МагъчIваялъе рес

Хасавюрталда цIияб рагъа-рачари. Щив вукIинев мэрлъун?


Ахираб заманалда бищунго кIвар буссинабулеб бакIлъун лъугьана Хасавюрт шагьар. Гьеб кIвар буссиналъе гIиллалъунги ккана араб соналдаса нахъе тIиритIулел харбал Хасавюрт шагьаралъул бетIер Сайгидпаша ГIумаханов хъулухъалдаса нахъе унев вугин.

Гьел гIицIго харбал рукIинчIеллъи баянлъана дагьаб цебегIан ГIумаханов Хасавюрт шагьаралъул муниципалияб гIуцIиялъул бетIерасул хъулухъалдаса нахъе инее гIарза кьурабго. Амма гьев тIубанго инчIо хъулухъалдаса, гьебго къоялъ шагьаралъул депутатаз вищана горсобраниялъул нухмалъулевлъун.

Гьелъул магIна ккола формалияб къагIидаялъ жиндир вукIарав заместительги шагьаралъул бетIерлъун тун, хIакъикъияб власть Сайгидпашахъ хутIулеб бугин абураб жо. ТIаде жоялъе горсобраниялъул киналго депутатал руго гьесул рахъ кколел чагIи.

Лъалеб букIахъе республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасулгун Сайгидпаша ГIумахановасул гIезегIан халат рахъарал гара- чIвариял унел рукIана гьеб хIукмуялда сверухъ. Нижехъе щварал баяназда рекъон ахиралда шагьаралъул бетIерлъун Зайнудин Охъмазов абурав буртинисевги тун ГIумаханов МахIачхъалаялда хъулухъалда тезе кколаан.

Щаялиго Охъмазов вачIинчIо Хасавюрталда тIобитIараб сессиялде ва мэрасул ишал тIуразарулевлъун тана ГIумахановасул заместитель Арслан Арсланов абурав лъарагIав.

Живго ГIумаханов гьелго депутатаз вищана шагьаралъул собраниялъул председательлъун. Гьанир хутIулел руго ричIчIуларел бакIал ва жаваб щоларел суалал. Цебеккун къотIа-къай букIун батани щай Охъмазов ахирисеб къоялъ вачIинчIев? Гьев республикаялъул властазищ виччачIев, ГIумахановасищ къабул гьавичIев, живгойищ инчIев, Москваялъищ течIев, ялъуни цойги нилъеда рихьуларел гIиллабазищ хутIарав?

Гьев толев вугин абураб информация тIоцебе дица кьун букIана интернеталда. Кьезеги гьеб мухIканал источниказда мугъчIвайги гьабун кьуна. Гьеб гьереси батани щай я республикаялъул бетIерасул, я Хасавюрт администрациялъул пресс-хъулухъаз, ялъуни живго Зайнудин Охъмазовас гьеб информация гьереси гьабичIеб? БитIараб батани щай рагIалде бахинчIеб, сунца квал-квал гьабураб? ХIисабал, суалал…

Дир хIисабалда республикаялъул бетIерасгун къотIа-къаялги гьарун ГIумахановас рагIи кьун буго ХъахIаб рукъалъ вихьизавурав чи тасдикъ гьавизе мэрлъун. Данде гьесиеги кьолеб букIун батула хIалтIи. Ахирисел къоязда я ХъахIаб рукъалъ гьесие инкар гьабун батула, ялъуни гьев Охъмазов абурав чи мэрлъун теялдаса инкарги гьабун цIияв чи валагьизе лъугьун ратула.

Гьеб бичIчIарав ГIумахановас хIалбихьи бугев политик хIисабалда хIукму гьабун буго щив гьез вихьизавуниги жиндиргун данд бачIого гьенив чи унареб къагIида гьабизе. Гьелъие гIоло ун ватула гьев горсобраниялъул председательлъунги. Кин бугониги Хасавюрт шагьаралъул бетIер теялда сверухъ бичIчIулареб ахIвал-хIал лъугьана.

Сон, сентябралъул лъеберабилеб къоялъ Хасавюрталда гIемерал гIадамалги данделъун хитIабал рукIана Рамазан ГIабдулатIиповасухъе ва хIукуматалъухъе Сайгидпаша ГIумаханов шагьаралъул бетIерлъиялдаса нахъе виччагеян.

Гьел рукIинчIо гIицIго ГIумахановасул сверухълъи, яги шагьаралъул актив ва гьезул гIагарлъи. Гьел рукIана хIакъикъаталдаги шагьаралъул букIинселъухъ ракI унтарал гIадамал. БатIи- батIиял миллатазул, батIи-батIиял пишабазул ва социалияб статусалъул. Гьезие хIажат буго шагьаралда парахалъи ва метер букIинелде божилъи.

Шагьар гIуцIиялъеги, парахалъи ва хIалхьи цIуниялъеги хвасарлъи гьезда бихьулеб буго цохIо ГIумахановасулъ. ТIаде жоялъе данделъараз 6 абилеб октябралда ахIулеб буго жидеца рахъ ккурав мэр цIунун 10000гIан чи вугеб кIудияб данделъи.

Я живго Сайгидпаша ГIумахановас, я официалияб республикаялъул власталъ ва пресс-хъулухъалъ гьел рагъа-рачариязда хурхун кинабгIаги баян кьечIо ва хитIаб гьабичIо. Шагьаралъул мэрлъун унел чагIазул кандидатураби кьоел рагIула I8 октябралде щвезегIан.

Жакъаялде цониги чияс кьун рагIуларо, дир хIисабалда кьейги щакаб жо буго. Гьаб бичIулареб ахIвал-хIалалдаса рорчIизе буго кIиго нух. ТIоцебесеб – нахъойги ГIумаханов шагьаралъул бетIерлъун тасдикъ гьави, кIиабилеб – церехун рукIарал къотIа-къаязда рекъон гьенив цойги чиги лъун Сайгидпаша республикаялда цониги хъулхъалде вачин. БатIияб къагIидаялъ хIалтIун гьениб суал роцIцIунеб хIал гьечIо.

ХъахIаб рукъалъ жидеего данде кколев кандидат вихьизавизе рес буго, ГIумахановас ва киналго гьесул рахъ ккурал депутатазгун жидее санагIатав гурони тасдикъ гьавуларо. Гьеб ахIвал-хIалалъ тIалаб гьабулеб буго маслихIат ва кIиябго рахъ рекъараб хIукму. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG