МагъчIваялъе рес

«Платон»алде данде ругел дагъистаниял Москваялде щолел руго


Дагъистаналъулги Ставрополь мухъалъулги гIорхъода, «Платон» системаялде данде гьабулеб тIолгороссиялъул акциялде унаго, полициялъ ккурал Дагъистаналдаса къайи баччулел чIахIиял автомобилазул бетIергьаби риччазе байбихьун бугин лъазабулеб буго шоферзабаз. Гьел риччаниги Дагъистаналда халат бахъунеб бугеб акциялъул хIахьалчагIи кквезе, полициялде рачине байбихьун бугин абурал баяналги руго.

КIиго къоялъ Дагъистаналъулги Ставрополь мухъалъул гIорхъода чIезе ккун руго, Дагъистаналдаса къайибаччулел ч1ах1ияб 200 г1ан автомобиль. Гьел киналго ине рук1ун Москваялда тIобитIулеб бугеб руго 15 ноябралдаса нахъе Россиялда хIалтIизе биччараб федералиял нухаздаса пайда босиялъухъ бак1арулеб мухь цIикIкIинабулеб «Платон» системаялде данде гьабулеб тIолгороссиялъул акциялде . 29 ноябралда жал гIорхъодасан риччазе байбихьанин бицана «Экренлъи» радиоялъе акциялъул гIахьалчагIаз.

ТIоцебе 27 ноябралъул къаси Кочубеялда аскIоб бугеб полициялъул посталда чIезарун руго гьел. Нуж кирениги риччазе гьечIин,чIобого бугеб цониги кIудияб автомобилалъ гIурхъи бахунарин чIун рукIун руго низам цIунулел. ИнчIого рукIинарин лъугьарал гьел къайи баччулел автомобилазул шоферзабаздаги гьездаги гьоркьоб тунка-гIусиги ккун буго. Чанго чи полициялъулаз автомобилалъув къазавун ккун инеги вукIун вуго, хадуб гIемер заман балалде риччан руго гьел. Чанго чи гIадлу хвезабиялъухъ административияб тамихIалдеги цIан вугин бицана гьеб гIорхъода полициялъулаз ккун вукIаразул цояв МухIамадов МухIамадрасулица.

МухIамадов МухIамадрасул: «Гьанже кинабго лъикI бугин абизе бегьула, риччана ниж гIорхъодасанги, жакъа щвезе ккола ниж Москваялда тIобитIулеб бугеб тIолгороссиялъул «Платон» системаялде дандечIараб акциялде. МухIканго чан автомобиль гьениб гIорхъода чIезабун букIарабали абизе кIоларо дида, бичIчIулареб жо лъугьунеб букIана гьенибги. ЧIобогоаял автомобилал риччазе гьечIин чIана цин гьел, хадуб къайидал цIуралги риччалел рукIинчIо. Гьеб Кочубеялда аскIоб бугеб посталда букIана кинабго гъалмагъир. Хадубги гьез къайидал цIурал риччазе лъугьана, Москваялде инарин абун расписка хъвазаризейиланги лъугьун рукIана полициялъулал гьезда. Гьелъулги щиб ккарабали лъаларо дида, квеш-лъикI ниж гIорхъодасан рорчIана. Цо-цоял жеги дора ругинги абулеб букIана, гьеб мухIкан гьабун бажарулеб гьечIо. Калмыкалъе щвараб мехалда гьелги рукIана жидехъе тIасан буюри бачIун бугила нуж гьанисан риччагейилан абун. Цо чанго сагIаталъги чIун гьез риччана ниж, нижеда хадур рачIунел рукIаралги риччана. Гьаб сагIат гьениб щиб бугебали лъаларо. Нилъер гьаниб гIадаб гъалмагъир букIинчIо Калмыкалъ».

МухIканго чан къайибаччулеб автомобиль Дагъистаналдасан Москваялде, гьеб цебехун бицен гьабураб «Платон» системаялде данде лъазабураб акциялде аравали лъазабизе кIвечIо «Эркенлъи» радиоялда. БатIи-батIиял баяназда рекъон 200 ялдаса бахъараб 400 щвезегIан автомобиль ун буго гьенибе. Дагьалги гIемер рукIунаанила гьел Дагъистаналда гьезие квекIенал гьарулел рукIинчIеланийиланги бицана МухIамадов МухIамадрасулица.

МухIамадов МухIамадрасул: «Манасалда букIараб акциялъул гIахьалчагIи Москваялде инейилан къватIире рахъунхадуб кIиябго МахIачхъалаялъул полициялъул посталда чIезарун руго. Низам цIунулез гьезда лъазабун буго нуж Москваялде протесталъул акциялъулъ гIахьаллъизе ине ратани, къануналда рекъон 15 сордо-къоялъ туснахъ гьаризе бегьулин, гьеб кинабго баян гьабулеб кагъатги бихьизабун буго гьезда. Гьединго Хасавюрталда аскIор гьебго «Платоналде» данде протестги лъазабун чIун ругел шоферзабиги рачун полициялдегун щай гьел гьеб акциялде рахъаралали хъвазе тIамун руго (объяснительная). Нужеца Россиялъул къанун хвезабулеб бугин абун гаргадун руго гьездаги. Амма щиб гьабун гьел полициялъулал нижее квалквал гьабизейилан лъугьаниги, ниж нахъе къазе гьечIо. Ростовалда данделъун рукIана Россиялъул батIи-батIиял бакIаздаса къайи баччулел автомобилазул шоферзаби, дагъистаниялги рукIана гьенир. Гьеб данделъиялда гIаммаб хIукмуги къотIана ункъабилеб декабралдалъагIан гьеб «Платон» хIалтIизе биччаялъе мораторий лъазабичIони федералиял нухал къазе ругин абун».

МухIамадрасулица бицен гьабуралда бан Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ кинаб букIаниги баян кьечIо. «Экркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда гьеб пресс-хъулухъалъул бетIер Фатина ГIубайдатовалъ лъазабуна жинда лъаларила щай гьел шоферзаби ккун рукIарал, щай гьел гIорхъи бахине риччалел рукIинчIелали. Жиндихъ полициялъ ккурал яги ккун рукIарал шоферзабазул хIакъалъулъ кинал рукIаниги баяналги гьечIилан.

Гьеб «Платон» шоферзабахъа гIарац батIа гьабизелъун ургъун бахъараб система бугин, гьеб къанун хвезаби кколин абун баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе экономист ва журналист Маир Пашаевас. Гьес абулеб буго гьел къайи баччулел автомобилазул бетIергьабаз гьадингоги лъабго батIияб магъало кьолила пачалихъалъе. Гьез транспорталъухъ, буголъиялъухъ, цIатари баччизе биччаралъухъ кьезе кколел руго магъалаби. ГьитIинаб бизнес бугев чияс щвараб хайиралсанги кьезе ккола магъало. Автомобилалъул страхование ва техникияб хIал кин бугебали халгьабуралъухъ кьолеб гIарацги гьебги магъало гIадинаб жо буго. Гьебщинаб жоялде тIаде «Платон» системаялда рекъон жеги щибаб километр таралъухъ 3.6 гъурущ тIалаб гьаби гьеб къанун хвезаби кколарищила. Къануналъ абулеб бугила гьабураб хъулухъалда рекъон кьезе кколин гIарацилан. Щиб хъулухъ гьабулеб букIунила «Платоналда» рекъон гьез гIарац кьезе кколебила. Нухдасан хьвадизе рес щвезе букIинелъидалила гьез транспорталъухъ магъало кьолебилан абулеб буго Пашаевас.

XS
SM
MD
LG