МагъчIваялъе рес

Гьанкаласул ччугIаги министразул джипалги


"Цониги генералас рагъ бергьунароан солтасул бетIер хIалтIулебани" - ян абурал рагIаби цIалунищ рукIарал, рагIунищ рукIаралали ракIалда гьечIо. Цойги рукIана рагIаби "Василий Теркин" асаралдаса Твардовскиясул: "Шагьарал росула генералаз, тушманасухъе кьола содатаз" абурал. Щай дида жакъа, щамат къоялъул хъвай-хъвагIаялда гьал рагъ-кьалалъул, генералазулгун солатазул рагIаби ракIалде рачIарал?

Рагъуцагун сверухъ кьвагьдолеб дунялалъин тела нужеца. Гуро, дида гьал рагIаби ракIалде рачIана щибниги рагъулгун гIаммаб жоги гьечIого Сулахъ гIурул рагIалда Бавтугъай росулъ хIалалаб магIишат гIезабулев магIарулав вихьарабго. Гьес гIезабулеб бугоан бищунго къиматаб ва тIагIамаб, дунялалъул богогьабаца "къиралзабазул квен" абун цIар лъураб масакI (форель) ччугIа.

Щибха бугеб гIаммаб жо гьадаб генералаз росулел солатаз кьолел шагьараздагун гьаб пишаялда гьоркьоб? Гьадал "шагьарал росулел" генаралалго гIадин щибаб соналъ батIи-батIиял форумазда, данделъабазда, выставкабазда республикаялъул цере тIурал магIишатаз гIезабураб ччугIа, гьан, боцIи, чуял ва анцI-анцI ахихъанлъиялъул ва хурухъанлъиялъул нигIматалги цере лъун жидее рецц балагьулел, гьезие биччараб бюджет бикъулеб чиновниказул къапила буго Дагъистаналда.

"Гьалеха, гьадин бугоха магIишат.." ин абула лъагIалида жаниб цо къоялъ бачидагун ччугIида бер чIварав министрас ракул махI щолареб бакIалда джипалги лъун, горбода галстукги битIизабун тIаде рачIарал кIвар бугел гьалбадерида маг1ишатги бихьизабун. Гьесда дуниял бихьула кабинеталъул яги джипалъул гордухъа.

Гьел чагIи кванаялъе, гьел ретIа-къаялъе, гьезул чукъа-рахьан, хъизан-агьлу, гIагарлъи хьихьиялъе, гьезие ригьнал гьариялъе, МахIачхъалаялда гьундулги Москваялда квартирабиги росиялъе сабаблъун кколел руго ччугIаги, гIакаги, куйги гIезабулел хIалтIухъаби. Выставкабазда рихьизаризе г1ачиги, гьел г1езарулел чаг1иги къварегIунелъул.

Гьедин гIуцIун буго пачалихъалъул системаго. Бищунго гIемер росдал магIишаталъе кIудияб зарал гьабулел чагIи руго росдал магIишаталда тIад хIакимлъи гьабизе тарал чиновникалги, гIарац бикъунгутIизе тарал идарабиги. Гьел чагIи рукIинчIелани, яги гьезда харж гьабулеб гIарац векьарухъанасеги, ахихъанасеги, гIияхъанасеги, тIадеххун бицен гьабулев ччугIа гIезабулев чиясеги кьуни Россия лъугьинаан жибгоги хьихьун къватIиреги нигIматал ричулеб, дунялалда къуватаб продовольствияб пачалихъ.

Кинха бугеб нилъер гьаниб? Хъощнив цIадакьа вахчизе кIоларев вехьги, цIатаригун нах гIоларев механизаторги, бюрократиялъ гъанкъулев фермерги, хIатIазда хIарщ хъвазе гурин, ганч1идаса ганч1иде гали лъун хIисабалда выставкаялда бугеб бече бихьизе вачIунев чиновникги. Гьесда боцIи кIицIул бихьула - выставкаялъе клеткаялда жаниб бугебги, хьагиниса бахъун белъун цебе лъурабги.

Гьелда гьоркьосеб заманалъул х1алт1ухъанасул гIакъуба-гIазабги, бакъ-цIадги, захIмалъабигун мискинлъиги гьесда лъаларо. Гьединал руго гьоркьорлъаби росдал магIишат гьабулезулги гьеб кваналезулги.

ТIад руссинин Сулахъалда ччугIа гIезабулев магIаруласде. Гьанкалав буго гьесда цIар. Гьанкаласул батила анцIгоялдасаниги тонна ччугIил. ГIезеги гьабулеб буго икраялдаса бахъараб чанго килограмм цIайиялде щвезегIан. МахIачхъалаялъул ва Гъизилюрталъул ашбаз-рестораназ ва гьадинго босизе рачIунел гIадамаца унеб буго ччугIа.

Гьесул магIишаталда ругоан гIемерал батIи-батIиял хIавузал, гIисинал, ханидаса рахъарал ккун къватIире кьолезде щун хасал къотIелалгун. Щуго-анлъго къотIелазда бащадаб кIодолъиялъул ччугIби ратана цо бакIалда. Ал ращдал ругеб мехалда гьалгощинал къотIелал щай гьаруралин гьикъана дица гьесда.

- Мискинлъиялъ... рес гьечIолъиялъ - абун велъана Гьанкалав.

- Рес гьечIебани дуца ал гIемер гьарилароан, дагьал гьарилаан...

- Гьел руго, гьудулав чи, СССР биххун хадуб чIунтараб мелкомбинаталдаса гьебго хIалалъ рахъун, учузаб багьаялда щун лъурал жал доб заманалдаго. ТIоцере чIахIиял хIавузал гьаризе рес букIинчIо...

Пайда щибха, цо министрасул, яги заместителасул 5 миллион багьа бугеб джипги бичун кIудиял хIавузал гьаризеани, гьевги гIадатияб машинаялда рекIизавун. Гьеб хIавузалъ анцI-анцI тоннабаца ччугIа кьелаан, джипалъ гIарац бухIилаха ва гьаваялде кIкIуй ина. Бензин бичун щвараб г1арацги уна нилъер республика бахун къват1ибе.

ТIокIабги гIалхулаб капитализм кинабха букIинеб? Гьалдаса ахIмакъаб нухмалъиги ургъизе захIмат буго. НигIматал гIезарулесда тIад ханлъуда гьел кванай гурони лъаларел чагIи толеб мехалда нилъ ккола чияр нигIматазде, ай экономикиял санкциязул къурбаналлъун. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG