МагъчIваялъе рес

АхIмакълъигун хIинкъи - цого гьакида


МахIачхъалаялда имам Шамилил цIаралда бугеб къотIноб Чачан республикаялъул Гудермес районалъул бетIерас автоавария гьабун гIайиб гьечIеб хъизан чIванин тIибитIараб хабарги, Сабиев абулев мавлидазул шоумэнас турказул байрахъ бихъун ахIулеб "аллагьу акбарги" буго нилъер республикаялъул къадруялда хIур ккараб хIужа.

ТIоцебесеб хабаралъ къадру хвезабулеб буго жанив 20 азарго тIад ярагъ барав чи вугеб республикаялъул МВД, прокуратура, цIех-рехалъул комитеталъул. Гьезул цониги идараялъ клищ багъаричIин абизе бегьула гьебгощинаб социалиял сетазда бахIсалги дагIбаялги унеб такъсиралда хурхун. ТIубанго къадру хвана интеренеталда тIибитIараб рулалда нахъа районалъул бетIер Заур Хизриев гурев полициялъул сержант Арсен Армсукаев вукIанин чIезабиялъ.

Гьев полициялъул сержант вугин МВДялъ цIех-рехалъул комитеталде битIун, рулалда нахъа вугеб лахIзаталъ хIалтIуда вукиIнчIин доз тIад буссун битIун рагIула такъсиралъул иш.

Кидаялдаса нахъе ал ракарал полициялъул сержантазул I0 миллион багьа бугел мерседес джипал? Нужеца хIисаб гьабеха гьеб иш цо гIадатияв вехь, рохьдохъан, яги векьарухъанасухъа ккун букIарабани телаандай гьев ва гIагарлъи хIалхьиялда жидер бетIер чIахъаяб танчил агьлуялъ?

Цоцахъа вахъилаан тамихI гьабизе кьеян. Гьеб кинабго "мухIканлъи" , цIодорлъи ва цIулъи гьезул баккана такъсиралда щаклъи бугев чи Чачан республикаялдаса ватиялъ, ай Рамзан Къадировасул аскIосев чи вукIиналъ.

Гьанир ургъунго полициялъулаца такъсиралъул хIужаби рилизаризе тун ругин абурал версиялги руго. ЗагIиплъи батаралъуб зулмуги, къуваталда цебе лагълъиги къо бахъанагIан гIумруялъул нормалъун лъугьунеб буго нилъер заманалда.

ЦохIо нилъер заманалдайинги кинха абилеб, дунял бижаралдаса нахъе бугеб проблема буго гьеб. Цо-цо периодалда цIикIкIуна. Кин букIараб Лермонтовасул "Пашманго валагьула дун дир гIелалъухъ" абураб кочIолъ:

"Къуват загьирлъаралъуб - халлъула ничаб хIинкъи,

ТIадчилъиялда цебе буго инжитаб лагълъи" - ян гурищ?

Гьаб сагIаталда гьел лагъзадерица кIудияб хIаркат бахъизе буго хваразул гIагарлъиялда цебе крутоязул рахъ ккун маслихIатал гьаризе. ЦIализе руго аятал, рехсезе руго хIадисал, малаикасдагIан гIайиб тезе гьечIо гIарцуца ццулъун гIадамал чIварав чи цIунизе.

МаслихIат Исламалъги гIадаталъгибеццараб жо буго, амма гьерсидалъун ва хIакъикъат бахчун гуребха, гIайибалъеги мукIурлъун, Аллагьасда ва гIадамазда тIаса лъугьаянги гьарун.

Цогидаб цIияю хабаралда хурхун. Гьав "Аллагьу Акбаралда" гъоркь бусурбабазул байрахъ бахъулев бахIарчиясул бицинчIониги бегьилаан. Кагътиде восизе гIурав чи гьечIоан. КIалалъ бицунелдаги, квералъ гьабулелдаги балагьун бихьулеб буго гьесул бакIлъи. Гьелго, асие хириял гIурусаца абула гьединаб жоялда: "ТIамейила гIабдал как базе, нодо бекула" - ян. . Мавлид ахIун кваналев асие къеда байрахъ лъил бугониги щиб батIалъи бугебали бичIчIуларо. Бокьаха Россия, гьелде дагIба гьечIо, асие туркал щай? Нус-нус азаргояз ватIан тун къватIир ккарал мугьаджирал къабул гьариялъухъищ?

Мавлид ахIун кваналев асие къеда байрахъ лъил бугониги щиб батIалъи бугебали бичIчIуларо. Бокьаха Россия, гьелде дагIба гьечIо, асие туркал щай? Нус-нус азаргояз ватIан тун къватIир ккарал мугьаджирал къабул гьариялъухъищ?

Сундухъ лъазабулеб бугеб тушманлъи? Дун гьитIинаб мехалда магIарухъ рукIунаан сухъмахънухазда нахъа гьарун бакI-бакIазда хварал умумул ракIалда щвезе, гьезул рухIалдаса дугIа кьезе гьарурал гIарасал - занал. Гьезда гIараб хатIалда аскIобго букIунаан СССРалъул дибирзабаца зонода гъалатIалгун рикIарал рагIабиги: "жЕнда Аллагь гурхIайги" - ян. Гьав бахIарчиги "жЕнда" Аллагь гурхIайги" - ян тани гурони, асул бицун пайда гьечIо. Хабар лъикIаб рагIайги.

-----------------------------------

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG