МагъчIваялъе рес

2. Араб соналъул хIасилал. Россия


2015 сон цIакъ захIматаб букIана гIемерал россиялъулазе. Экономика рецессиялъулъ гъанкъана. Нарт учузлъана ва гьелъул хIасилалда гъурущ бортана бищун гIодобегIанаб даражаялде. Россия унго-унгояб изоляциялда хутIана.

Евроцолъиялъги Америкалъги - Россиялде, ва жаваб хIисабалда Кремлалъ - Магърибалде санкциял лъазарун хадусала Россиялда нигIматал ва батIи-батIияб къайи хиралъана. Эркенлъи радиоялъул мухбирзабаз гара-чIвари гьабуна цо-цо россиялъулазулгун.

Татьяна Заугольнова ккола косметикаялъул туканалъул бетIергьанлъун. Гьелъ гьадинаб баян гьабуна жиндирго хIалтIул ва гьажесеб ахIвалхIалалъул.

Татьяна Заугольнова: «Дир гIумру, дирго рукIа-рахъиналъул шартIал мисалалъе росани, дида бихьула кин гьел хисанин. НигIматал хиралъана. Хасго ччугIа. КIиго нухалъ хиралъана. Сапар бухьизеги гьанже захIмат буго. КIиго соналъ цебе дида бигьаго кIолаан гIодоркъоязда Европаялде ине. Гьанжейин абуни ургъизе ккола. Хиралъана цIакъ.

Бизнес бачине захIмат буго гьанже. Европаялъул косметика кIиго нухалъ хиралъана. Гьелъул хIасилалда гьеб бичун босулел гIадамалги дагьлъана. Россиялъул косметика бичизе бигьаго буго, щай гурелъул - гьеб учузаб букIиналъул. Амма гьадин бугониги, хайир щолеб гьечIо дие. Октябрь моцIалъул статистикаялде балагьани, хайир къого проценталъ гIодобе ккана.

ЦIиял клиентал цIазе ганже захIмат буго. Щайин абуни кризисалъул шартIазда гIадамал цIиял ишазде цIодорго ралагьула. Дица тIаде бачIунеб соналъул дирго бизнес цебетIеялъул план ургъулеб букIана. ХIасил гьабуна гьитIинаб офис ижараялъе босизе, хIалтIухъабазул командировкаби дагьлъизаризе. Балагьилаха.

Дида ккола кризисалъул бищун захIматаб пара анин. Ва дида ккоухъе дагь-дагь ккун экономикаялъул перестройка байбихьила кватIичIого. ВатIаналда гьарулел продукциялдехун руссине ккола гьанждеялдаса. Россиялъул бизнесалъе лъикIаб стимул щун буго.

Гьел санкциял лъазарун хадусала ва доллар эхеде бахун хадуб къватIисел улкабазул косметика босизегIан Россиялъул косметика бичун босула гIадамаз. Гьеб буго конкуренциялъул шартIазда лъикIаб рес. Дида ккола бигьалъаби рукIине ругин».

Декабрь моцIалъул ахиралда Россиялъул президент Владимир Путиница гъулбас лъуна хIалтIулел пенсионеразул пенсиялъул индексация гьабизе гьукъулеб амруялда гъоркь. Кинал пикраби ругел гьелда бан гIадатиял гIадамазул? Бакъаналъул дарсал кьолев 65 сон барав пенсионер Владимир Скибаца абулеб буго буго жиндир рахIат хун гьечIин ва Россиялда баккараб кризисалъ жиндие гьедегIан кIудияб асар гьабичIин.

Владимир Скиба: «Дида ккола, гьедегIан кутакаб асар гьелъ гьабичIин. Ва дир хIисабалда киналго махшелчагIазда кIола пенсия тун, жидее хайираб иш гьабизе. Масала бакъанчагIи маданияталъул сфераялда хIалтIула ва гьезда кIола цо-цо пайдаял ишал гьаризе.

Дир хиял букIинчIо гьаб гIагардисеб заманалда дирго рукIа-рахъиналъул шартIал лъикIлъизаризе. Ялъуни автомобиль бичун босизе. Кванил сурсатазул багьаялда балагьани, дида кIоларо абизе гьел хираго кканин. ГIемерал тукабахъ хъван буго - Россиялде лъазарурал санкциязе жаваб хIисабалда нижеца учузаб багьа тIад чIезабунин.

Цо-цо жал хираго бугин гьанже, амма гьебги бичIулеб жо гурищ? Масала пихъил багьа кидаго хира букIана. Гьеб гьанже цIакъ эхеде борхана ян абизе дида кIоларо».

Цого мехалъ Владимир Скиба разияв вуго киналго пенсионеразул хIалтIизе рес гьечIолъиялда

Владимир Скиба: «Дир ракIалда руго дол захIматал ункъоялда анцIабилел сонал. Чанги нухалъ захIматал сонал. Дефолтги.

Гьеб гуребги, жеги захIматаб Хрущевасул заманги ракIалда буго. ГIадамал ирга-ирга ккун, чIолел рукIана чед нах ва цогидал тIоцерего хIажатал кванил сурсатал росизе. Гьалеха, телевидениялъухъ гIенеккун, пресса цIалун, гIадамазухъги гIинтIамун дица абила гьаб жакъасеб кризис гьедегIан захIматаб гьечIин.

У, руго къватIабахъ садакъа гьарулел мискинал гIадамал, амма дол ункъоялда анцIабилел соназда рукIарал гьардохъаназул къадар чанги нухалъ цIикIкIараб букIана.

Хьул буго гIумрудул шартал лъикIлъизе рукIиналда. Киналго пенсионеразда кIоларо хIалтIизе, пенсияги кIудияб гьечIо. Дир гIемерал гьудулзаби руго къватIисел улкабазда. Дида гъозул гIумру бихьана ва дида кIола абизе гъозул пенсионияб система щвалде щвараб буго нижер системаялде данде ккун. Гьедин бугониги, дир рахIат хун гьечIо ва дир ракI чIараб буго кинабго лъикIлъизе букIиналда».

Владимир Скибал бербалагиялде данде ккун сакъатав пенсионер Свят Козловас гьедегIан щулияб хьул лъолеб гьечIо Россиялъул хIукуматалда. ГIаксалда, тIадтараз бачунеб экономикияб политика гьес какулеб буго.

Свят Козлов: «Узухъда, экономикияб кризисалъ асар гьабуна. Масала дун вуго пенсионер. КIиго-лъабго соналъ цебе дие щолеб пенсиялъул къадар лъаб-ункънусго долларалде бахунеб букIана. Гьанжейин абуни кризисалъул хIасилалда гьеб гъурщил пенсия нусго долларалде бахунеб буго. Китаялдаго гIадин. Гьединаб дагьаб пенсиягун яшав гьабизе захIмат буго.

Кванил сурсатазул багьа эхеде бахунеб буго. Гьеб гуребги Путинил политикаялде данде жаваб хIисабалда санкциял лъазарун руго. Гьел санкциял Россиялъул халкъалде данде гуреб - Путинил гьудулзабазде данде лъазарун ругилан абулеб букIана. Ва нижер гIумру “ихтилат-кепалда” релъараблъун букIине гIоло Путиница къватIисел улкабазул кванил сурсатал гьукъана.

Нижерго кванил сурсатазулийн абуни, гьел гьечIо, ян абизе бегьула. Гьале гьабсагIат Туркиялъул нигIматаздасанги инкар гьабуни, жеги лъикI букIина. Гьале гьадинаб пашманаб махсаро. Ахир-къад нахъеги талоназул системаялде тIад руссила ниж перестройкалъул заманалдаго гIадин.

Кин абизе бегьулеб кризис гIодобе кколеб бугин, улкаялда ахирисел соназда гIисинаб кризис тIубанго тIагIинабун бугони?

КIинусазаргогIан гьитIинаб бизнесалъул идара къан буго ахирисел соназда. Гьенир нартил ва газил магIданазда цIогьод арал кIудиял олигархазе гурони, тIокIал бизнесменазе бизнес бачине ресал гьечIо. Москва тун нусго километралъул манзилалда кинабго ахIвал-хIал якъинго бихьула. Мискинаб улка, мискинаб халкъ. Нижер гьаниб кризис халатаб заманалда жаниб ,букIине буго».

ЦохIого цо хьул буго сакъатав пенсионер Свят Козловасул – Магърибалъул улкабазул рахIму-цIобалда.

Свят Козлов: «ЦохIого цо хьул буго - мискин халкъалъул гьадинаб ахIвал-хIал бихьун, Магърибалъул улкабаз жидерго санкцияби нахъе рахъиналда. ТIокIаб хьул гьечIо. Амма ниж цойги рагъулъ лъугьине рес буго. Россия Украиналда багъула, Россия Сириялда багъула. Россия Исламияб пачалихъалде рагъ лъазабуна, гьелъги нижеде данде рагъ бачине байбихьила. ХIинкъулел руго гIадатиял гIадамал гьеб рагъ нижер территориялдеги рачине рукIиндал».

28 сон барай Тележурналист Екатерина Кондратьевалъ абулеб буго кигIан захIматаб хIалалда гIадамал ругониги, хьул къотIараб хIал гьечIин гьеб.

Екатерина Кондратьева: «Эхеде борхараб проценталъул кредиталде разилъун, машина босана дица чара гьечIого, цебе 15 проценталъул букIараб кредит бахана къого проценталде. Масала къватIисел улкабазде сапар бухьизе ккани ва гъурущ долларалъухъ ялъуни евроялъухъ хисани, гьеб хисиялъул хIасилалда кодоб кIиго нухалъ дагьлъараб гIарац хутIила дир гьанже.

Амма кванил сурсатазда бан дида гьединаб кIудияб зарал бихьулеб гьечIо. У, буго дир кредиталъул тIадеросиял ва батизе бегьула хасго гьелдалъун дида захIмалъи бихьула.

Батизе бегьула улкаялъул масштабалда захIмалъи бугин, амма дие гьеб кризисалъ бакIаб асар гьабуна ян абизе кIоларо дида.

Дида лъаларо щиб букIинеб. ЛъикIабищ-квещабищ. Амма кризис борхатаб даражаялде бахана ва гьелъул ахир бихьулеб гьечIо».

1.АРАБ СОНАЛЪУЛ ХIАСИЛАЛ. ДУНЯЛ

XS
SM
MD
LG