МагъчIваялъе рес

Даниял ШихсагIидов рокъов туснахъ гьавун тун вуго


Хизри ШихсагIидов ва Рамазан ГIабдулатIипов: балъгояб кIалъай.
Хизри ШихсагIидов ва Рамазан ГIабдулатIипов: балъгояб кIалъай.

Хамиз къоялъ Ессентукиялъул диваналъ кIиго моцIица рокъов туснахъ гьавун тана, бюджеталъул 14,6 миллион бикъиялда щаклъи букIун ккун вукIарав Буйнакск мухъалъул бетIер Даниял ШихсагIидов.

Лъабго моцIица Есентуккиялъул туснахъалда вукIана гьев жанив тIамун, гьесул ишги Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул цIех-рехалъул идараялъухъ букIана. Гьесул эмен Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул бетIер Хизри ШихсагIидовас цIех-рехчагIазде тIадецуй гьабичIого букIине, Дагъистаналъул къуваталъул идараби гьоркьоре къазе течIила гьеб ишалдайилан абулеб букIана экспертаз.

«Эркенлъи» радиоялъ цебехун бицун букIахъе гьеб Халимбекаул росулъ лъималазул ах базе биччан букIараб гIарац Даниял ШихсагIидовас, республикаялъул бакIал раялъул системаялде гьоркьобе унеб «Дирекция единого государственного заказчика – застройщика» абулеб идараялъул бетIер Шамиль Къадиевгун ва Буйнакск мухъалъул «МФЦ» ялъул, ай гIадамазе батIи-батIиял документал гьаризе кумек гьабулеб хасаб централъул нухмалъулев Къагьир МухIамадовгун цададахъ рекъон хIилла-рекIкIги гьабун бикъун букIиналда щаклъи буго къуваталъул идарабазул.

Гьел церехун рехсарал МухIамадовги, Къадиевги ккун руго къуваталъул идарабаз. Гьел рукIарабго бакIалда Есентуккиялъул туснахъалдаго руго, ШихсагIидовасда цадахъ рокъор туснахъ гьарун къватIире риччачIо гьел.

Шамиль Къадиев захIматаб хIалалъ чакаралъул унти бугев чи вугин, гьесие чара гьечIого хIажалъулел инсулинги цойгидал дарабиги кьолел гьечIин гьеб туснахъалда, гьелъ гьесул сахлъиялъул рахъ нахъе кколеб бугин, хасго берзул канлъи цIакъго дагьлъулеб бугин гьесул, гьев рокъов туснахъ гьавейин, яги медицинаялъулаб кумек чIезабейин гьесиейилан абун хитIаб гьабун букIана гьесул гIагарлъиялъ улкаялъул тIалъиялъухъе. Гьелъул хIасил кинаб ккарабали лъалеб гьечIо.

Экспертаз Даниял ШихсагIидов кквей хурхинабулеб букIана МахIачхъалаялъул мэрасул рищиязда. Дагъистаналъул тахшагьаралъул бетIерасул хъулухъалде вачIине вукIарав аслияв кандидат Сайгид МуртазгIалиевги «Единая Россиялъул» Дагъистаналда бугеб бутIаялъул кIудияв Хизри ШихсагIидовги цадахъ рекъон, рищиязда бергьенлъи босизе ракIалда букIанин абулеб букIана экспертаз. Гьедин Хизри ШихсагIидов гIодой виччазавизелъун багъаризабунин гьесул васасда сверун гьеб ишилан. МуртазгIалиевасда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьиялъе ругел гIиллабазул цояблъунги гьелго рищиял рехсолел рукIана.

Даниял ШихсагIидов рокъов туснахъ гьавун теялъ гьесул иш роцIцIанин абизе бегьуларин рикIкIунеб буго журналист Маркъо ШагIбановас. Инсул бажариялдалъун заманалъ рокъов тунин абун, тамихIалдаса гьев ворчIиларин рикIкIунеб буго гьес.

Маркъо ШагIбанов: «Азербайджаналъул президент Ильгьам ГIалиевасда Хизри ШихсагIидовасги гьарун, гьес Владимир Путинидаги гьарун рокъов туснахъ гьавун тун вуго гьев Даниял. Гьаб сагIат Азербайджанги Россияги кIиялго цадахъ рекъон хIалтIулел пачалихъал ругелъу ва Азербайджаналъ жидер ракьалдасан Россиялъе гьаб сагIат Сириялде самолеталги, геликоптералги роржине ресги кьолеб бугелъул разилъун ватила Путин гьезул гьари къабул гьабизе.

Цин гьарараб мехалъ гьел нахъчIван рукIана Путиница. Инсул бажариялдалъун заманалъ рокъов тун вукIин гурони, гьесул гьеб такъсиргьабиялъул иш къалин кколаро дида. Цойги баяналги рукIана гьес бюджеталъе гьабураб заралги бецIун гьев эркен гьавизе бегьулин абунги, гьелъул рахъалъ жеги мухIканлъи гьечIо».

ШихсагIидовасда тIад иргадулаб диван исана декабралъул байбихьуда гьабизе буго.

XS
SM
MD
LG