МагъчIваялъе рес

Ипподромалъул бакIалда дармил централ…


Исана августалъул ахиралда харбал раккана МахIачхъалаялъул ипподромалъул бакIалда гIемертIалаялъул рукъзалги, тукабиги, хъещтIерабигун кинотеатрги базе бугилан. Гьелде дандечIун руго ипподромалъул хIалтIухъаби ва гIадатиял, чуял рокьулел гIадамал.

Гьез, гьал къоязда, ипподром бугеб хIалалъ тейилан тIалаб гьабун петиция хъван буго ва интернеталдасан гьелда гъоркь гъулбасал ракIарулел руго. Ипподромалъул бакIалда разе ругел бакIазул проект жеги тадсикъ гьабун гьечIин, амма гьеб иш рагIалде бахъиналъе гIемер жо хутIунги гьечIин лъазабулеб буго шагьаралъул администрациялъ.

Гьезго абулеб буго аслияб къагIидаялъ гьенир бакIал раялъул хIалтIи инвестораз гьабизе бугилан, мухIканго гьелъул инвестор щивалиги лъалеб гьечIо. Цо-цо баяназда рекъон гьев кколев вуго бизнесчи Ризван ГIисаев. МухIу ГIалиев президент вугев мехалда «Немецкая деревня», «Лазуный берегилан» абурал ралъдал рагIалда разе ругел бакIазул проекталги гьесул рукIана, амма гьеб цонигияб рагIалде бахъинчIо.

Гьелъие пачалихъалда гIарацги биччазабун, щибго хIалтIиги гьабичIого гьес МухIу ГIалиев гъоркье рехханин абулеб букIана экспертаз, гьелдаса хадуб гьезул гьоркьоблъиги хванилан. Гьеб мехалдаса нахъе Краснодар икълималда, Адыгеялда, Ингушетиялда батIи-батIиял бакIал ранин гьев Исаевасул компаниялъин абулеб букIана, амма Дагъистаналда гьесул цониги проект букIинчIо.

Гьанже гьеб ипподромалъул бакIалда цIияб шагьаралъул микрорайон базе ракIалда рагIула гьесда. Гьелъул проекталъул цебе-цебесеб презентация гьабулеб мехалда гьеб проект бахъарал ОАО «Гипрогор» компаниялъул вакилзабаз лъазабуна 52 гектаралда гьениб кIиго школаги, ункъго лъималазул ахги, I8 тIалаял дармил центарлги, отельги базе бугилан. Гьеб проектги гIумруялде бахъинабун ипподромалда ругел чуязда щиб гьабизе кколебали лъалеб гьечIо жеги.

МахIачхъалаялъул мэриялъул архитектор МухIаамадрасул ГьитIиновас лъазабулеб буго гьебщинаб бакIги ккун чуял хьихьиялъ хайир кьолеб гьечIила, гьединлъидал гьеб ипподром шагьар тун къватIибе рикIкIадегIан бахъизе бугилан. Амма шагьаралъул администрациялъ цIияб ипподром баялда божулел гьечIо гьелъул хIалтIухъабиги.

Гьеб ипподром биххизабизе бегьуларин, гьелъул гIадамазе бугеб пайдаялъул бицун жидеца чанцIулго шагьаралъул ва республикаялъул нухмалъиялъухъе хъваниги хIаси ккечIеб мехалда, хъванила жидеца гьеб ипподром цIунейилан тIалаб гьабун петицияйилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьеб хъваразуй цояй Уллубиева Муминатица.

Муминат Уллубиева: «Нилъер гьаниб пачалихъалъи киданиги чуязда хурхараб ишалъе кумек гьабулароан, я гIарцудалъун, яги цойгидаб ишалдалъун. Кумекали киб гурин гьез гьабулеб гьанже гьеб ипподромги биххизабизехъин буго. ЦIияб соналде щвезегIан гьениб кинабго жо биххизабун, бацIцIад гьабизе бугин лъазабулеб буго. Гьединлъидал нижеца гьаб петицияги хъвараб, 10 азарго чиясгIаги гьелда гъоркь гъулбасани гьелъул хIасил ккелин хьул буго дир.

Гьаб сагIат МахIачхъалаялда цого-цо бугеб муниципалияб чотIахъабазул школа буго гьеб ипподроммалда аскIоб, гьеб къани республикаялдаго тIокIаб гьединаб бакI гьечIо. Жалго гIадамал бетIергьанал чуял хьихьарал бакIал руго нилъер гьанир, амма гьенир лъималазда чодахъанлъи малъаралъухъ гIарац кьезе ккола, гьеб кьезе гIемерисезул ресги букIунаро.

Дида бичIчIуларо нилъер гьаниб рагъизеги, цоцазул гьурмал рухизеги малъулеб гурони батIияб спорт щай букIине бегьуларебали. Спортзалалде ун гьенир цоцалъ речIчIиялдаса сахлъиялъе чанги пайда букIуна чотIахъанлъиялъул. Гьанже гьеб ипподромги биххизабуни «Джигит» школаги къазе ккола, щай гурелъул гьезул чуязул бокьал гурони, гьел тира-сверизе бакI гьечIо школалда. Гьединлъидал ипподроммалде риччалаан гьел тира-сверизе. Гьелъул бакIалда минабиги цойгидабги бани чуязе сверизе бакI букIунаро, бокьор тIамун гьел хьихьизеги бегьуларо».

Гьединго Муминатица бицана гьеб «Джигит» абулеб чотIахъабазул школалде чанги унтарал лъималги рачIунаанилан. Иппотерапия абулеб чуязда рекIинарун лъималазе дару гьабулеб террапия гьабизе хасаб лицензия къваригIунаанила, гьеб гьечIониги жидеца гьадинго чIобого гьел чуязда рекIинаарулаанила лъимал. ТIубан сахлъичIониги чанги унтарал лъималазе лъикIаланго мадар лъугьанилан абулеб буго гьелъ. Гьанже гьеб школа къани гьел унтарал лъималазе ине бакIги гьечIилан.

XS
SM
MD
LG