МагъчIваялъе рес

Киналго ращадал руго, амма ращадаздасаги ращадалги руго...


Ставропольеялда хIадурал руго Киргизстаналдасаги Казахстаналдаса 600-ялдасаги цIикIкIун хъазахъ къабул гьавизе.

CССР биххун хадуб ракIкIарал республикабаздаса ватIанцоял гочине квербакъи гьабиялъул программаялда рекъон, Централияб Азиялдаса 600-ялдасаги цIикIкIун хъазахъ къабул гьабулев вуго Ставрополалъул ракьалда. Гьел кколел руго Семиреченскалъулин абулел хъазахъал. Гьединазул 28 хъизан цебеги гочун букIана Сенгилеевск абураб росулъе. Гочунел хъазахъазе Ставропольеялда мина-магIишат гIуцIиялъе бихьизабун буго I42 гектар, гьезда гъорлъан жакъаялде 43 гектар ккун буго хъазахъаз. КинабгIаги гьеб росулъ къабул гьабизе рагIула хъазахъазул I50 хъизан.

Регионалъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго, жал хIадурал ругин бизнес, фермеразул магIишат гIуцIизе ва гьезие профессиялда рекъон хIалтIул бакIал ратизейин. Миграциялъул хъулухъалъги абулеб рагIула, жидер рахъалъан гочунезул цебеги букIинчIи кинаб гIаги квалквал, хадубги букIине гьечIин.

Сенгилеевск ккола Ставрополалдаса 40 километралъул манзилалда бугеб росо. Амма гочунел хъазахъазул аслияб къадаралъе, информалатазул лъазабиязда рекъон, бакIал кьолел руго регионалъул машрикъалъул рахъалда. Гьединаб хIукму магIнаялъул бицунаго, нухмалъиялда хурхинабун, комментатораз абулеб буго, гьеб рахъ бищиялъул багьана хурхараб бугин мадугьалил республикабаздаса, хасго Дагъситаналдасаги Чачан республикабаздасаги гьенире гIемер гIадамал гочунел рукIиналдайин ва гьенисан гIурусал нахъе унел рукIиналдайин. Хъазахъал гьенире гочинариялъ этнографияб картаялда битIараб хиса-баси гьабизе кколин.

Цо-цо политологазда гьединаб хIужжаялда нахъ рихьулел руго улкаялъул нухмалъиялъ миллияб политикаялда риччалел гъалатIал, мухIканлъизабуни, цоял гIагар, цогидал - дорегIан гьари.

Эркенлъи радиоялъе комментариял гьарулаго, «Адыг-Хасэ» ай, «Черкессазул мажлис» абураб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев Заурбий Чундышкоца абуна, Россиялъул нухмалъиялъ хасаб кIвар кьолеб бугин хъазахъазе, хасго Шималияб Кавказалда ругел хъазахъазе. Гьезие кьолеб бугин хасаб кIвар, гьел хасал гIадамал ругел гIадинин. Гьесулго рагIабазда, Краснодар краялда гIадин талъиялъе бокьун буго хъазахъал Адыгеялдаги низам цIунулезда цадахъ хIалтIи гьабизе тIамизе.

Заурбий Чундышко: «Нижее, мисалъе, бокьун гьечIо гьел Жидеего бокьун низам цIунулел халкъиял дружинаби. Нижер Хасэялъе гьелде данде митинг тIобитIулеб мехалда, пачалихъиял хъулухъчагIаз абулеб букIана хъазахъазда цадахъ адыгалги цогидал миллаталъулги гIадамалги рукIине не бегьулин. Щиб гьабунги гьезие бокьун букIана гьеб 44-абилеб федералияб къануналда рекъон, гьеб дружина гIуцIизе ва гьел хъазахъал Майкопалъул къватIазде риччазе. Амма ниж данде чIана. Данде ракIарана жалго адыгал гурелги, шагьаралда гIумру гьабулел армянал, татарал, нугъаял, азербайджанал, гIурусалцин рукIана. Лъазабуна, гьединаб къагидаби жидее данде кколарин. Бищунго аслияб жо - нижеца лъазабуна, чухъаги, ханжарги, кавказалъулазул кинабго миллияб атрибутикагун ретIун нижер шагьаралда хьвадулел хъазахъаз бакIалъулал гIадамазулъ квешаб ассоциацияги пикрабиги ружинарулин».

Чундышкол рагIабазда, къватIисел пачалихъаздаса хаса гьабун Шималияб Кавказалде хъазахъал гочинариялъги рижинарулел ругин гьединалго ассоциацияби. Гьелъ гIадамазда ракIалде щвезавулев вугин Кавказалъул тарихалда лъикI лъалев Ермолов ва гьесул бидулал ишалин. Гьелъул бицунаго, Адыгеялдаса жамгIияв хIаракатчияс кIвар буссинабулеб буго, Россиялъул тIалъиялъул I9 гIасруялда букIараб вахIшияб политикаялъе гIоло жидерго ватIан тезе ккарал черкессазул наслудул гIадамазе, гьанже Сириялдаса лъутизе ккараб мехалда, черкессазул ракьалде чIел щвеялда хурхун ругел захIмалъабазде.

Гьединал пикрабаз ракIалде щвезабулеб буго дагъситаниязда хурхараб ситуацияги. Храхуба ва Урьянуба росаби цинтIаго лъазаруна Азербайджаналъул бакIаллъун, росабазул гIадамал киналго Россиялъул гражданал рукIаниги. Гьезие Дагъистаналъул территориялда бихьизабуна мина-магIишат гIуцIиялъе бакI. РагIи кьуна гьел гочинариялъе лъикIал шартал чIезаризе ва кумек гьабизе. Амма журналист Милрад Фатулаевас абулеб буго, рагIаби гьуинал ва кIудиял рукIанин, хIакъаб ишал цIакъ тохал ругин.

Милрад Фатулаев: «Гьезие бихьизабун буго цадахъго гочиналъе МахIарамкент мухъалъул Новоаул абураб бакI. Гьанире цада-мадахъго гочине кколел рукIана гIадамал. Дагьалъ цебе къабул гьабун букIана гIемер хьулал рижинарулеб республика хехал темпазда цебетIезабиялъул Шималияб федералияб округалъул даражаялъул программа. Гьелда гъорлъго бихьиазабун букIана Храхуба ва Урьянуба росаби гочинариялъул суал рагIалде бахъинабиялъул бутIаги.

Теоретикияб къагIидаялда гьеб проблема рагIалде бахъинабизе кколеб букIана. Программаялъе бихьизабун букIана кIудияб гIарац. Амма гьанжеги гьеб гIарац гьечIо. БукIинащили ракI чIун лъалеб гьечIо. Росабазул гIадамазул щаклъи бижун буго. ГIадатияб къагIидаялда гIарац бикъун-хъамун тагIине бегьиялдаса хIинкъун, гьез абулеб букIана, жидехъе жив-живасухъе кколеб гIарац кодобе кьейин. Амма гьабсагIатги я гьедин, я бихьизабураб къагIидаялда гIарац щун гьечIо, гIагарисеб заманалда щвезехъенги гьечIин ккола.

Гьезул росабалъ гIадамал хутIун гьечIо. Гьел киналго гочана Россиялъул рахъалде. Амма гьел руго батIи-батIиял бакIазда, гIагаразухъ, ккурал бакIазулъ, киналго рикь-рикьун руго».

XS
SM
MD
LG