МагъчIваялъе рес

Педагогал: "Богода хIелеко ахIдани, рогьине байбихьуларо гури..."


Россиялъул лъай кьеялъул министр Дмитрий Ливановас лъазабуна исанаялдаса байбихьун улкаялъул школазда къватIиса пачалихъазул кIи-кIи мацI малъизе бугилан. Гьелдалъун лъималазул лъай кутакалда цебетIелин, гьезда ракIалда жо чIезабиги лъикIлъилин абураб пикру буго гьесул.

Гьедин къватIиса пачалихъазул мацIал гьанже 2 классалдасаго байбихьун ратани, кIиабилебги чияр мацI 5 классалдасан кьезе бугин лъазабуна министрас.

КъватIир пачалихъазул кIиго гIунтIун мацI лъазабизе кколеб батани, рахьдал мацIал щайинха гIин кьурун тун ругел, щиб хIал бугебалигицин цIехечIогойин абураб разилъи гьечIолъи баккулеб буго рахьдал мацIазул мугIалимзабазда гьоркьобги.

ЭР-ялъе гьединаб пикру загьир гьабуна Хасавюрталъул педколледжалдаса мугIалим Написат Расуловалъ.

Написат Расулова: «КъватIиб пачалихъалъул кIиго батIияб мацI лъазабизе нилъее хIажат бугодайин абураб суал лъезе ккола цин нилъедаго цебе. Гьедин лъазабараб мацI кибдай нилъеца хIалтIизабизе бугеб? Школалдайищ, хIалтIудайищ, базаралдайищ, нилъер Дагъистаналъул гIадамал къватIиреги ун гьенибищ гьез гьелдаса пайда босизе бугеб? ГьечIо. Гьединлъидал дица гьадин абила. 11 класс лъугIун арал лъималазда гьел къватIиса пачалихъазул мацIал кинаб даражаялда лъалел ругоян цIех-рех гьабе. Гьелдаса хадур, ургъун, лъе кIиабилебги мацI программаялда.

Гьелдаса нилъее гьабсагIаталда хIажатаб жо буго Дагъистаналъул халкъазул мацIалги, гIадаталги, маданиятги цIунизе. Нилъее санкциял лъуралъухъищ нилъеца гьезул мацIал лъазаризе кколел? Нилъ гIадамал ратани, нилъерго мацIазде кIварги кьун чIезе ккола. Америкаги нилъеда данде, Европаги нилъеда данде. Нилъин абуни, гьезул мацIалги лъазарун, бахIри киннигин, гьезда хаду-хадур унел. Кончита Вурст йиго гьезул (Европаялъул) гIаламат. Гьелда релълъинаризейищ къваригIун бугел нилъерго лъималги?».

Чияр кIиго батIияб мацI лъайни квешаб пикру гьечIоанин, амма цо мацIгицин лъазабун рекIеде щолареб мехалда, тIадеги цойги мацI щибизейин гьикъулеб буго педагогаз. Гьединал пикраби гIемер рагIизе бегьула прессаялдасан. Гьеб масъала буго Россиялъул гурелги, Дагъистаналъул школаздаги. ГIураб къадаралда гьечIо тIахьал, цIалул пособиял, гьечIо лъикIал мугIалимзаби. Мукъсанабго харжихъ школалда хIалтIизе инкар гьабулеб буго гIемерисез.

Гьединго буго цойги захIмалъиги. Дагъистаналъул лъималазе гIурус мацIги ккола къватIиса пачалихъазулго гIадаб мацI. Гьелда тIадеги гьанже 2 классалдаса байбихьун кьолеб буго аслияб куцалда ингилис мацIги. Цинги гьанже 5 классалдасан байбихьун цойги чияр мацI малъизе лъугьани, лъималазе цIакъго захIмалъулин рикIкIунеб буго Хунзахъ мухъалъул ЛъагIилухъ школалда ингилис мацI кьолей Лариса Мирзоевалъ.

Лариса Мирзоева: «Эб (цойги мацI малъиялъул предмет – ЭР) тIаде бачIаниги бегьилаан, гьеб лъазабилъе хIукуматалъ шартIалгIаги чIезарулел ругелани. ТIахьазул гIурал комплекталцин чIезаризе кIолеб гьечIо. Исана 2 классалдасан малъулеб буго нижеца ингилис мацI. Амма 11 гурони тIехь гьечIо. Гьеб мехалда улбузда абула нижеца лъималазе тIахьал росейин. ХIукуматалъ чIезаризе кколел тIахьал жидеца щай росизе кколелин жаваб кьола гьез. ТIокIаб жо гьечIониги, гьел тIахьаздалъунгIагийищха хьезаризе кIоларел?

Дица абулеб гьечIо лингофонныял кабинеталги, дискалги, кассетабиги, спот-лайталги чIезареян. Масала, тIахьазул суалалъ нижерго райцентралде кIалъани, добасан абула жидехъги тIокIал гьечIила гьел. Цинги эбел-инсуда абуни, гьел дагIбадизе лъугьуна 300-400 гъурущги кьун, жидеца щайин гьел росизе кколел? Министраздаги цогидаздаги гьединал жал ричIчIулел гьечIеб къагIидаха. Бокьараб гьабун цIалдезарейила, лъимал, бокьараб гьабун малъейила гьездаян абула нижеда. Амма гьелъие хIажатал алатал чIезарулел гьечIо хIукуматалъ. Гьедин гьебги букIаго, гьанже Пачалихъалъул Цогояб Экзамен хIисабалда, къватIиб пачалихъалъул цо мацIалъул экзамен кьезеги тIамулел руго».

КъватIир пачалихъазул кIиго мацI малъизе батани, Дагъистаналъул школазул гIемерисез, исламалъул мацI хIисабалда, гIараб мацI тIаса бищилин абураб пикру буго цо-цоязул. Амма чанго соналъ цебе республикаялда хIужаби къватIиса пачалихъазул цониги мацI малъуларел цо-цо школаздагицин гьелдаса инкар гьабуна. Гьеб букIана исламияб цIали гьабизе гIолилал гIарабалъе риччагейин ахIи базе лъугьараб заман.

XS
SM
MD
LG