МагъчIваялъе рес

МаршрутчагIазулгун МахIачхъалаялъул тIалъиялъул дандечIей


Гьал къоязда МахIачхъалаялда 19-абилеб маршруталъул хIалтIухъабаз лъазабуна жидеца гIадамал раччиялъул багьа кIиго гъурушалъ гIодобегIан гьабулеб бугин ва шагьаралъул муниципалияб транспорталъул идараялде гIарац кьезе гьечIин. МахIачхъалаялъул администрациялда лъазабуна, гьез къанун хвезабулеб бугин ва гIадамал раччизе ихтияр цохIо гьеб муниципалияб идараялъул гурони гьечIин.

Шагьаралда гIадамал раччулел маршрутчагIазулгун «Горавтотранс» абураб муниципалияб транспорталъулаб идараялъул рагIи дандеккунгутIи тIоцебесеб иргаялда гуро МахIачхъалаялда бугеб. Кидаго маршрутчагIазул забастовкаялдалъун ва хадубккун гIадамал раччиялъул багьа борхиялдалъун лъугIулаан гьеб. Гьаб нухалда багьа гIодобе ккана, хIатта цохIо маршруталда бугониги.

Гьал къоязда МахIачхъалаялъул I9-абилеб маршруталъул 50гогIан хIалтIухъанас лъазабуна, жидеца инкар гьабулеб бугин «Горавтотрансалде» щибаб моцIалъ 3I00 гъуруш гIарац кьезе ва гIадамал раччиялъул багьа 17 гъурушалдаса 15 гъурушалде щвезегIан гIодобе гьабулеб бугилан.

Гьединго гьез лъазабуна, жидеца предпринимателал хIисабалда регистрация гьабунин ва къануналда рекъон хIалтIизе ругин.

Шамат къоялъ рехсараб маршруталде рачIана шагьаралъул администрациялъул вакилзаби ва тIалаб гьабуна цере рукIарал шартIазда рекъон хIалтIизе кколин. Ай, маршрутчагIазда лъазабуна шагьаралъул транспорталъулаб идараялде гIарацги цебего гIадин кьезе кколин.

Жалго маршрутчагIаз абулеб буго, жидеца багьа борхизабизе гьечIин ва гьебго къагIидаялъ хIалтIизе ругин «Горавтотрансалде» кьолеб гIарац дагь гьабуни ва шагьаралъул администрациялъ гьеб ишалъулъ дагьабгIаги гIадлу гьабизе тIаде босани.

Хадуб МахIачхъалаялъул администрациялъ лъазабуна, жидеего бокьухъе багьа гIодобегIан гьабулел ва транспорталъулаб идараялдаса инкар гьабулел маршрутчагIазда тIад гIакIа къотIизе бугин ва цоги тамихIалде цIазе ругин гьел.

Администрациялъул транспоталъул идараялъул вакил ХIусенов Андрейица шагьаралъул администрациялъул сайталда кьураб лъазабиялда бицунеб буго, гIицIго «Горавтотранс» абураб муниципалияб идараялъул гурони ихтияр гьечIин шагьаралда гIадамал раччизе. Гьединго гьес абулеб буго, багьа гIодобегIан гьабиялда жидер дагIба гьечIин, маршрутчагIи къануналда рекъон хIалтIулел ругони.

Киналго предпринимателаз шагьаралъул администрациялъулгун контракт хъвазе кколила пассажирал раччизе ихтияр щвезе ккани.

«Новое дело» газеталъ кьолел баяназда рекъон, контракт хъвазе ккани 2015 соналъул 13 июлалда къабул гьабураб 220-абилеб федералияб къануналда рекъон, лъазабизе ккола муниципалияб конкурс ва гьелда гIахьаллъизе ккола гIадамал раччизе бокьарал маршрутчагIи.

Амма администрациялъ кинабгIаги конкурс лъазабулеб гьечIо, жибго идараялъулги гьечIо кинабгIаги ихтияр конкурсалда гIахьаллъизе, щайгрулъул гьезул гьечIо цониги жидерго машина. Шагьаралда хьвадулел киналго маршруткаби руго гьенир хIалтIулел маршрутчагIазул буголъи.

Щай конкурс лъазабулареб ва кинаб бугеб гьеб ишалъулъ шагьаралъул администрациялъул интерес абун суал кьуна «Эркенлъи» радиоялъ водителазулгун предпринимателазул профсоюзалъул нухмалъулев Набиев ГIисалмухIамадие.

Набиев ГIисалмухIамад: "Жеги цониги нухалъ республикаялда гьабун букIинчIо гьеб конкурс абураб жо, хIатта заканалъ тIалабгьабулеб бугониги. Гьеб «Горавтотранс» абураб идараб буго монополист, гьезул ихтияр гьечIо гьедин хIалтIизе. Конкурс кин гъоз лъазабилеб, гьенир бергьизе кколелъул.

Цониги жидерго машинаги гьечIеб, гьезие тIалаб гьабизе рес гьечIеб идараялъул жо кколаро. Гьелъул бакIалда гьез ургъун буго маршрутчагIаздаса жидее гIарац тIалаб гьабулеб къагIида. Гьел маршрутчагIаз кьезе рукIана налогалги. РагIдукь бахчараб бизнесги гьенир сверулел миллиардалги загьирлъулел руго гьеб схемаялъухъ мухIканго балагьарабго".

Ахирисеб нухалъ маршруталъул багьа борхизабун букIана МахIачхъалаялда гьаб соналъул январь моцIалъ 13 гъуршидаса 17 гъуршиде щвезегIан. Доб мехалъги маршрутчагIаз бицунеб букIана, жидеца муниципалияб «Горавтотранс» идараялде кьезе кколеб бугин гIемер гIарац.

XS
SM
MD
LG