МагъчIваялъе рес

«Орденал щвезелъун хъварал тIахьалги» цIалдолареб умматги


Гьал къоязда МахIачхъалаялда байбихьун буго тIахьазул базар - «Тарки Тау». Исана ункъабилеб нухалда тIобитIулеб буго гьеб. Миллияб библиотекаялда лъун руго МахIачхъалаялъул басмаханабазда рахъарал гурелги, Москвагун, Нальчик ва цогидал бакIазда рахъарал тIахьалги.

МахIачхъалаялда тIахьазул базар лъеялъе квербакъарав аслияв чи ккола журналист, суратал рахъулев чи Марат ХIажиев. Гьединго гьесие кумек гьабулезул цояв хъвадарухъан СагIид Ниналалов вугиланги абизе бегьула.

Исанасеб базаралде рачIанин Россиялда къадруялин рикIкIунел риццатал журналазул нухмалъулел – «Октябрь», «Москва», «Дружба народов» абурал журналал кколин гьелилан бицана ЭР-ялъе СагIид Ниналаловас.

Хадубго гьес ЭР-лъе абуна жакъа нилъ рекIекълъизабулеб жо бугин гIолилал интернеталдеги телефоналдаги жанире руссун рукIин.

СагIид Ниналалов: «ТIолго дунялалда гьеб нух нахъа тана, гьанже цIидасан тIахьазде руссун

Алиса Гъаниева ва СагIид Ниналалов
Алиса Гъаниева ва СагIид Ниналалов

руго, цебегIан кутакалда цIалдолел гьечIониги. Америкаялдаги Европаялдаги гIезегIан лъикI ричулел руго тIахьал. Россиялдайин абуни гьеб рахъалъ иш тIиналде ккун буго. Гьединлъидал щиб гьабунги гIадамазул, хасго гIун бачIунеб гIелалъул кIвар тIехьалдехун буссинабизе къваригIун буго».

Амма жибго гьеб тIахьазул базаралде рачIарал чагIи, дагъистаниял, гIемер рукIинчIин бицунеб буго ЭР-ялъе ЛъаратIа мухъалдаса шагIир Садрудин Башировас.

Садрудин Баширов: «ТIаде рачIарал гьалбал гурони, залалда гьедигIан гIемер чи вукIинчIо дагъистаниязул. Гьелъие гIилла бугин кколаха дида гIадамазе бокьаниги бокьичIониги кIалдир къазарулел цого авторал рукIин. Расулил кечI щай цIалулеб букIараб гIадамаз? Щайгурелъул гьесул кочIолъ рукIана васасда хадуй ялагьулей эбелалъул чIалгIарал берал, йокьулелда хадуб урхъараб гIолохъанчиясул ракI. Жакъа гьазин абуни хъвалеб буго орденал щвезелъун гIадин. Дида ккола гьез хъвараб жоялъул 30 процент гуронги цIалулеб батиларин гIадамазилан. Хъванищ-хъванаялъе гIоло гьабулеб жо бугин тола дица гьеб».

Дербент шагьаралъул энциклопедияги, Кули ва Хив мухъал гIуцIаралдаса чамалиго сон тIубаялде рахъарал тIахьалги росун базаралдаса унев данде ккана Гъуниб мухъалдаса Сиражудин Къасумовги.

Сиражудин Къасумов: «Дица магIарул тIахьал росичIо, щайгурелъул гьел гьанир ричулел гьечIо. МагIарул хъвадарухъабазул тIахьал руго – Расулилги, ЦIадаса ХIамзатилги, цогидазулги. Амма гIурус мацIалда риччан ругоха. Гуребани, дица росилаан гьел. Дие цIакъ бокьула магIарул тIахьал цIализе. Цо кIудияв чиги вукIана гьенив гьединго магIарул тIахьал цIехолев. РатичIого гьелгун, цо-кIиго гIурус-тIехьги босун ана. Гьелъулъ буго гIунгутIи».

ЭР: «Щай гьечIин кколел дуда гьел? Хъваларогойищ магIарул мацIалда, яги хъваниги рахъуларогойищ?».

Сиражудин Къасумов: «КъватIире риччарал тIахьал руго церего риччанги рукIун цIидасан рахъарал. ЦIиял, жеги рагIичIел къисаби ва цогидаб цониги бихьичIо дида гьаниб. Хъваелл гьечIелъулха. Хъвадарухъабазул союзалъул вакилзабилъун рахъунел руго – тIахьал хъвалел гьечIо. Ратанигицин, кодоре щолел гьечIо. Нагагьлъун ругеб бакI лъани, дун ина гьел росизе».

Дагъистаналъул ГIелмияб Централъул басмаханаялда рахъарал тарихиял тIахьазда гьоркьор бищунго цIакъ гIадамаз гьикъулел ругин Дагъистаналъул мацIазда хъварал ва росабазул тарих хъварал тIахьалилан бицана ЭР-ялъе гьеб централда хIалтIулей ХIабсат Тилакаевалъ.

ХIабсат Тилакаева: «Гьанир гIадамаз цIехолел руго жиде-жидер мацIазда рахъарал тIахьал. Хасго гIолилаз цIехолел руго гьел. Гьедин гIемер цIехолел руго политикаялъул бицарал тIахьал, Дагъистаналъул халкъазул мацIазда рахъарал словарал, лъималазул литература. Гьеб лъималазул литератураги рахьдал мацIазда букIине къваригIун буго гIадамазе. Дербенталъул хIакъалъулъ тIахьал ругищиланги цIехолеб буго. Гьединго гIадамазе хIажат буго гIелмияб литератураги, политикиял лъугьа-бахъиназда тIасан рахъарал тIахьалги».

Россиялъул литератураялда цIиял цIарал гьечIин, хIажат ругин «Достоевскиялги» «Толстоялгийин» абураб гIарз бугоан тIахьазул базаралде рачIарал гIадамазул. Гьебго пикру бугоан гьезул Дагъистаналъул жакъасеб литератураялда тIасанги. Гьедин цо-цояз рехсолеб букIана Алиса Гъаниевалъул цIар. Амма гьелъ дагъистаниял къватIир чIвазарулел ругин, гьедин букIиналъ Россиялда машгьурлъунги йигин гьейилан дагIба букIуна дагъистаниязда гьоркьоб.

Жийго Алиса Гъаниевалъ ЭР-лъе гьадин загьир гьабуна жакъа Дагъистаналда хъвадарулел чагIазда тIасан пикру.

Алиса Гъаниева: «МагIарул мацIалда кучIдул хъвалел чагIи гIемер ратила. Амма гьел цIализе рес гьечIо дир, гъол тIахьал рихьуларогоха. Гьанир Дагъистаналда риччарал тIахьал Москваялде щоларо. Гьединлъидал дида лъаларо магIарул мацIалда хъвадарулел гIолохъанал чагIи ругищ-гьечIищали. Амма гIурусалъ хъвадарулел лъала. КIиго чи вуго – Вадим Керамовги Фазир Джаферовги. МагIарулал гуроха гъол, лезгиял руго».

Алиса Гъаниевалда цадахъ тIахьазул базаралде вачIун вукIана Россиялде Германиялъ витIарав официалияв вакиласул гIакълучи Райнер ГьаунрайтIер.

Гьесда Дагъистаналъул хIакъалъулъ лъан бугоан Алиса Гъаниевалъул тIахьаздасан. Гьедин Германиялда къватIибе биччан буго гьелъул «Праздничная гора» абураб тIехь. КватIичIого бачIине рагIула «Жених и невестаги».

Райнер: «ЦIакъго дагьал немцазда гурони лъаларо Дагъистан киб бугебали. Стан абун рагIидал, цебе бачIуна Узбекистан, Казахстан, Пакистан, Афгъанистан. ТIоцебе Дагъистаналъул хIакъалъулъ бицунеб рагIидал, доба рикIкIада Кавказалда гьоркьоб къараб бакI, ине цIакъго хIинкъараб бакI батилин кколаан. Цинги дида батана Алиса Гъаниевалъул тIехь – «Праздничная гора». Гъоркьисала Германиялда гьеб къватIибе биччана «Русская стена» абураб цIаралда гъоркь. Цинги дун дандчIвана Алисагун, гьеб мехалда гьейгун цадахъ рачIана цIорораб январь моцIалъ Дагъистаналда. Балъго рачIана. КIалъана гIезегIан батIи-батIиял гIадамалгун».

27 сентябралда тIахьазул базар Дербенталдаги лъезе ракIалда буго церехун рехсарал марта ХIажиевасдагун СагIид Ниналаловасда.

XS
SM
MD
LG