МагъчIваялъе рес

ГьечIо авар мацIалъе фестиваль гIадинаб жо


Метер ДГУялда тIобитIизе буго миллиял мацIал цIуниялъул фестиваль. Гьеб фестиваль тIобитIиялъул аслияб мурадги рагIула гьелъул хIасилалда холел мацIал чIаго гьари, мацI бицунеразда бицинаби ва милиял газетал цIалуларезда цIализаби.

МацIазул бицун цере рахъизеги рагIула киналго гьел мацIаздасан кваналел чагIи: милиял газетазул редакторал, мацIалъул ва адабияталъул институт, Журналистазул ва Хъвадарухъабазул Союзал, ВУЗазул милиял мацIазул ва школазул мугIалимал. Ай гьеб миллияб мацI гьечIони моцIрол ахиралда рокъобе харж бачIунарел чагIи.

Гьел гIадамал цо залалдаги данделъун цоцадехун кIалъазе руго нилъеца мацI цIунизе кколин. Амма кIалъазе рахъаразул цонигияз абизе гьечIо ракI-ракIалъ, рагьун гьеб рахьдал мацI нилъер хъизан хьихьизе къварегIун бугин, гьез абизе буго нилъеца миллат гьадин тезе бегьуларин, гьеб нилъер борч, налъи, вазипа, наслабазда цебе жавабчилъи бугин, гьелъ дандеги гьарун ругин нилъан.

Гьезни цоцадехун абила мацI хIажат бугин, гьеб мацIалъул вакилзабилъун кколеб хутIараб халкъалъухъе ва батIи-батIияб махщелалъул вакилзабахъе: инженеразухъе, тохтиразухъе, базаргабазухъе, хъулухъчагIазухъе, ччугIихъабазухъе кин щвелеб аз цоцадехун бицунеб хабар?

Гьеб хабарги, данделъи тIобитIанин цIиял харбалги, кьезе руго долго аз холел ругин ахIи балел, гIадамаца цIалуларел миллиял мацIазда цо бакIалда тIад хIурги ккун регарал газетаца. Газета цIалулесе азул ахIи хIажат гьечIо, цIалуларезда гьаз бицунеб жо рагIулеб гьечIо. Щибха ккараб гьедин батани фестивалалъул?

Фестивалалда бицине бугила миллиял мацIазде кIвар буссинабизе ккеялъул ва гьеб лъугIун хадуб "ГIемермацIазулаб Дагъистан" абураб гIарасалъе (памятникалъе) гамачIги лъезе бугила. Гьаб макъала хъвалаго дир цо дагьаб санагIат гьечIеб хIал буго.

Щай гурелъул цIалдолес абизе рес буго кинабго чIегIералъ белъизе бегьуларин, критика гьабиялъ хIасил кьоларин, ишал хIажат ругин. Гьеб пикру битIараб буго.

Руго миллиял мацIазул проблемабиги, дагьлъулел руго къо бахъанагIан гьеб бицунел, рахьдал мацIалда цIалулел, хъвалел, кIалъалел гIадамалги. МацI буго нилъеца цоцахъе пикру кьолеб инструмент, мацI цIунун хутIизе буго гьеб инструменталда хIажалъи бугебгIан мехалъ. Масала, магIарухъ дир инсул рокъоб буго цебехун умумуца гIиссин гьабун гьан буссунеб, ххенолеб букIараб гIащтIи.

Жакъа гьеб хIалтIуларо, гьеб хисун токалъ хIалтIулеб машина бачIун. Гьединаб хIалалда ккезе руго мацIалги, гьел хисун гIурусги бачIун. Гьелъие кинабгIаги кумек гьадал тIадехун рехсарал гIуцIабазги гьабизе гьечIо, гьезул даражаги рекъдулеб буго, гьел жалги мацIалдаса кваналел чагIи руго, мацI цIунулел гуро.

МацI цIунулеб цохIо бакI буго дида лъалеб - мажгит. Мажгиталъги, исламияб гIелму малъулел мадрсабацаги, гьеб мацIалда хъвалел, рахъулел тIахьацагун газетацаги, теле ва радиопередачабаца вагIазабаца мацI цIунизе буго.

Гьениб гIурус мацIалъе дагьаб гурони бакIги тун гьечIо. Гьединаб хIал батани щайха фестивалалги памятникалги, данделъабиги гьарун заманги гIарацги чIвалеб гIадада? Щай гурелъул гьел киналго рехсарал гIадамаца хIукуматалъ жалго хьихьизе ккани ххвалие цо щиб бугониги гьабизе ккола.

Масала, тIобитIила фестиваль ва бала памятник. Гьеб гьабулелги руго гьел. Гьаб макъала цIалани гьезул ццинги бахъила дида, квеш вихьила, хIал кIванагIан данде бецIизеги хIаракат бахъила. Гьедин вижун вуго инсан дунял бижаралдаса нахъе.

Щай квеш букIунеб лъалищ? БитIараб букIун дица абулеб жо. Кидаго битIараб рагIи квеш букIуна. Нилъедехун абуниги квеш букIуна, нилъеца хутIаразда абуниги. Гьелъухъ къисасги босула, гьерсида ццин бахъуларо, гьелда тIад кIариялда релъула ва тIаса лъугьун тола.

Дир хIисабалда рахьдал мацIги, нилъер кьибилгун аслуги цIунизе ккун батани, цIунизе ккола тIоцебесеб иргаяда дингун нилъер гIадат-гIамал. КIиабизе - миллиял газетазгун журналаз кьезе ккола лъикIал, бегIерал хъвай-хъвагIаял - нилъер тарихги бихьизабулел, жакъаселъеги къимат кьолел, букIиниселъулги хIисаб гьабулел.

Театралъ кечI-бакъанги тун цIигьабизе ккола миллияб драматургия, лъезе ккола классика ва хъвазаризе ккола лъикIал гонораралги кьун цIиял пьесаби сценаялда лъезе. Гьел киналго рахъал цIунани киданиги хвезе гьечIо рахьдал мацIал ва жибго мацI лъугьине буго хIажатаб инструментлъун инсанасул гIумруялъулъ.

Гьел ругони кинабгIаги проблема миллиял мацIазул букIунаро. Жакъа гьел хъулухъазда ругел чагIазул гIемерисел руго, я берцинго макъала хъвазе, я рагIи абизе, я роль хIазе, я сурат бахъизе лъалареб халкъ. Амма хIикматаб гьунар буго хъулухъал ралагьизеги, гьел цIунизеги. Гьез гьоркьоса къотIичIого гьаризе руго фестивалал ва лъезе руго памятникал, щибниги гьабизе кIвезе гьечIо миллияб культураялъе.

Ахиралда тIубанго миллияб культураги къаникь лъун, къаданиб зани чIвазейищ ал тун ругел абурабги буго суал интеллигенциялъул. Пайда щиб, гьеб суал рагIулев чи гьечIо. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG