МагъчIваялъе рес

«ГIурус мацIалъ рахьдал мацI нахъе цузе биччазе бегьуларо»


Гьедин абулеб буго Дагъистаналдаса магIарул ва гIурус мацIалъул мугIалимзабаз 30 октябралда МахIачхъалаялда тIобитIана гIурус мацIгун литература цIуниялда тIасан ТIолгороссиялъулаб форум. Гьеб ккола исана тIоцебе тIобитIулеб гьединаб даражаялъул данделъи. ХIажат бугиш жакъа Дагъистаналда гIурус мацI цебесеб даражаялда цIунизе ва гIурус мацIалдего гIадин кIвар рахьдал мацI цIуниялдеги кьолеб бугиш республикаялда? Гьел суалазда тIасан рахьдал ва гIурус мацIалъул мугIалимзабигун гара-чIвари гьабуна нижеца.

Гьеб форумалде вачIун кинавниги 200 гIанасев вакил. ЦохIо Россиялъул регионаздаса гIурус мацIалъул ва литератураялъул мугIалимзаби гурелги, къватIисел улкабазда, масала Германиялда бугеб Дрезденалъул университеталда гIурус мацI кьолел мугIалимзабазги гIахьаллъи гьабуна гьениб.

Хас гьабун Дагъистаналда гьеб тIобитIиялъе квербакъун рагIулин республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасилан бицунеб букIана форумалда.

Аслияб куцалда гьениб бицунеб букIана Россиялъул школазда гIурус мацI малъиялъул ругел квекIеназул. Масала Дагъистаналда ругел квекIеназул бицунаго МахIачхъалаялъул Тахо-Годил цIаралда бугеб, гIелмиябгун цIех-рехалъул институталъул нухмалъулев МухIамадов ХIамидулагьица абулеб букIана Москваялда ругел школазе хIадурараб тIехьалдасан кьолеб бугин Дагъистаналъул рикIкIадал, магIарухъ ругел школаздаги гIурус мацIалъул дарсал.

Гьебин абуни кколин захIматаб цIалул программа Гьебго такрар гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Гумбет мухъалъул Бакьулъ Гьарадерихъ росулъ гIемерал соназ гIурус мацIалъул ва литератураялъул мугIалимлъун хIалтIарав МухIамадов ГIабидицаги. Мисалалъе цере ункъабилеб классалдаса байбихьун чIахIиял классазе хIалтIизарулел рукIарал программаби ругила гьанже байбихьул классазе риччарал гIурус мацIалъул тIахьазда кьун.

Жакъа хIажат бугиш Дагъистаналда гIурус мацI цIунизе абун гьикъидал ГIабид МухIамадовас абуна гIурус мацIалъул хIакъикъаталдаги кIудияб кIвар бугин жакъа, амма гьелъул магIна кколарин рахьдал мацIги нахъе цун гьеб цIунизе кколилан абураб.

Гьелдаго цадахъ МухIамадов ГIабид рази гьечIо жакъа Дагъистаналъул школазда гIурус мацI малъулеб куцалдаса. Цоялдаса цоял захIматал программаби ругила хIадурулел. Гьединго гьев рази гьечIо гIурус мацIалъе ва гьединго литератураялъе риччарал тIахьазда Дагъистаналъул, гьелъул халкъазул, маданияталъул хIакъалъулъ хъвараб жо гьечIолъиялдаги. Россиялъул жаниблъиялда ругел росабазул хIакъалъулъ букIунила гьениб цIикIкIун хъван.

ГIурус мацIалдего гIадин рахьдал мацI цIуниялдеги кьолеб кIвар цIикIкIинабулеб бугишха Дагъистаналда? Гьеб суал цебегоялдаса нахъе гIемерисел рахьдал мацIалъул мугIалмизабазул рекIелъ къараб суал ккола.

Цебеялде дандеккун гьабсагIат мадар бугин гьелъул рахъалъилан абулеб буго Гъизилюрт шагьаралда бугеб анкьабилеб школалдаса рахьдал мацIалъул мугIалим МухIумаева Саратица. Амма кин букIаниги гIурус мацIалдехун кьолеб кIвар жакъа цIикIкIараб бугила Дагъистаналда ва гьеб рекIеда унтичIогоги хутIулеб гьечIилан абулеб буго гьелъ.

Сарат МухIумаева: «Цояб лъанилан цогидалъе квал-квал букIунаро киданиги. ГIурус мацIалдехун кьолеб кIвар кидаго цIикIкIараб букIана, гьанжеги буго. Жакъа цIикIкIун кIвар рахьдал мацIалдехун буго кьезе къваригIун, гьабсагIат кьолеб бугелдасаги. Рахьдал мацIалдехун лъималазул ва гьезул эбел-инсул цебе букIараб бербалагьи хисизабизе захIмалъулеб буго.

ТIоцебесеб классалда цIалулеб лъимар бачIунеб буго жакъа мугIалимасда аскIобе гьеб (авар мацI) жидер рахьдал мацI кколарила, жидер гIандадерил нижерго мацI бугила, бегьуларищила жив гьелдаса эркен гьавизе. Гьарулел ратани жакъа гIурус мацIалъул, хIисабалъул ва физкульутураялъул дарсидасаги инкар гьареха гьедин батани. Гьеб жо лъималазул эбел-инсудаги, цогидал мугIалимзабаздаги бичIчIизабизеян лъугьун йикIана дун.

Жибго гIурус мацIги нилъер лъималазда букIине кколеб даражаялда лъалеб гьечIо, гьеб къватIул мацIалъул даражаялда хутIун буго. Лъай гьечIого гуро гьеб, гьелъие бажариги гьунарги гьечIел лъимал нилъер гуро, гIилла батIияб буго. Умумул хIинкъулел руго рахьдал мацI лъикIго лъалеб бугони, хадур гIедал гьезул кIалъаяда жаниб гьелъул лугъат хутIизе бугин, гIурус мацI лъазе гьелъ квал-квал гьабизе бугилан абураб божи буго гьезул.

Гьеб буго гьезул мекъаб пикру. Рахьдал мацI тIокIкIун лъалеб букIунилан гIурус мацIалъе гьелъ гьабизе квал-квал гьечIо. Дида гIемерал улбул лъала, бачIинахъего лъималазда гIурус мацI лъазе гIололъун гьитIинго гьел хьихьизе гIурус миллаталъул гIадамал кколел. Гьединго чанго ясли-ах буго нижер шагьаралда рахьдал мацIалъ кIалъазе лъимал гьукъулеб.

Гьенибги гьукъулеб бугони, хадуб школалдги бицунеб гьечIони, эбел-инсуца рокъорги ругьун гьарулел гьечIони лъимал рахьдал мацIалда кIалъазе дагь-дагьккун лъугIун ина гури гьеб. Цоги нухалъ абила цебеялде дандекун мадар буго дун хIалтIулеб школалда рахьдал мацIалде кьолеб кIваралъул, амма гьабизе хIалтIи жеги гIемер буго, гьабулеб бугони…».

МахIачхъалаялда тIобитIараб гIурус мацIалъул ва литетаратураялъулго гIадаб, рахьдал мацIалъул мугIалимзабазул форум тIобитIун букIана исана 25 апрелалда Дагъистаналъул миллияб библиотекаялдаги. Амма 30 октябралда МахIачхъалаялда тIобитIаралда дандеккун гьеб букIана щибниги хIукуматалъул гьоркьоб гIахьаллъиги гьечIого, гIицIго жамгIиял гIуцIабазул хIаракаталдалъун гIуцIараб тадбир.

XS
SM
MD
LG