МагъчIваялъе рес

Ракьазул суал - захIматаб суал


Дагъистаналъул парламенталъ хIадурулеб ракьазул суалалда хурхараб къануналъ республикаялда нахъойги бижизабуна ракьул суалалда хурхун бахIс. Метер 4 абилеб ноябралда МахIачхъалаялда тIобитIизе буго лъарагIазул жамгIиял идарабазул данделъи ва бицине буго гьеб ракьул суалалъул хIакъалъулъ. Жалго Халкъияб собраниялъул депутатаз рикIкIунеб буго, цIияб къануналъ ракьул суалалда кIудиял хиса-басиял гьарулел гьечIин.

Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъ араб анкьалъ хал гьабуна букIана ракьул суалал рекъезариялъул хIакъалъулъ къануналъул. ТIубанго гьеб къанун жеги къабул гьабун гьечIониги, гьелъ жамгIияталда гIемерал бахIсал ва тIасакIалъаял рижизаруна. 4 ноябралда МахIачхъалаялда тIобитIизе буго ракьазул суалазда хурхараб лъарагIазул жамгIиял идарабаз гIуцIараб данделъи. Гьединго, ракьул суалазул бицунеб буго батIи-батIиял гIалимзабаз, ракьул суалазул специалистаз.

Щиб хисулеб бугеб гьеб къануналъ, щай гьелда сверухъ ахIи-хIур гIемер бахъун бугеб абун цIехана «Эркенлъи» радиоялъ Россиялъул гIелмабазул академиялъул член Чернышов Михаилида. Гьес рикIкIунеб буго, республикаялда ракьазул проблема бугин цIакъ кIвар бугеб, гьабсагIаталда республикаялъул тIалъиялъ ургъичIого къанунал хIадурулел ругин ва гьез халкъазда гьоркьосел конфликтазде рачине ругин.

Чернышов Михаил: «Проблема цIакъго кIвар бугеб буго. Гьеб роцIцIине ккола щибаб муниципалитеталда батIа-батIаго. Нилъеда лъала, киналго разияб хIалалъ ракь бикьизе рес гьечIеблъи ва цо-цоязулгун къотIи-къай гьабизе кколеблъи. Гьеле, гьел рази гьечIезе ракьул бакIалда щибалиго кьезе ккола, мисалалъе, гьениб больница базе, нух гьабизе, ялъуни газ бачизе ккола. Гьезда чIванкъотIун абизе ккола, гьаб ракьул бутIа нужедасан унеб бугин, амма гьалъул бакIалда пачалихъалъ нужее щибалиго данде кьолеб бугин. Гьединаб хIалтIиги гьабичIого, босун ракь цоязухъа бахъун цогидазе кьезе байбихьани, гьелъ конфликталде рачине руго.

Балагьараб мехалъ, гьеб бичIчIулеб гьечIеб къагIида республикаялъул тIалъиялда. Гьезда ккун буго босун къанун къабул гьабуни киналго суалал роцIцIунин. Гьеб къануналъ хIакъикъаталда хъутабазул ракьал хасал чагIазухъе кьезе рес кьолеб буго. ХIасил, ракьул вукIине вуго хважаин, ва гьединго раккизе руго ракь жиндир бугин рикIкIунеб чанго рахъ. Ракьул хважаин вукIине кколеблъи лъалеб жо буго. Суал буго, лъихъе гьеб кьезе кколеб абураб. Гьединлъидал, дица нахъойги абулеб буго, гьеб суал роцIцIине ккола щибаб хъутада, щибаб росулъ къотIи-къаялги гьарун».

Ракьул хважаин гьечIолъи буго аслияб проблема хъутада гIумру гьабулел аза-азар дагъистаниязул, республикаялда ракьул реформа цIакъ цебего хIажат букIанаян бицана «Эркенлъи» радиоялъе Бабаюрт мухъалда бугеб ЧIарадаса гочарал магIарулазул «Цадахъ» абураб росдал бегавул МухIамадов Нажмудиница.

МухIамадов Нажмудин: «Хъутада гIумру гьабулев чи жинцаго бараб жиндир рукъалъул бетIергьанчи кколев гьечIо. Мисалалъе, гьенир руго магIарухъа I950-60 соназ гочарал чагIи. Гьелги жиндиего бокьун гурел, хIукуматалъ зулмуялъ ритIарал чагIи. Гьезул магIарухъ гIагарлъиги хутIун гьечIо, добе бухьенги гьечIо, буго цохIо хъутада бугеб рукъги, гьениб хIалтIизабулеб ракьги. Амма гьелъул бетIергьанлъи гьес гьабизе бегьулеб гьечIо, рукъ бичизе рес гьечIо. ГьебгIаги ихтияр гьечIев чи вукIунарелъул. Хьул буго гьанжесалагIаги ракьул суал роцIцIине бугин. ЛъарагIаз ахIи-хIур бахъинабулеблъиги лъала. Амма гьезул тIубараб миллаталъе къваригIун гьечIо гьеб. Гьел гьусулел руго ракь къваригIарал цогидал чагIаз».

ТIадехун рехсараб къануналъ тIубанго ракьул суал роцIцIунеб гьечIо, гьелъ гIицIго республикаялъул ракьул къанунал федералияб къануналда рекъон хисизарулел ругоян бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул парламенталъул ракьул суалазул комитеталъул нухмалъулев Шамхалов Джапарбегица. Гьесул баяназда рекъон, парламенталъ хIадурулел руго ракьул суалазда хурхараб чанго къанун, амма гьанже цебе лъолеб къануналда щибниги цIияб жо гьечIо. Хъутабазул ракьазда хурхараб къануналда хиса-басиял жеги гьаризе руго, амма гьелъул бицине жеги цудурго бугилан абуна депутатас.

XS
SM
MD
LG