МагъчIваялъе рес

Лариса Дорогова: "Жакъасеб хIакъикъаталда юристасул ракIбацIадаб хIалтIуе бакIцин хутIун гьечIо"


Лариса Дорогова ккола Гъабардагун Балкариялдаса машгьурай адвокат. Гьелъул жамгIияб хIаракатчилъи ракIалде босун, гьей гьединго рикIкIуна инсанасул ихтиярал цIунулейлъунги.

Амма 30 июлалда Фейсбукалда тараб посталда гьелъ лъазабулеб буго, жинца гIарза кьунин Гъабардагун Балкариялъул адвокатазул палатаялдаса нахъе уней йикIиналъул ва юристалъул хIалтIи чIезабулеб букIиналъул хIакъалъулъин. Щай гьей гьединаб галиялде арай гIадамаз лъикIаб къимат кьураб 35 соналъул хIалтIуда хадуб?

Адвокаталъул хIалтIи толеб букIиналъул багьана Эркенлъи радиоялъе бицунаго, Лариса Дороговалъ абулеб буго, Россиялъул жакъасеб жамгIияталда юристасул хIалтIуе бакIцин хутIулеб гьечIин. Улкаялда, хасго Шималияб Кавказалъул республикабазда загьирлъулеб кIигьумерлъиялъул атмосфераялда юристасе гуребги, ракIбацIадго жиндирго тIадкъаял тIуразарулев бокьараб цогидаб профессиялъул чиясеги захIмалъун буго хIакъикъат батизе. Улкаялда къануназул къимат тIубанго хун бугин, гьезул бакIазда хIалтIизарулел ругин жидецагоги къануналги конституцияги рикIкIунарел тIалъиялъул вакильзабазул къагIидабийин, жубалеб буго гьелъ.

Лариса Дорогова: «Щай дица чIезабулеб бугеб дирго хIалтIи? Щайгурелъул киналго ресал къотIизарун руго хIалтIул. ТIуранго ресал къотIизарун руго. ХIехьезе бажарулеб къагIида хутIун гьечIин абизе бегьула. Гьанже бугеб хIакъикъаталде цIар буго къанунал гьечIеб, къанунал хIалтIулареб, ихтиярал гьечIеб хIакъикъат. Гьанже бугеб жоялде абуларишха полициялъул «беспределин». Хасго гьезул зулму хурхараб буго диниял гIадамазда».

Дороговалъул рагIабазда, гьелъие цIакъ бокьулеб буго жиндирго профессия. Амма жакъа ракIбацIадго хIалтиIзе ккани, юрист маххул вукIине кколев ватилин, жубалеб буго гьелъ.

Лариса Дорогова: «80 соназда гьаб хIалтIуде лъугьараб мехалда, дир талихIалъул гIорхъабицин рукIинчIин абизе бегьула. Дун хIалтIулей йикIана кIудияб гъирагун. Цебе гьеб хIалтIулъ логика хIалтIизабун дур рес букIана бергьине. Гьедин дун цIакъ йохулей йикIана дида пуланал гIадамал ритIухълъи гьечIеб ишалда хвасар гьаризе бажарараб мехалда. Цере дир гьединал гIемер ишал рукIана.

У, гьеб букIана цебе. Амма ахирисеб анцIго гIанаб сон букIана унго-унгояб жужжахI. Дица цIунизе кколел рукIана хIакъаб багьана гьечIого полициялъ ккурал, жидее гIазаб кьурал, жидерго киналго кьучIиял ихтиярал хвезарурал гIадамал. Дир гIемер рукIана ишал рикъарал, рухарал гIадамазда хурхарал. Хадуб рукIана 2005 соналда Нальчикалда ккаралда хурхарал ишал. Гьеб лъагьа-бахъиналъул цо-цо ишал гьанжеги халат рахъунелги руго».

Юристалъул рагIабазда, ахирисеб заманалда гьелъул хIалтIи хурхараб букIана динияб кьучIалда ккараллъун рикIIкунел ишазда. Жинца гьел ишазул аслияб къадар рикIкIунин, бусурбабазде тIадецуйги зулмуги гьабиялъулин.

Лариса Дорогова: «Гьанже бажарулеб жо гурин, абизе бегьула далилал рачун, ритIухълъи бихьизаби. Духъ далилал ругониги, рутIухълъи чIезабизе рес гьечIо. Къанунал цIех-рехчагIазги, диванчагIазги хIалтIизарулел руго жидеего бокьа-бокьараб къагIидаялда. ЦIех-рехчагIазулгун яги диванчагIзулгун адвокатасул кIалъай релъараб букIуна гIинкъасулги мацI лъаларесулги диалогалда.

Цебе цо-цо жо логика хIалтIизабун, далилал рачун мурадазде щвезе бегьулеб букIун батани, жакъа цIех-рехалъул ишалда яги диваналда хIасил букIуна пуланал къокъабазе яги даражаялъе къваригIараб. Гьениб къанун хIалтIулеб бугин абизе захIматго букIуна. Инсанасул ихтияралин абураб жо жакъа чIобогосел рагIаби ругинги абизе бегьула. Киса-кибего гьереси буго. Дица абулеб ахирисеб заман, гьеб ккола Путиница нухмалъулеб заман».

Дороговалъ кIвар буссинабилдеб буго, адвокатазул палатаялдаса нахъе иналъул хIукму гьелъул Нальчикалда дагьал къояз цебе букIараб хасаб операциялъгьесизаюн йикIиналде.

Лариса Дорогова: «Гьелда хадуб чанго къоялъ дида бажаричIо гIодой юссине. Низам цIунулез гьанже киданиги щивниги кверде восуларо. У, рагъ унеб бугин абизе бегьула. Амма рагъдацин асир гьарула гIадамал, гьел сахцин гьарула. Гьанибин абуни, гьерсалги рицун чIвала кидаго. Гьеб абизе бегьула унго-унгояб чIвадари бугин. Жидеца боевиказдаса тIалаб гьабунин кверде рачIин. Гьез гьелъул бакIалде жидеде кьвагьданин, жалго цIунулаго, жидеца гьел чIванин. Гьедин лъазабула кидаго гьезул пресс-хъулухъалъ. Гьединаб цокIалаб буго жакъа гьезул хьвада-чIвадиялъул сценарий.

Гьеб ккола унго-унгояб чIвадари. Гьелдаго цадахъ аскIоре риччаларо я юристал, я журналистал. Щай нилъ гьезда божизе кколел?! Бегьуларищ гьел чIвачIого, мисалалъе, газги хIалтIизабун лъавудаса инаризе яги рахчарал бакIаздаса къватIире рахъинаризе? Гьеб ккола чIвадари. Гьелъухъ гьел гIадамазе кьолеб буго лъикIаб гIарац. ЧIвалел руго гIолохъаби.

Гьеб кинабго бихьарай дида кколеб буго ХIХ гIасруялдаго байбихьраб Кавказалъул рагъ халат бахъулеб бугин. КIудияб заманалъ гьеб лъалхъун букIанин ва гьанже гьеб халат бахъунеб бугин. Гьеб буго геноцидалда релъараб жо. Щай? Щайгурелъул чIвалел руго гIолохъаби. Пикру гьабуни, бихьинал дагьлъизарулел руго. ХутIулел руго хералчагIиги гоIолохъанал руччабиги. Гьеб ккола генофонд хвезаби. Кин хъизанал гьаризе кколел гьез. Гьеб геноцид гIадаб жо ккола.

XS
SM
MD
LG