МагъчIваялъе рес

Хасаб низам рагIалде бахъун буго Генуб росулъ


Унсоколо мухъалъул Генуб росулъ рагIалде бахъана терроралда данде чIараб хасаб низам. Изну гьечIого яргъидгIуцIаразул гIага-божарал полициялъулаз сияхIалде росулел ругин абулеб буго бакIалъул гIадамаз. ГIаммаб куцалда, 2007 соналдаса байбихьун халатбахъунеб бугила сияхIазде гIадамал роси Генуб росулъ.

Унсоколо мухъалъул Генуб росулъ халат бахъунеб буго терроралда данде лъазабураб хасаб низам. Росулъ тIоритIулел ругила цIех-рехалъул тадбиралин лъазабулеб буго Терроралда данде чIараб коммитеталда.

Гьединго чIезарун руго 10 октябралда низам цIунулезда ва Генуб росулъ цо рокъор сверун ккурал изну гьечIого яргъидгIуцIаразда гьокьоб ккараб кьвагьа-гIанхъиялда чIварал лъабго изну гьечIого яргъидгIуцIаразул цIаралги. Гьел кколел руго 24 сон барав Ибрагьимов Руслан, 27 сон бараб АхIмад ГIабдурахIманов ва Шамиль Шамилов. Гьел киналго кколила МухIамад Сулеймановасул къокъабазул хутIелазул чагIи ва гьел унел рукIанила Гендерил изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялда гъорлъе.

Гьединго хасаб операциялда чIварал республикаялда низам цIунулел чIваялде ва бизнесчагIазухъа гIарац бахъиялде хурхен бугел чагIи кколаанин лъазабулеб буго Терроралда данде чIараб коммитеталъул официалияб баяналда.

12 октябралда радал бакIалъул гIадамаз лъазабухъе, Генуб росулъ кинабгIаги кьвагьа-гIанхъи гьечIо, гьединго росулъ жанир хьвада-чIвадиялъе лазатбахъиял гьечIо гIадамазе. Росдал школа ва цогидал социалиял объектал хIалтIулел руго.

10 къоялъул бакъанидаса байбихьун низам цIунулез ахIулел руго чIварал яги цIех-рехалда ругел изну гьечIого яргъидгIуцIаразул гIагарал ва гьединго Сириялда ратизе рес бугилан рикIкIунезул гIагарал гIадамал.

Гьезухъа генетияб анализалъе жал ва гьединго гьаркьил образецал росулен ругин абулеб буго бакIалъул гIадамаз. Рохьор ругезул цересел гIага-божарал гурелги сияхIазде росулел ругила нахъисеб гIагарлъиялъул чагIиги, участкоовыясдасан полициялъул бутIаялде ахIун би ва килщазул лъалкIал, гьединго гьаркьил хъвай-хъвагIай гьабулеб бугин хъвалеб буго «Кавказский Узел» сурсаталъ Генуб росулъа цIар абизе бокьичIей гIаданалъул рагIаби рачун.

Амма цо-цо информ-сурсатаз лъазабухъе, гьанже изну гьечIого яръидгIуцIаразул гIагарал сияхIазде росизе байбихьанин хъвараб жо битIараб гьечIин, гьел сияхIалде росулел ругин 2007 соналдаса байбихьунин баян гьабуна Генуб росулъа Шамиль МухIамадовас.

ГIадамал хIинкъулел ругила, кинабго бицине, киназулго лъимал, эбел-эмен ва цогидал рукIиналъ гьезие зарал букIинилан, амма росулъ цIакъго лъикIаб гьечIеб хIал бугила.

Шамиль МухIамадов: «Гьанже гIадамал сияхIалде росулел ругин абураб жо дида мекъи бугин ккола. Гьеб байбихьана 2007 соналдасаго. Вацила, вацгIалила абун, гьеб сияхIалде росичIел чагIи къанагIат рукIун ратила росулъ. Гьаб киIго къоялда жаниб, гьелдаса цебеги МухIамад Сулейманов чIваралдаса Жанисел ишазул бутIаялде ахIун гIадамазе хIинкъаби кьолел руго.

ЦIарал рехсезе бокьун гьечIо, амма букIана лъугьа-баъин, рачIун рокъорегун, столалда лъун гулбигун, гьаб нужехъ батараб бугилан абулеб, гьединго дуца цощивалигогун бухьен гьабулеб бугилан абун Жанисел ишазул бутIаялде ахIун. Гьенире рачиндал щиб букIунеб – гьениб абулеб буго дуца пуланаб къадар гIарцул бачIинчIони нуж теларин абун.

Росулъа гIадамал хIинкъулел руго, къватIиб бицунеб гьечIониги, гьеб бицунгутIиялъе гIиллаги буго хIинкъи гIадамал жидер лъимал ва цогидал гIагаразе зарал келилан. Ахираб кIиго анкь гIанасеб заманалда жаниб Стамбулалде лъутун рачIана чанго Генуса чи, гьеб бугеб хIал хIехьезе квеялдаса ун букIиналъ. Гьанже гьел гIадамал лъела цIех-рехалда ИГИЛалде аралилан абун, гьединаб хIал буго росулъ».

Росулъ бугеб хIалалда хурхун баянал кьун ва бугеб хIал бицун жал свакан ругин абулеб буго Генуб росулъа гIадамаз.

СияхIалде росиялъ гIемерал квекIенал гьарулила, масала росулъе жаниве яги къватIиве ине кканани цин полициялъул бутIаялде ун гьениб хъвай-хъвагIай гьабизе кколила.

Гьединго полициялъулаз сияхIазде росарал гIадамал щибаб полициялъул посталда чIезарун, гIемерал лазатбахъиял кколел руго. СияхIалде нагагь гъалатI ккун восун вугониги чи, гьениса нахъе хъвагIазе кинго бажаруларилан абулеб буго гIадамаз.

Гьанибго абизе ккола, Гендерил тоннелалъул хIалтIуде щибго асар ккечIин иргадулаб нухалда Генуб росулъ лъазабураб терроралда данде чIараб низамалъул. Транспорт хьвадиялъе кинабниги квекIен гьечIо.

XS
SM
MD
LG