МагъчIваялъе рес

"Жидеразего" тамихI гьабизе биччаларо полициялъ


Гьал къоязда лъагIел сверула низам цIунулез хасаб операция тIобитIулебинги абун Табасаран мухъалъул Акка росулъ Мирзаханов Рамиз чIваралдаса. Гьев мухъалъулаб мажлисалъул депутат чIваразе жеги кинаб букIаниги тамихI гьабун гьечIин, гьабизеги ракIалда гьечIолъи бихьулеб бугила жидедайилан абун ццин бахъун руго гьесул гIагарал.

2014 соналъул 21 октябралда чIварасул рукъалда нахъа бугеб минаялъул бетIергьан, Табасараналъул изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчи ГIабдуселим Мирзаханов кквезелъун тIобитIун букIун буго гьеб росулъ хасаб операция. Гьел хасал тадбирал тIоритIулелъул батIи-батIиял щаклъи бижизабулел гьаркьал рагIун рокъоса къватIиве вахъарав Рамис чIван вуго полициялъулаз.

Къуваталъул идараби Рамис мекъи ккун чIваялъе мукIурлъун гьечIо. Гьелъул гIаксалда, нусги босун жидеде тIадекIанцIанин гьев, цо полициялъулав лъукъизецин лъукъанин гьесилан чIезабун букIана. Гьелда хурхун Мирзахановасда тIад Россиялъул къануналъул 3I7 бутIаялда рекъон такъсир гьабиялъул иш рагьун букIана. Исана июль моцIалда цIех-рехалъул идарабаз ва прокуратураялъ чIезабуна Рамис Мирзахановас лъидениги тIадекIанцIи гьабичIеблъи ва гьес жив лъукъанин абун чIун вукIарав полициялъулас гьереси бицун букIин.

Такъсирчи жиндир вац гуреблъи чIезабизе кIваниги гьев чIварав чиясе тамихI гьабизабизе кIолеб гьечIин жидедайилан абун ццин бахъун вуго чIварасул вац Руслан Мирзаханов. Дагъистаналъул цIех-рехалъул идарабазда божилъиги гIечIого Мирзахановаз гьеб иш Ростовалъул рагъулаб прокуратураялъухъе кьезабун буго, амма гьелъулги батIияб хIасил ккечIин абулеб буго гьез.

Руслан Мирзаханов: «Кинги гьев дир вац чIварал чагIазда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьулеб гьечIо хасал идарабаз. Гьеб иш рагьизе инкар гьабурав цо цIех-рехчи нахъе рехана хIалтIудаса, цойгидал цIех-рехчагIазеги нижер гьеб иш рагIалде бахъинабуларогойин абун гIемерал бадирчIваял щолел ругин нухмалъиялъул рахъаласанилан абулеб букIана, амма такъсиргьабиялъул иш рагьизеги толеб гьечIо. Чанго экспертизаялъги бихьизабуна дир вацасда речIчIарав Бабаевас мекъи баянал кьолел рукIинги, гьеб бицухъин иш букIинчIолъиги.

Гьев Бабаевасда гIайиб батиялдаги щаклъи буго нижер, нижехъе щварал баяназда рекъон гьел къояз гьев хIалтIудагицин вукIинчIо. Нухмалъиялъ тIаде босизабун бугин кколеб буго дида гьесда гьеб иш. Рамисица полициялъул хIалтIухъанасда кьабанин абулеб букIараб нусалда букIараб биги гьев Бабаевасул биги данде кквейилан дица абураб мехалдаги экспертал чIана дандекквей гьабизегIанаб би гьечIила гьеб носодайилан, щай гьеб букIунареб бидул цIураб нус букIараблъи дида бихьизабун букIана гьез.

Гьеди-гьединал багьналги ратун, такъсиргьабиялъул иш рагьизе гIураб баянал гьечIин абун нижее харбалги рицун гьеб иш гьоркьоб инабизехъин буго къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз».

Гьал къоязда Руслан Мирзахановас жиндир вац чIварал чагIи тамихIалде цIазе квербакъейилан абун Россиялъул президент Владимир Путинихъе кагъатги хъван буго.

Дагъистаналъул полициялъул нухмалъиялъ гьарулел тIекъал жалазде данде вахъиналъ хIалтIудаса реххарав полковник СалихIХIажиевас рикIкIунеб буго Дагъистаналдаги улкаялдаги къуваталъул идарабазул система лъикIаб рахъалде хисизе ккани бищун цебе гьеб системаяллъул нухмалъиялъе гIадлу гьабиялдасан байбихьизе кколилан.

КигIан къадаравги жиндирго хIалтIухъан цIунизе хIаракат бахъулила нухмалъулес, щай гурелъул гьесда гIайиб букIин чIезабуни, жавабчилъиялде гьесул нухмалъиги цIалелъулила. Гьединлъидал гьеб системаялъул чагIи цоцаца ккун рукIиналъ гьезул кьерулъа чиясе тамихI гьабизе цIакъ захIмалъулила.

СалихI ХIажиев: «Дир пикруялда рекъон республикаялъул къуваталъул идарабазул кинабго нухмалъи цIидасан аттестация кьезе тIамизе ккола. Гьеб кьолелъул жамгIияб комиссияги гIуцIизе ккола гIадатиял гIадамаздасан. Гьеб комиссиялъул цониги щаклъи ккараб бакI бугони гьев чиясул бажариялда, гьеб мухIканги гьабун хъулухъалдаса вахъизе ккола.

Биччан те гьеб жамгIияб комиссиялъги киналдаго хадуб халкввезе. Гьединго щивав жанисел ишазул системаялъул хIалтIухъан полиграфалдасан риччазе ккола зама-заманалдасан. Нагагь низам цIунулес такъсир гьабун бугони гIадатав чиясдаса кIиго нухалъ кьваризабизе ккола гьесие гьабулеб тамихI. Жидеда бугеб жавабчилъи бичIчIизе биччан те гьезда.

Гьев хIалтIухъанасул кинабго нухмалъиги хисизе ккола. Гьеб мехалъ лъугьуна гIадлу, жидерго хъулухъазда хIинкъун рукIуна киналго, гьез жидецагоги хвезабулаго гIадлу гьеб гьабизе цойгидазеги биччаларо. Гьеб гурониги цойги дица кидаго абулеб жо буго гьеб такъсиргьабурав низам цIунулесул гIагарлъиялъул чиго киданиги гьеб системаялде хIалтIуде восуларев хIал гьабизе ккола. Къанунги киназего цо бугелъул министразеги, гIадатиял гIадамазеги, полициялъулазеги».

XS
SM
MD
LG