МагъчIваялъе рес

Авар-Кахетиялъул нух хьул хIисабалда хутIана


Аваро-Кахетиялъул нух бахъизе ккеялъул хIакъалъулъ Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас абуралдаса нахъе ана кIиго сон.

ЛъагIелалъ цебе республикаялъул нухлул агентствоялъул нухмалъулев Хучбаров Загьидица нухлул проектцин бихьизабун букIана журналисталги ракIарун. Шамил мухъалда гьеб нухлида хIалтIизабизе хъил тIолеб заводцин биччан букIана. Проекталда рекъон нух ине кколаан Шамил мухъалдаса ЛъаратIа, БежтIа мухъазде ва гьениса Гуржиялъул гIорхъоде. Амма гьабсагIаталда гьеб нухлул хIакъалъулъ хабар къотIана. Я информалатазда, ялъуни хIукуматалъул документазда гьеб нухлул хIакъалъулъ щибниги бицунеб гьечIо.

Кинаб бугеб гьелъул къисмат, бугищ нух бахъулеб абун суалал кьуна «Эркенлъи» радиоялъ нухлул агентствоялъе. Гьенисан рачIарал баяназда рекъон, нух бахъиялъул планалдаса лъицаниги инкар гьабун гьечIо. Проект цIакъго багьа кIудияб буго, улкаялда экономикияб ахIвал-хIал лъикIаб гьечIебгIан мехалъ гьеб нух бахъиялъул суал заманаялъ нахъбахъун тезе рес бугоян абулеб буго нухлул агентствоялъул жавабалда.

ГьабсагIаталда абуни бахъулеб буго мугIрузул мухъазул центразде хъил тIураб нух щвезабиялъул программаялде рекъон цIияб нух. Гьелъул I2,5 км гьабсагIат бахъун лъугIун буго. Гьеб нух унеб буго тIадехун рехсараб Аваро-Кахетиялъул нухлуда жанибе. ГьабсагIаталда Аваро-Кахетиялъул нухлул проект тасдикъ гьабун гьечIо ва гьелъие бихьизабураб гIарац гьечIо. Жеги нухлул идараялда абуна, Гуржиялъул нухмалъулезгун гьеб нухлул хIакъалъулъ щибниги дандбан гьечIин, кIиго пачалихъалъул даражаялда роцIцIине кколеб суал бугин гьебилан.

Кинабха бугеб гьеб нухлудахун бербалагьи Кавказалъул бал бахъун доб рахъалда, ай Гуржиялъ абураб суал цIехана «Эркенлъи» радиоялъ Тифлисалда чIарав журналист Панфилов Олегида. Гьес абуна, Гуржиялъги нухлул хIакъалъулъ гIемер бицунеб гьечIин, амма ругин гьелъул рахъ кколелги, гьелдаса Гуржиялъе зарал, хIатта хIинкъицин бугин рикIкIунелги.

Панфилов Олег: «Оппозициялда ругел, ай цеве вукIарав президент Михаил Саакашвилил рахъ кколел чагIаз абулеб буго, гьеб нух бахъиялъулъ жидеда Гуржиязул пачалихъалъе хIинкъи бихьулеб бугин. Россиялда Путинил тIалъи бугебгIан мехалъ гьелъул рахъ кколел чагIи Гуржиялъ дагьал рукIине руго, гьеб киназдаго бичIчIулеб ва лъалеб хIужа буго. Амма батIи-батIиял гIалимзабаз, кавказоведаз ва экономистаз рикIкIунеб буго, гьеб нухлуца кIудияб кумек гьабизе бугин Гуржиялъул экономикаялъе. Гьез абулеб буго Кавказ цогояб бугин, рукIине кколин щулиял экономикиял, культуриял бухьенал, Кавказ цогояб геополитикияб регион хIисабалда цебетIезе кколин. ХIакъикъаталда гьабсагIат Гуржиялъ унел руго батIи-батIиялъ лъугьа-бахъинал ва гьеб нух гIемерисезда кIочон буго. Гьеб нухлуда тIад хIалтIулел чагIиги гьечIо щалниги. Гьанжесеб Гуржиялъул хIукуматалъеги гьелъул кIвар гьечIо, дир хIисабалда, ахирал соназда бюджеталъул кризис буго».

Нух бахъизе кколилан хабар баккарабго гьеб ишалъе къимат гъоркьисаго кьун букIана Гуржиялъул хIукуматалъул вакилзабаз. Экономикаялъул министр Георгий Квирквиашвилица бицунеб букIана нух бахъи лъикIаб тадбир бугин, гьеб букIине бугин Шималияб Осетиялъулгун гIорхъода бугеб «Ларс» абураб контролалъул пункталъе альтернатива. Ларсалда цIакъго гIемер ккола гIазу бан нухал къаялъул хIужа, гьелъ бухьен къотIизабула кIиго пачалихъалъул ва бизнесалъе квал-квал гьабула. Нухал гIемер ругебгIан лъикI бугоян абун букIана гьес «Имеди» телеканалалъе. Амма къватIисел ишазул министр Майя Панджикидзеца абуна, гьеб суалалда тIад ургъизе кколин, Гуржиялъе Россиялъул рахъалъан нух бахъизе кколин лъицаниги абичIин.

Дагъистаналъул нухлул идараялъ гьабсагIаталда хIалтIаби гьарулел руго Шамил мухъалда. ЛъагIалил ахиралде гьел щвезе ккола ЛъаратIа мухъалде. Нух БежтIа мухъалде щун хадуб гурони Аваро-Кахетиялъул» нухлул хIакъалъулъ бицине цудунго бугилан лъазабуна нухлул агентствоялъул нухмалъулев Хучбаров Загьидица I6 октябралда РИА «Дагестан» агентствоялда букIараб пресс-конференциялде. БежтIаса Гуржиялъул гIорхъоде щвезегIан буго 22 км.

XS
SM
MD
LG