МагъчIваялъе рес

Туризмаялъул министерство ва картошка


"2025 абилеб соналде щвезегIан Шималияб Кавказ цебетIезабиялъул программаялда Россиялъул хIукуматалъ ва инвестораз харж гьабизе бугеб гIарцул къадар бахине буго 4 триллион гъурущалде" - ян хъвалеб бук1ана 2011 абилеб соналъ республикаялъул прессаялъ.

Гьелдаса триллионгун кIинусго миллиард биччазе бихьизабун букIана Дагъистаналъе. Нилъер гьаниб гIемерисезда гьедигIан чIахIиял тарихал абурал рукIунеллъицин лъалеб батиларо. Триллион гъурущ абураб жо кин цебе тIамизе бегьулеб?

Амма тIамулеб букIана цебе, гьоркьо-кодов трибунаялдаса дол соназда ханлъуда вукIарав МухIамадсаламги вахъулаан цеве, щибдай гьелгощинал туристаздагун гIарцудаги гьабилаян рукIунаан гIадамалги. Миллиард гъурущ щиб жояли магIарулазда лъала, жидехъего щун гуроха, лъала миллиард гъурущ гIарац букIунеблъи.

Масала, гендерил туннель гьабулаго анцIго миллиардалде гIагарараб гIарац ун бугин рагIун. Хадуб бицунеб букIана курортал гьаризе риччазе ругел триллионазул.

МагIарулазда лъалареб жо гьениб букIана кIиго: тIоцебесеб триллион абураб тарихалда кигIан гIарац букIунебали лъаларо гIада мазда, кIиабилеб – гьеб курорт щиб жояли лъаларо. Гьеб кIиябго кутакалда лъикI лъала хIакимзабазда, триллион гъурущ лъала жидецаго бикъараб, ришваталъе кьураб ва босараб гIарцуда данде ккун, курорт – бикъараб гIарцухъ къватIир улкабазде тира-сверизе аразда бихьун.

Россиялъ Шималияб Кавказалда ва Дагъистаналда харж гьабизе бугеб гIарцул кинаб мурад букIине кколеб? Гьаниб гIумру лъикIлъи, гIадамазе хIалтIизе бакIал рагьи, социалияб ва экономикияб рахъалъ республика цебетIей. Курортал гьариялъе ва туристал рачIиналъе бищун цебе хIажат бугеб жо буго гIодобе биччараб, хIинкъи гьечIеб ва парахатаб ахIвал-хIал гьаби.

Чан триллионалъул курорт нилъеца рагьаниги, гьеб рагьараб къоялъ гьениса нусго километралъул манзилалда цо кьвагьи бахъани, гьаниве турист вачIунаро. Ругелги лъутила, тIубараб Россиялда ва къватIиб рагIараб ахIи- хIурги букIина. Щибха гьабизе кколеб?

Гьел триллионал кьвагьи бахъани лъутун унарел отраслязда лъезе ккола. Нухал гьаре магIарухъе, ГЭСал рай, росдал магIишаталда ва цере тIурал технологиязда харж гьабе. Жакъа дагъистанияз гастрономаздаса босулеб буго Краснодаралъул порошокалдаса гьабураб рахьги, айранги, Голландиялъул нахги. Цо шиша ридиялъул бичулеб буго тукада 35 гъурущалде, Бабаюрталъул гъутаналда литр рахьдал буго I0 гъурущалде.

Гьеб буго рахьдал переработка гьечIолъиялъул ва базаралда монополия букIи- налъул гIаламат. Щай гьабизе бегьулареб гьеб гIарцуца Россиялъул ва къватIиб улкабазул къайиялъе конкуренция гьабулеб продукция? Гьебго ахIвал-хIал буго киналго кванил нигIматазул, ай тIадагьаб промышленносталъул кинабго товаралда хурхун.

Цойги цIакъ кIвар бугеб рахъ буго гьениб Дагъистаналъул халкъалъул менталитет, гIадат-гIамал. Абулеб буго туризмаялъе курортал разе ва ран хадур хIалтIизе, сервисалда аслияб къагIидаялда дагъистаниял гъорлъе рачине кколин. Нилъеда цеве тIамизе кIола дагъистанияв боцIи хьихьулев, нух гьабулев, бакIал ралев, производствоялда ва бокьараб цогидаб хIалтIуда.

Кин цеве тIамизе кIолев каранда карточкаги бан, Хунзахъе рачIарал туристазе жиндир отелалъул тIокIлъаби рехсон, гьенире рачIаян гьар- долев магIарул бихьинчи. Кутакалда лъикI лъугьинаан Хунзахъ магIарулазул бакIалда азербайджанал ругони.

Туризм гьабизе ккани терроризм лъугIизабизе ккола, гьеб лъугIаниги чамалиго анцI- анцI сон хIажалъула гьеб лъугIун букIин информационияб рахъалъ Россиялда ва къватIир улкабазда бичIчIизабизе. Кинабго хIалтIи лъугIарабго Москваялдаса МакьастIе къачIарав туристасда Кочубеялда кьвагьи бахъанин телевизоралдаса бихьани, гьев уна батIиял улкабазде.

Триллионалги гIадада ракьулъ рукъараб хIисаб букIина. Къокъ гьабун абуни, гIарац харж гьабизе кколаан терроризмалда рачIел, дагъистаналъул халкъалъе хасиятал ва гьезда лъикI лъалел отраслязда. Кьвагьи бахъани, туристал лъутула ва курортал чIорого хутIила, ракьулъ букъараб картошка кибениги лъутиларо.

Гьеб рахъги хIисабалде босун чIезабун батула федералияб централъ туризмаялъе риччазе хIисабалде росун рукIарал миллиардал. Амма жибго туризм Дагъистаналда кинабгIагри хIукуматалъул гIахьаллъи гьечIого цебе тIолеб буго. Туризмги къватIисан туристал рачIунеб гуребха, жанисеб туризм. Нилъерго дагъистаниял гIодор къоязда унел руго хасаб программагун Дагъистаналъул тарихиял росабалъе - Дербент, Кубачи, Хунзахъ, Гъуниб, Гъазигъумекиб, Гьоор ва гьел гурел цогидал бакIазде.

Гьаб сагIаталда республикаялъул бетIерас указги бахъун гIуцIана цIияб туризмаялъул ва халкъиял промыслабазул министерство. Гьеб лъикIаб пикру, культурияб ва этнотуризм тIоцебе машгьур гьабизе Дагъистаналда, хадуб медиасурсатаз, информациялъул алатаз ва социалиял гьиназ машгьур гьабизе хутIараб улкаялда.

Байбихьи гIадамаца гьабуна, хIукуматалъ квал-квал гьабичIони хIасил кьолеб рахънибе ине буго кинабго. Ва анцI-анцI сонаца кагътида раччун рукIарал хIисабал ва къасдал рахине руго гIумруялде. Гьеб гурищха нилъее къварегIунго букIараб? Хабар лъикIаб рагIайги.

Хурхен бугеб

XS
SM
MD
LG