МагъчIваялъе рес

Сириялъул кавказалъулал Россиялъ къабул гьарулел руго балъго гIадин


10 сентябралда Кабардагун Балкариялъул бетIерасул пресс-секретарас лъазабуна кIиазаргогIан кавказияв вугин Сириялдаса лъутун вачIун, жидер доба рукIел балагьулев.

Гьел кколин гьанжеялдаса нусидаса цIикIкIун саназ церехун Кавказалдаса къватIире арал гIадамазул наслу. Гьеб республикаялъул тIалъиялъул хIинкъи буго рагъдаса лъутарал чагIи хIисабалда гьезда гъорлъ экстремисталги рукIине рес бугилан.

Гьебго заманалда гражданияб жамгIият гIуцIиялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ Россиялъул президентасда цебе гIуцIараб цолъиялъул вакил Максим Шевченкоца абулеб буго Россиялда кIвелаанин Сириялда лъутарав нусазариде гIагарун черкесав къабул гьавизе. ТIадежоялъе, гIурусазулгун черкесазул рагъул заманалда ва гьелдаса хадур адыгаздасаги, черкесаздасаги, убыхаздасаги, цогидаздасаги эркенлъарал ракьазде гIурусазул императрица Екатеринаца казакал гочинарунин бицуна бакIалъул гIадамаз.

Гьедин Кавказалда бугин гьезие гIураб ракь, гьеб гуребги, гьел чагIиги кидаялиго гьеб ракьул бетIергьаби рукIанин хъвалеб буго Россиялъул президент Владимир Путинихъе гражданияб жамгIият гIуцIиялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул цолъиялъ. Гьединго Сириялда гIумру гьабулел кавказиял аслияб куцалда росдал магIишаталда хIалтIун ругьунаб халкъ бугила, гьединлъидал тахшагьаралде гьел рачIиналда хIинкъиги гьечIила.

Амма сириялъулаз Европаялъул церетIурал улкаби цIикIкIун тIаса рищулел ругин, Россиялда гьел лъикI къабул гьарулареблъигIаги лъалеб батилин рагIизе бегьула интернеталдасанги цогидал сурсатаздасанги жалго россиялъулаздасан.

ГьанжелъагIан жидер гIадамал Сириялдаса Дагъистаналде умумузул ватIаналъухъ чIалгIун рачIунел рукIун ратани, гьанже гьел чаракъосиналъ рачIине кколел ругин бицана ЭР-ялъе Шафи ГIахъушалица. МагIарул миллаталъул лъадиги ячун Дагъистаналда гьес чIей гьабуралдаса гIезегIан сонал руго. Гьев ккола къватIир пачалихъазда ругел дагъистаниязул Ассоциациялъул нухмалъулев.

Шафи ГIахъушалил рагIабазда рекъон, Россия тун къватIир ругел ватIанцоял тIадруссиналъе кIвараб кумек гьабизе бугилан чанго соналъ цебе Россиялъул президент Владимир Путиница улкаялъул Федералияб Мажлисалде гьабураб хитIабалдаса хадуб кIудияб божилъи бижун букIун буго Сириялда гIумру гьабулел дагъистаниязулъги. Гьезул гIемерисел ккола гIурусазулгун Кавказалъул рагъ лъугIун хадур Дагъистаналдаса къватIире гочарал дагъистаниязул наслу. ГьабсагIаталда гьеб наслуялъул чагIи гIемер ругин Туркиялда, Сириялда, Иорданиялда ва дагьа-макъалго ругин ГIиракъалдагиян бицана Шафи ГIахъушалица. ГIиракъалда рагъ байбихьидал цо-цо дагъистаниял Сириялде гочун рукIун руго.

ПалхIасил, ахирал соназде щвезегIан Сириялда хутIарал дагъистанияз гIемер хитIабал гьарун ва кагътал хъван руго жал нахъе къабул гьареян. Амма Дагъистаналъул хIакимзабаз гьеб иш кIвар кьечIого тун буго. Гьеб рахъалъ Дагъистаналъ жиндир мадугьалзаби Адыгеялдасагун Кабардаялъулгун Балкариялдаса мисал босизе бегьулаанин рикIкIунеб буго Шафи ГIахъушалица. Масала, цо-кIиго моцIалъ цеве Кабардаялдегун Балкариялде щварав гьесда бихьун буго Сириялда рагъ ккаралдаса гьеб республикаялъ къабул гьабураб черкесазул 350 хъизан. Гьебги, заманаялъе гуреб, бутунаго гьенир гIумру гьабун рукIине.

Амма Дагъистаналъул хIакимзабаз килщида килищ кIутIарабгIанасеб жо гьабулеб гьечIин гьеб суал тIубаялъеян абулеб буго Сириялдаса дагъистанияв Шафи ГIахъушалица. Жиндир эбел-инсуцаги ракьцоязги ахирисеб къайи бичунги долларалги росун, гьоболлъи гьабулаанила Сириялде рачIарал дагъистаниязе. Гьездаса чIухIун рукIунаанила. Амма гьелда релълъараб гурхIел-рахIмуйин абуни жидеда дагъистанияздасан бихьулеб гьечIила.

Шафи ГIахъушали: «Дагъистаналъул элита буго цо киналалиго мифаз кодобе босун. Гьезда яги лъалеб гьечIо гьеб масъала кин тIубалебали. Ялъуни гьел гьезухъ балагьулел руго тушбабазухъ гIадин, рукIинесел экстремистазухъ кинигин. Республикаялъул бетIерасги жеги лъилгунниги кIалъай гьабичIо гьеб суалалда тIасан. ГьанжелъагIан Дагъистаналда рукIарал бутIрузги гьечIебин тараб суал буго гьеб – Сириялъул дагъистаниял тIадруссинари.

Цо заманалда Иорданиялъул къиралгун дандчIвайдал, МухIамадсалам МухIамадов кIалъан вукIана дора гIумру гьабулел дагъистаниялгун. Америкаялъул гражданал рукIаралани, гьездехун тIадегIанаб бербалагьи букIинаанха. Гьалин абуни, щал? Мискинал сириялъулал, рагъуца киналдасаго ратIа гьарурал. Я гIарац гуреб, я цойгидалъул бетIергьаби гурел, лъие къваригIарал чагIиян толел ратилаха».

Россиялъул миграциялъул хъулухъалъул нухмалъулев Константин Ромадановскиясул рагIабазда рекъон, исана Россиялдасан Европаялде ун вуго 182 сириялъулав. Гьесго абун букIана Сириялдасагун Ливиялдаса чагIазе кIудияб гъира гьечIин Россиялда чIезе.

XS
SM
MD
LG