гьабуна тIоцебесеб февралалда къаде какдаса хадуб жамагIаталъ данд базе хадусел галаби кинал рукIинелали. Ниж нахъе ун хадубги, гьеб мажгит сверун ккун полициялъулал тун рукIана гьенир».

Хасавюрт, "Восточная" мажгит, 1Фев2016
Хасавюрт, "Восточная" мажгит, 1Фев2016

ТIоцебесеб февралялда къаде какде Хасавюрталъул «Восточная» мажгиталде азаргоялдаса цIикIкIун чи вакIарун вукIанин лъазабуна гьенив вукIарав ГIабдулмуъмин ХIажиевас. Гьенире ракIарун руго гIицIго Хасавюрталдаса гурелги, МахIачхъалаялдаса ва цогидал бакIаздаса салафиял.

Мажгиталъул имам Сильдиса МухIаммад Набица ракIараразда лъазабуна гьеб мажгит жамагIаталъ бараб бакI бугин ва жамагIаталъ тIамулел галаби къанунияб куцалда тIамизе кколин, гIадамазда салафиял къануналда данде ругел, къанунал тIаса рехулел чагIи гурел, бусурбаби рукIин бихьизабизе.

МухIаммад Наби: «Кинал галаби тIамулел ругониги, гьел тартибалда ва низамалда тIамизе руго. Дица шагьаралъул администрациялде чи витIизе вуго. Лъихъ ратаниги, гьеб мажгиталъул кIулал кьейилан абизе чи. Гьеб мажгитги рагьун, бакъани как гьениб базе букIине. Руго диналда бихьизабураб, чи нахъе къазе кколелги, нахъе къазе бегьуларелги бакIал. Гьеб мажгит гьабурал, гьеб барал чагIазухъа нахъе бахъун гьеб къараб заманалда, нилъер ихтияр гьечIо нахъе къан рукIине. ГьабсагIаталда гьедин абиялъе гIиллаги буго, гьеб тIоцебебсеб ва ахирисеб гуреблъи, гьелдаса цебе, чанго къоялъ цебе къана Шамхалалда бугеб мажгитги. Щиб ва кин мажгиталда гьабилебали бараб буго гьеб бараб жамагIаталда. Гьез гьабизе ккола хIукму».

Хасавюрт, "Восточная" мажгит, 1Фев2016
Хасавюрт, "Восточная" мажгит, 1Фев2016

Какдаса хадуб, цо къокъа гIадамазул мажгиталдаса Хасавюрт шагьаралъул администрация бугеб рахъалде ун буго, бачIиндаго дагьал чагIи рукIанин лъелго марш гьабун унел, дагь-дагьккун кIудияб къадар гIунин. КъватIазде рахъарал гIадамазул къадар цIикIкIараб бугин, чанго соналъ цебе МахIачхъалаялда, ГIурус театралда цебе букIараб демонстрациялда ракIарал гIадамаздасагийилан хъвалеб буго гьенив гIахьаллъулев Расулица, Фейсбукалда.

Хасавюрталда «Северная» цIар бугеб мажгит къаялъе низам цIунулез кIиго гIилла бачунеб буго: ТIоцебесеб, гьеб мажгит бараб ракьалъул документазул хал гьаби тIобитIи, гьел хIакъиъкиял ругищали хал гьабизе. КIиабилеб - гьабсагIаталда мажгиталъул имам гьечIолъи. «Северная» мажгиталъул вукIарав имам араб соналъул декабрь моцIалда туснахъ гьавун вукIана, кодоб ярагъ батиялда бан. Хасавюрталда къараб мажгит кколеб буго ункъабилеб салафиязул мажгитлъун, Дагъистаналда къалеб бугеб. Цебеккун, 29 январалда Шамхал поселекалда бугеб салафиязул мажгит къан буго. «Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон, , республикаялда имамзаби Дагъистаналъул муфтияталъул вакилзаби кколарел мажгитал къазе амру буго тIасан.

Хасавюрталдаса щварал ахирал баяназда рекъон, тIоцебесеб февралалъул бакъанидехун, Хасавюрт шагьаралъул администрациялде цере ракIарана къватIире рахъарал гIадамал.Салафиязул вакилзабигун данчIвана шагьаралъул тIалъи.Гьеб дандчIваялъул хIасилалда «Восточная» мажгиталъул имам МухIаммад Набихъе кьуна къараб «Северная» мажгиталъулкIулал. Мажгиталъул рахарал нуцIби рагьанин,лъазабуна мажгиталде хьвадулез.

XS
SM
MD
LG