МагъчIваялъе рес

ХIамилги, харилги, форумазулги, министразулги хIакъалъулъ


Farmer from Dagestan
Farmer from Dagestan

МоцI сверун батиларо СултIанянгъиюрталда росдал магIишаталъул форум тIобитIаралдаса. Гьеб форумалда Гъизилюрт районалъ гьалбадерида рихьизарулел рукIана росдал магIишаталъул рахъалъ жидер бугеб техника, боцIи-панз, чуял, къиматал цIаказул гIунхрул ва гIи-цIани. Гьезул хал-шалги гьабун республикаялъул бетIерас хIасилал гьаруна росдал магIишаталъул хIалтIул, кьуна лъикIазе шапакъатал, гьаруна бадирчIваял квешазе, вахъана хъулухъалдаса министр. ХIасил калам, росдал магIишат буго чIван къотIун пуланаб болжалалде ролъ, хIан, яги гьан гьечIони гьелъул жавабиял хIисаб кьезе тIамулеб отрасль. Гьелъул щай бицунеб бугебали бичIчIила нужеда гъоркьехун бицунелъухъ гIенеккун.

Гьал къоязда Пятигорскиялда тIобитIулеб буго улкаялъул информациялъул алатазул форум, Дагъистаналда абуни Москваялдаса миллиял гьоркьорлъабазул федералияв министрги вачIун тIобитIулеб буго политологический форум.

Гьеле гьеб кIиго форумалъ кьолеб жо, гьелдаса букIунеб пайда яги хайир цIакъ захIмалъулеб буго цебе тIезе. Масала, пуланаб миллаталъул пуланаб редакциялдаса "Коммунизмаялъул бакъ" газеталъул мухбирасе редакциялъ командировкаялъе гIарацги кьун витIула форумалде.

Гьесда Пятигорск шагьаралъул "Интурист" гостиницаялъул жанахIалъул ратула гIумруялъ Дагъистаналда рихьичIеб гIадаб кьер-куцалъул, хIатта цо-цоял хвалил кьер лъурал гIадамал. Ролъул мешокалдаса гьабураб гIадаб тIажуги ретIарал, чIахIиял цIоробералги рарал, гIанкIил тIагъурги лъурал, цо гьесда тIехьалда вихьун вукIарав почтальон Печкиниде рачIарал гIадал гIадамалха.

Гьезул рагъа-ракари, кьер-куц, бицунеб мацI букIуна батIияб. Гьездаго аскIор ратула бихьиназул гIадаб ретIелги ретIарал, хъалиянги бухIулел, дагьаб жоги реххарал руччабиги. ХIасил калам жанахIалъувго гьеб халкъ бихьун вихха-хочарав мухбир уна гьел чагIазда хадув ворта-хъетун форумалде. Дора залалда рукIуна гьадабго жанахIалъуб бихьараб, бихьиналгун руччаби ратIа рахъизе лъалареб халкъ ва президумалда вукIуна чанго костюм тIажу ретIарал гIадамал. Гьез баркиялъул рагIиги абун кIалъазе рахъула батIи-батIиял гIадамал. Мухбирас форумалде вачIинелде цебе жинцаго Анжи базаралдаса босараб хъахIилал жилдал ругеб блокноталда мухIкан гьабун хъвала кIалъазе рахъарал чагIазул фамилиял, цIарал ва хъулухъал.

ТIад вуссараб мехалда газеталда макъалаги бачIуна "Форум тIобитIана" абураб цIаралда гъоркь. Дол Россиялдаса форумалде рачIарал Печкиналги уна моцIие гIураб жоги фуршетазда чохьонибе тIун, гIупабиги рахъун жидер пишаялда тIад руссине. Рес буго гьениб цо-цо къиматаб, цебехун журналистазда рагIичIеб жо малълъизеги, амма гьеб рес цIакъго дагьаб буго.

ГIачи-бачал хьихьиялъул гIелму ва технолгиял малъизе рес буго. Гьеле гьеб журналистика абураб жо малъиялда божуларо, щай гурелъул ботIрониб пикруги, гьеб загьир гьабизе мацIги Аллагьас кьолеб жо буго инсанасе, форумаз малълъун бачIунеб жо гуро. Дун божуларо форумалда гьеб чиясул гIаданиб лъезе кIолин абураб пикруялда.

Гьелдего бачIараб политологический форум абураб жо унеб буго гьал къоязда МахIачхъалаялда. Щиб гьеб форумалъ ва Москваялдаса рачIарал гьалбадерица нилъеда малъилеб?

ТIоцебесеб иргаялда гаргадун гьабулеб жо гьеб батани, гьеб рахъалъ бищунго пасихIав чи ва тIоцевесев политик вуго нилъер республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIипов. Гьесул докладалъухъ гIенеккизе гIадамазе интересги букIуна, гьес тIанчаздаса чIамучIал докладалги гьаруларо, гьес жидир кIудияб политикияб ва гIумруялъул хIалбихьиялдаса гIезегIан бицине жоги букIуна. Рамазаница форумги рагьун цере рачIине руго иргадулал Москваялъулги нилъергоги нунубегал.

ЦIализе руго чIамучIал, гIенеккарал макьиххунел докладал. Гьел докладаца я политикияб ахIвал-хIал, я миллиял гьоркьорлъаби, я экономика ва нухмалъи цебе тIоларо. Гьеб лъугьуна форумалъе гIоло гьабураб форумлъун. Щибха гьабизе кколеб, данделъиго гьабичIогойищха рукIинел абураб суал бачIина гьаниб.

Данделъиялго гьарулел гьечIони щай къварегIун бугеб республикаялъе милллиял гьоркьорлъабазул министерствоги, гIолилазул министерствоги, печаталъулгун информациялъул министерствоги, намсалъулгун диниял гIуцIабазул комитетги, парламентги, анцI-анцI жамгIиял гIуцIабигун гIадада гаргадулел чагIиги абураб суал бачIуна гьаниб.

Гьел киналго хIажат рагIула форумал гьаризе. Форум тIобитIулел чагIи рукIине кколарищ тIубараб федерациялъул субъекталдаян абила гьел тIадехун рехсарал министерствоязул гIадамацаги. Гьаб ахIвал-хIалалъ дида ракIалда вачIинавуна магIарухъ хер баччизе хIама хьихьулев цо мискинчи. Гьесул букIун буго битIун цохIо хIама хьихьизе гIураб гурони хер бачIунареб сага.

- Дуе аб хIамагIаги щибизе? - ян гьикъун буго гьесда мадугьалас.

- Хер баччизеха, щибизе букIунеб хIама?.. - ян ццин бахъун буго асул.

-Хер щибизе дуе?

-ХIама хьихьизе - ян кьун буго жаваб.

Бугелъуб херги тун къварегIарасе хIамаги бичун щай мун вукIунарев дуегоги, хIамиеги, гIадамазеги гIакъуба кьечIогоян абун буго гьесда гIакъилав мадугьалас. Гьелъухъего кколел гьечIищ нилъер министестваби ва форумал, цоял гьечIого цогидал тIураларел. ТIаде жоялъе гьезда харжги гьабулеб мехалда. Хабар лъикIаб рагIайги.

-----------------------------------

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG