МагъчIваялъе рес

ГьоцIдерил ГЭС хIалтIизе биччачIого хутIана


ГьоцIдерил ГЭС хIалтIизе биччай иргадулаб нухалъ нахъ бахъулеб буго. ЦIебеккун лъазабун букIана гьеб 1 июлалъ рагьизе бугин. ХIалтIухъабаз ва бакIалъул гIадамаз абулеб буго гьенир техникиял гIунгутIаби ругин, амма «Русгидро» гIуцIиялъ гьеб информация уяб гьечIин абулеб буго.

Июнь моцIалъул авалалда ЧIалда-Къорода нух къараб бакIалде щварал Шималияб Кавказалъул ишазул министр Лев Кузнецов ва Дагъистаналъул БетIер Рамазан ГIабдулатIипов гьединго щвана ГьоцIдерил ГЭС балеб бакIалде.

Гьениб тIалъиялда цебе «Сулакский ГидроКаскад» гIуцIиялъул директор Тимур ХIамзатовас лъазабуна ГЭС рагьизе къо цIан бугин ва, гьенир гьарулел киналгIаги аслиял хIалтIаби, ай сангар бай ва турбинаби лъей лъугIун ругин, гьединго 665 метраялъул борхалъуде бахун цIезабун бугилан.

Амма 1 июль гIагарлъилалде гьенир цебеккун агрегатал хIалтIизе риччалаго гьениб авария кканин абулеб буго хIалтIухъабаз. Гьенир гIеемер гIунгутIиял тIатун, заводалъул брак ва хIалтIулареб изоляция батанин лъазабулеб буго гьез.

ГьабсагIаталда ГЭСалда гьел гIунгутIаби тIагIинариялда тIад хIалтIулел ругила ва мухIканго гьеб кида хIалтIизе биччалебали лъаларин лъидагойин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе жиндир цIар абизе бокьичIев хIалтIухъанас.

Гьеб информация мухIкан гьабизе «Эркенлъи» радиоялъ бугьен гьабуна «Русгидро» гIуцIигун. Гьезул баяназда рекъон, гьениб кинабгIаги техникияб гIунгутIи гьечIо. «Русгидро» гIуцIиялъул вакил МухIамад ХIамзатовас баян гьабухъе ГЭС рагьи нахъбахъун хутIулеб буго гьенире рачIине кколел хIакимчагIазул заман гIолеб гьечIоъиялъ.

МухIамад ХIамзатов: « Гьеб иш нижее бокьун буго тIадегIанаб хIалалъ тIобитIизе, Дагъистаналъул бетIер, «Русгидро» гIуцIиялъул нухмалъулев, Федералияб даражаялъул министр ва цогидал рачIун. Гьел рачIине цоясул данде ккун, цогидасул данде кколарого буголъун хутIун буго.

Гьеб хIалтIаби гьарулел рукIиналъ нахъбахъун бугин абулеб жо мекъи буго, щай гурелъул, гьенир биччан хадуб хIалтIаби кидагоги рукIуна. ТIубан хIалтIизе биччан, ГЭС бугеб къуватIалда хIалтIизе байбихьизегIанцин».

ХIамзатовас баян гьабухъе, гьенир киналгIаги гIунгутIаби тIатинарун рукIиналъул харбал уял кколел гьечIо. Амма гIунгутIаби ругониги, гьел къватIире лъазе кингоги толарин, гьеб гуреб батIияб жо гIуцIиялъул вакилзабаз абилищинхайин бицана цIар абизе бокьичIев хIалтIухъанас. ХIасил калам, 1 июлалъ ГЭС хIалтIизе биччачIогон хутIаралдаса, гьеб биччазе бугеб цогидаб къо цIалеб гьечIо.

Гьоцдерил ГЭС кколеб буго Дагъистаналда ругел ГЭСазул къуваталъул рахъалъ ункъабилеблъун.

Гьал къояз «РИА Новости» агентлъиялъе кьураб интервьюялда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас лъазабуна, Дагъистаналда жеги 37 ГЭС базе бугин Самур ва Сулахъ гIоразда, батIатIун гьез республикаялъул мугIрул мухъазул халкъ электрикияб энергиялдалъун хьезаризе рукIине.

ГьабсагIаталда республикаялъул ругел энергетикиял ресазул гIицIго 10 проценталдаса гурого пайда босулеб гьечIин тIаде жубана Дагъистаналъул нухмалъулес.

XS
SM
MD
LG