МагъчIваялъе рес

Чачаназул цояз бертаби Дагъистаналда гьаризе ратила


Гьал къоязда Чачаналъул бетIер Рамзан Къадировас гъулбасун буго республикаялда бертаби гьариялъул низам чIезабиялъул документалда. Гьелъ гIорхъичIвай гьабун буго бертабазул батIи-батIиял гIадатазе. Гьезул гIемерисел гьукъун руго. Гьелъул хIасилалда гIемерисел чачанал бертаби гьаризе Дагъистаналде рачIине рес бугилан абулеб буго «Эркенлъи» радиоялъ цIех-рех гьабурал экспертаз.

Чачан республикаялъул нухмалъулев Рамзан Къадировас гьукъун буго бертабалъ гьекъел-мехтел, кьвагьдей. Хасаб документалда хъван буго мухIканго кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали гIолилазул бертадул заманалда. ГIемерисел гIорхъичIваял гьарун руго кьурдулеб къагIидаялда.

Мисалалъе, бегьуларо гIолиласе жиндаса гIумруялъ кIудияв чиясда цеве кIанцIун кьурдизе, цоцIул кьурдизе вахъун кIиго батIияй ясгун кьурдизе, кьурдун уней ясалъе нух къазе, гьелда аскIовегIан къазе кьурдулаго ва гьел гурел цоги батIи-батIиял ишал. ЧIезабун буго бахIаралъул кинаб гурде букIине кколебалицин. Чачаназул нухмалъулезул тIалабазда рекъон, гьеб букIине ккола гIадаталда ва диналда данде кколеб, габургун кверал рахчатаб. Гьеб киналдаго хадуб халкквезе ккола бертин бачунев тамадаяс ва бертин тIобитIулеб рукъалъул хважаинас.

Экспертазул пикруялда рекъон, гьел киналго тIалабал тIуразе руго Чачаналъ, амма жидеего бокьахъе бертин гьабизе бокьарал чагIи рачIине руго Дагъистаналде. Гьелъие гIурал ресалги руго, щайгурелъул бертадул индустрия республикаялда ахираб заманалда цIакъго цебетIун буго ва цIакъго гIемер гIарац тирулеб бизнесалде сверун бугилан бицунеб буго батIи-батIиял информалатазда ва блогосфераялда. ГIицIго гьеб темаялда хурхараб I4 журнал биччалеб буго республикаялдаян бицана «Эркенлъи» радиоялъе рекламаялъул менеджер Шахпазова Сакинатица.

Гьей жийгоги цеекун гьединаб журналалъул бетIерай редакторлъун хIалтIулей йикIана. Гьелъул рагIабазда рекъон, чачанал гьадингоги гIемер рачIуна Дагъистаналде берталъе къайи бугониги, ретIел бугониги босизе. Дагъистандаго гIадин цIакъго гIемер гIарацги хвезабун, кIудиял бертаби гьарулеб гIадат буго гьезул, амма гьеб гьукъиялъ гьел тIамизе руго Дагъистанаде рачIинеян бицана гьелъ «Эркенлъи» радиоялъе.

Шахпазова Сакинат: «Дир хIисабалда, гьел Дагъистаналде рачIине руго, щайгурелъул, Грозниялда цIакъго бечедал бертаби гьарула. Гьадинго интернеталда хал гьабураб мехалъги бихьулеб буго гьезул багьа бугел машинаби, бахIаралъул гурдал, бечедал бертадул рукъзал рукIин. Гьединал шартIал цоги Шималияб Кавказалъул республикабазда гьечIо, гIицIго Дагъистаналда гурони. Нилъер республикаялдаги цIакъ гIемер гIарац тирулеб буго бертабазда хурхаралщинал тадбиразда. Мисалалъе, банкетный залалъул багьа буго гIага-шагарго I50-200 азарго гъуруш, гьоркьохъеб бахIаралъул гурде буго I00 азарго гъуруш, артистазе кьезе ккола цо сагIтихъ I5-20 азарго, видеооператорасе 40 азарго, фотографасе 20 азарго, официантазе, музыкантазе ва гьел гурел цогидазе кьезе ккола. Дица хъалималъул бицунеб гьечIо. Руго гьединго миллиял хаслъабиги. Мисалалъе, Губденалъулаз чара гьечIого бахIаралъе босула 400-500 азарго гъуршил багьаяб хасаб жидерго некIсияб кIаз. ТIокIал учузго гьел гьезего гьечIо. ГIага-шагарго МахIачхъалаялда гьабулеб гьоркьохъеб бертаде уна I миллион гъуруш гIарац».

Шагьаралда бертин гьабулел чагIазул гIемерлъиялъ, банкетний залазда иргаялда хъвазе ккола чанго моцIалъ цеве. МахIачхъалаялда цо-цо залазда лъагIелалъ яги кIиго лъагIелалъ цебе бертадул болжал цIазе ккола. Чачаналъа бертин гьабизе рачIунел ругони бертин гьабиялъул иш жеги захIмалъизе бегьула гIадатиял дагъистаниязеян бицана «Эркенлъи» радиоялъе бертабазул организатор ГIарипов ГьитIихIмаца.

ГьитIихIма ГIарипов: «МахIачхъалаялда бугеб «Марракеш» абураб залалда кIиго лъагIелалъ цеве иргаялда хъван вукIана дун, васасе бертин гьабизеян. Жибго залги лъикIаб буго, гьединлъидал гьенире унел чагIи гIемер руго. ГIадамазул тIалабал рукIуна батIи-батIиял, гьезие данде кколедухъ гьабизе хIаракат бахъула. Аслияб къагIидаялъ тIалабал цо тайпаялъул рукIуна. Цо хасал тIалабал цIакъго къанагIат рукIуна. Цояз гIемер гIарац кьола зал данде кколеб балагьизе, цогидаз кочIохъаби машгьурал ахIула, лъабабилез цоги ишазде кIвар кьола. Дагъистаналде жеги чачаналги рачIани, бертабазул индустрия жеги цебетIезе буго».

Хасавюрталда бугеб «Арианна» абураб залалъул администратор Мадина ГIалиевалъул рагIабазда рекъон, гьадингоги гIемер чачанал рачIунел руго гьенире бертаби гьаризе. Гьел рачIиналъе аслияб гIиллалъун гьелъ рикIкIунеб буго Чачаналда берталъ алкоголь гьукъараб букIин. Ахирисел тадбиразда хадуб рачIунезул къадар жеги цIикIкIине бугилан рикIкIунеб буго гьелъ. Амма МахIачхъалаялда гIадин бертадул ирга щвеялъухъ гIемер балагьун чIезе кколел гьечIо гьенир. Багьаялги гIемер гьечIо. Мисалалъе, 500 чиясе бакI бугеб залалъухъ кьезе кколеб буго I00 азарго гъуруш, гьединабго МахIачхъалаялда 250 азаргоялдаса гъоркье гьечIоан.

Гьединабго хIал буго Гъизляр ва Гъизилюрт шагьараздаги. «Раян» абураб Гъизилюрталда бугеб залалда багьа 90 азарго гъуруш. Мавлид бугони, ялъуни бертин хасалил заманалда гьабулеб бугони 20 азарго гъуруш тIаса бахъулеб буго.

XS
SM
MD
LG