МагъчIваялъе рес

Эрменаз геноцидалъул гIайиб Россиялдаги чIвалеб буго


Эрменазул Геноцидалъул Музеялда бугеб сурат: Аскариял - къурбаназул рукьбузда тIад. 1915 сон, Муш вилаят. Дунялалъул тIоцебесеб рагъда Кавказалъул фронт.
Эрменазул Геноцидалъул Музеялда бугеб сурат: Аскариял - къурбаназул рукьбузда тIад. 1915 сон, Муш вилаят. Дунялалъул тIоцебесеб рагъда Кавказалъул фронт.

Туркиялъулгун Россиялъул дагIба багъарун хадусала, цо-цо россиялъул политологаз ахIи-хIур багъаризабуна хасго 1915 соналда эрменазул кIудияб къадар чIваялъул проблемаялда бан.

Гьеб тарихияб хIужа геноцидлъун рикIкIунарел жавабчилъиялде цIазе ккола ян, ахIи балеб буго гIемерал политологаз ва политиказ. Амма жибго эрменазул жамгIияталъ гьаб нухалъ цIодорго гIинтIамулеб буго рехсараб ахIиялъухъ, гьеб политикияб хIайлъун рикIкIулаго. (ЦIале тIубанго)

Нижеца гара-чIвари гьабуна Лос-Анджелесалда бугеб Геополитикияб клубалъул вице-президент, эрменазул диаспораялъул хIаракатчи Эдуард Энфиаджянгун.

Эдуард Энфиаджян: «ТIоцебего гьадин абила: 1921 соналдаса байбихьун Россиялъул тIалъиялъ жигараб къагIидаялъ Туркиялъул Республикагун цадахъ рекъон хIалтIулаан эрменазул суалалда бан. Эрмениялъул блокада гьабиялъул масъала Россиялъул Федерациялъулги Туркиялъулги къватIисеб политикаялъул аслияб приоритетлъун букIунаан кидаго.

Эрменазул темаялда сверун хIаялда щайха ниж разиял гьечIелали гьикъани, дица абила, щай гурелъул гьеб суал хасго гьабсагIат борхинабун букIиналъул.

Эдуард Энфиаджян
Эдуард Энфиаджян

Масала киназдаго лъала щибаб соналъул 24 апрелалдатIолго дунялалда эрменаз ракIалде щвезарулел руго 1915 соналъул геноцидалъул къурбанал. Эрменаз гIумру гьабулел улкабазда тIоритIула демонстрациялги митингалги. Москваялдайин абуни эрменазе кидаго гьукъараб букIана гьадинал митингал тIоритIизе.

ГIицIго анцIго чиясе гурони, тIокIал гIахьалчагIазе изну кьолароан тIадтараз митингалде рачIине. Гьале Туркиялъул вакиллъиялъул минаялда цеве вачIарав гьев анцIго чияс вуцIцIун чIезе кколаан игланалгун кодор.

ИгIланазда тIад ругел хъвай-хъвагIаязулги цензура гьабун букIана цебего. Мисалалъе босани Лос-Анджелесалда, ялъуни цогидал улкабазда гьадинал тадбиразде Туркиялъул Республикаялъ эрменазул геноцид къабул гьабунгутIиялда разилъи гьечIев нусазаргогIан чи вачIула. КIиабизеги, Россиялъул Федерацияги Эрменияги ккола Цадахъаб ХIинкъи ГьечIолъиялъул КъотIи-къаялъул ГIуцIиялъул мушавара-улкаби. Ай, партнерал. Амма гьадин бугониги Россиялъ Эрмениялда бан кьварараб экономикияб ва рагъулаб политика хIалтIизабулаан кидаго. Гьелъул хIасилалда Эрмениялъул халкъ мискинлъун буго.

Гьениб чIезабураб газил багьа Европаялда бищун кIудияб буго. Гьалеха, гьелдалъун бихьула эрмен халкъалде Россиялъул тIадтаразул бербалагьи.

Бегьулищха абизе эрменазул геноцидалъул суалалда хурхараб Россиялъул ракI бацIадаб бербелагьи буго ян? Бегьуларин дида ккола. Гьениб якъинго бихьула нижер темаялда хурхараб политикияб хIай. Ва ниж гьелда разиял гьечIо. Россиялъ эрменазул унго-унгояб тIалаб-агъаз гьабурабани, 1921 соналда Туркиялъулгун гьабураб Карсалъул къотIи-къаялъул денонсация гьабилаан.

Хасго Карсалъул къотIи-къаялъ ахирисеб тIанкI тIамуна геноцидалъул хIасилалда хадуб. Ай Эрмениялъул территория бикьун, цо бутIа Россиялъе, цогидаб бутIа Туркиялъе кьун букIана гьелдаса нахъе. Россиялъул Федерациялъе эрменазул масъала тIубазабизе бокьун батIани, гьеб бигьаго гьабизе бегьула, Карсалъул къотIи-къаялъул денонсация гьабун. Амма Россия гIедегIулеб гьечIо. ГIаксалда, 15-20 соналда жаниб данделъун, доб къотIи-къай халат бахъулеб буго кIиябго рахъалъ».

Лео Бабаханялил тIехьалда хъван буго эрменазул гIемераб къадар чIваялъул гIайиб Россиялдаги бугин. Гьеб букIанин хасго сардар Воронцов-Дашковасул план. Щибха гьес багьанадуе босараб? Эдуард Энфиаджяница гьадин бицунеб буго.

Эдуард Энфиаджян: «ГIусманияб империялда рукIинчIо эрменазул мактабал, гьукъун рукIана миллиял автономиял, культуриял рукIа, мацIазул рукIа, административиял рукIа. Россиялъул тIадтаразда гьеб лъалаан. Гьеб проблемаялъул цIех-рех гьабуна. ГIусманияб империялда ругел эрменазе кидаго бокьилаан жидерго автономия. Россиялъул политиказ хIукму гьабуна гьеб гьезул гъира жидерго пайдаялъе хIалтIизабизе.

Гьересиял рагIаби кьуна гьез эрменазе, нижеца нуж рорчIизарила, кумек гьабила, абулаго. Ва гIемерал эрменал гьелда божун, рахъана.

Туркиялъул тарихчагIаз ва политологаз абулеб буго, эрменал рахъинчIебани турказги гьел чIвалароанилан. Амма букIанищ нижер рес рахъичIого сихI къотIун чIезе? БукIинчIо.

​Эрменал тIокIаб чара гьечIого рагъа-рачарана доб соналда. Россиялъги гьел гьуссинаруна, ассимиляциялъул хIинкъи багьанадуеги босун. Гьелъул хIасилалда Россиялъул империялъе кIудияб пайда щвана.

Гьелъ Туркиялъе гIурхъи тIамуна, регион сверун ккуна ахир-къад. Нужеда лъалеб батила, жиндирго тарихияб ватIаналда эрменазул гIицIго 15-20 проценталъ гIумру гьабулеб буго. Аслияб къагIидаялда эрменал ратула къватIисел улкабазда. Гьеб ккола геноцидалъулги Гурусазулгун-Турказул къотIи къаялъулги хIасил».

Туркиялъул ралъдал рагIаллъиялда тIурун чIарал эрменал.1915 сон
Туркиялъул ралъдал рагIаллъиялда тIурун чIарал эрменал.1915 сон

СУАЛ: Киналго эрменазул цокIалаб пикру бугищ нилъеца дандбалеб суалалда бан?

Эдуард Энфиаджян: «БатIи-батIиял пикраби руго Россиялъул Федерациялда ругел эрменал мисалалъе божула Росссиялъ тарихияб ритIухълъи тIад чIезабизе букIиналда. Руго Россиялъул хIукуматалъул гIарцIул кумекалдалъун хIалтIулел эрменазул гIуцIаби, руго Туркиялъул кумекалдалъун хIалтIулелги. Ва щибаб гьединаб къукъаялъ гIарац кьолел улкабазул интересал цIунула».

Москваялдаса политолог Борис Тумановас абулеб буго эрменазул геноцидалъул суал Россиялъ борхизабулеб бугин эрменазул гуреб - хасго жиндирго политикияб пайдаялъе.

Борис Туманов
Борис Туманов

Борис Туманов: «Дир хIисабалда гьеб буго я магIна, я гIакълу гьечIеб жигар. Амма жибго Эрмениялда ратила гьелдаса кутакалда рохатал гIадамал. Ва гьадинал гIадамаз Россиялъе нахъеги какал разе бегьулин, дида ккола. Амма хIакъикъат гьадинаб буго.

Эрмениялда бугеб Россиялъул бербалагьи дида якъинго бихьула Гъарабахалъул тIубазабичIеб масъалаялда балагьулаго. Кремль цIакъ разияб буго гьадинаб бихха-хочараб ва хIалуцараб ахIвал-хIалалда. Гьелъ паракъатго Азербайжаналъе бичулеб буго цIияб ярагъ. ГIалиевас кIудияб чIухIигун абулеб буго Азербайжаналъул рагъулаб бюджет Эрмениялъул тIубараб бюджеталдаса чанги нухалъ цIикIкIараб бугин.

ГIурхъида ругел щинал тунка-гIуссиялги, Туркиялъ рагъулаб кумек гьабиялда Азербайжаналъ лъолеб хьулги - гьеб кинабго Москваялъ къабул гьабулеб букIана олимпияб паракъаткун. Сан гьабичIого толаан гьадинаб хIужа. Россиялъ Эрмения рикIкIула гIицIго стратегикияб бакIлъун.

Гюмриялда бугеб рагъулаб гарнизонолъе гурони, тIокIаб кIвар кьолеб гьечIо Кремлалъ гьеб республикаялъе. Гьединлъидал, Россиялъул депутатаз Эрмениялъул суалалда сверун гьадинаб хIай байбихьараб мехалъ, дир ракI буссинабун буго. Россиялъ эрменазул тIалаб-агъаз гьабиялъул бицине бакI гьечIо. Гьеб ккола Туркиялда тункизе Россиялъ хIалтIизабулеб рес».

XS
SM
MD
LG