МагъчIваялъе рес

"ТIасияб Гъуниб" ишаналде босун бугин ккола


«ТIасинаб Гъуниб» абураб тIабигIияб паркалъул ракьал ижараялъ кьун лъугIулел ругин ва сверун къан, гьенир хIухьбахъизе рачIаразе лазатбахъиял ругин лъазабулеб буго хIухьбахъулез. ТIабигIияб паркалъул дирекциялъ лъазабулеб буго гьеб бакIалда 29 къануналда рекъечIогон ижараялъ кьурал ракьал ругилан.

Санайил азаргоялдаса цIикIкIун туристал рачIунел руго Дагъистаналде ТIасинаб Гъунире щвезе. Кавказалъул рагъул тарихалъулъ тIанкI лъураб бакI хIисабалда тарихияб кIвар гуребги, гьеб кколеб буго даруяб гьава-бакъ бугеб бакI.

Санайил, гьенире сахълъи щула гьабиялъул мурадалдаги рачIунел руго гIемер гIадамал ва хасго лъимал, гьениб лъималазул сахлъи щула гьабулеб лагерь букIиналда бан. Амма соналдаса соналде, тIасинаб Гъуниб, рохьоре рахунаго цIикIкIунел руго цо гьанир, цо дора дандчIвалел маххул сеткаяз сверун къарал бакIал.

Сеткаби къан рилълъине бакl гьечlин беседкаялде щвезегlан рохьоб. Тlадехунги кквечlеб бакlго хутlун гьечlин абулеб буго хIухьбахъи гьабизе араз. БакIалъул гIадамаз баян гьабухъе, байбихьи гьеб ишалъе лъун буго хlакимзабаз, хадур гIадатиял гIадамалги чIечIила.

ГъутIби чIезе ва цогидал, росдал магIишатиял хIажалъабазейин ижараялъ росарал бакIазда рукъзал, дачаби ралел ругин абулеб буго Гъуниб росула Муса Мусаевас.

Муса Мусаев: «Сеткаялъги къан жанире рачунел руго рохьил бутIаби. Гьениб кIудияб кIвар буго ракьул гъаталъул, щай абуни, гьелъ кьола гьениб бугеб хассаб асар гьаваялъе ва гъутIби рижиялъе. Росдал магIишаталъул хIажалъалабазе хIалтIизабизе ижараялъги босун, гьенир ралел руго дачаби. Бухъулеб, балеб буго. Квешаб хIал буго гьеб бакIалда».

Араб соналъ, информ-сурсатазда бахъун букIана хабар, тIабигIияб паркалъул ракьалда боцIи хьихьулеб бакI бан бугин цо бакIалъул гIадамаз. Гьеб базе ракь жидехъе ижараялъ кьурал чагIаз бокьал нахъе рахъизе инкар гьабидал, диваналде кьун, диваналдаса тIалаб гьабизе кканин гьел риххизарийилан абулеб буго «ТIасинаб Гъуниб» абураб тIабигIияб паркалъул дирекциялъул нухмалъулев Шамил МухIамадовас. Гьеб дирекция ккола Дагъистаналъул ТIабигIиял сурсатазулгун экологиялъул министерлъиялъул гъорлъе унеб. Жидеда гьенир ругел ракьазул жавабчилъи гьабун бажаруларин, гIицIго мухъалъул Рохьил магIишаталъул нухмалъилъи кколин гьелъул жавабиябин баян гьабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

МухIамадов Шамиль: « Нижеца жаваб кьола гьениб бугеб тIабигIат цIуниялъул. Кинабниги гьенир рохьал ругел 389 гектаралдаса цIикIкIун ракьал ккола мухъалъул рохьил магIишаталъул нухмалъиялда гьорлъе унел, гьез рикьулел руго гьел ракьал. ХIутIараб, азарго гектаралдаса цIикIкIун ракь буго Гъуниб росдал муниципалияб гIуцIиялъул бетIерасул жавабчилъиялда бугеб.

Дагъистаналъул ТIабигIиял сурсатазулгун экологиялъул министерлъиялъ яги нижер дирекциялъ гьеб ракь кидаго лъихъего кьоларо. Рохьил магIишаталъул нухмалъиялъул бетIер ИсмагIил ИсмагIиловасда чанго нухалъ кIалъана дун, гьеб ракьги гьеб рохьги гIадамазухъе кьун бикьун лъугIизабунани нилъер лъималаз цIазе кколарищин гьеб даруяб гьавайилан.

Гьес абулеб буго ижараялъ кьезе бегьулин гьеб бакIилан. Амма кин гьеб къануналда рекъон букIунеб, тIабигIияб парк бугеб бакIалда ракьал гIадамазухъе ижараялъ кьеяли, дида бичIчIуларо. Киназго абула, патриотал ругилан, патриотал ратани гьеб умумузухъан духъе щварал рохьал, ракьал цо чванта бугесухъе кьечIогон, лъималазе цIунизе ккола. ГьабсагIат, къануналда рекъечIого балеб 29 бакI буго гьеб паркалда. Гьел киналго сверун къарал бакIал кьурал чагIи ккола росдал бетIерги Рохьил магIишаталъул нухмалъулевги. ТIабигIияб паркалъул дирекциялъ, нижерго къуваталъ гьениб кIвараб бакIари гьабула. Исана бахъана 100 метраялдаса цIикIкIун, 70 –абилел соназго гьениб ккун бащадаб бегун букIараб сетка нахъе, гьединго дваназдаса тIалаб гьабун, риххизаруна бокьал. Цо нухалъ гуро, чанго нухалъ росдал бетIерасдаги рохьил магIишаталъул бетIерасдаги лъазаби гьабуна, тIалаб гьабейин гьеб бакIалъул, амма хIасил кколеб гьечIо».

Рохьил магIишаталъул нухмалъулев ИсмагIил ИсмагIиловас баян гьабухъе гьел ижараялъ кьурал ракьал къануналда рекъон, къотIи-къай гьабун кьурал кколел руго. Гьесул рагIабазда рекъон, Россиялъул къануназул кодексалда рекъон, 49 соналъ ижараялъ кьун руго ракьал гIадамазухъе. Гьениб бакIал раялъул хIалтIаби гьаризе рес бугищин цIехедал ИсмагIиловас баян гьабуна, гьелда хадуб халкквей гьабулин нухмалъиялъул хIалтIухъабаз.

ИсмагIил ИсмагIилов: «Гьеб бакIал сеткаяз сверун къан рукIиналъе аслияб гIила буго бакIалъул гIадамаз боцIи гьенибе гъолеб букIин, росулъ гьечIо вехь тун цо хасаб бакIалда боцIи хьихьулеб гIадат. Ижараялъ ракьал кьей къануналда рекъечIеб гьечIин аби мекъаб буго, киса-кирего кьола гьедин ракьал. Хас гьабун ТIасинаб Гъуниб гьел ракьал сон яги жакъа гуро кьурал ижараялъ, 90-абилеб соназдасаго бахъун руго гIемерисел кьун».

Цересел саназ гьеб бакI рищнидул цIун букIун батани, гьанже гьенир санагIал гIодор чIезе бакIал лъун ва рищни балел жал лъун къачIан бугин абулеб буго бакIалъул гIадамаз, амма гьанже ТIасинаб Гъунире унаго гьенире риччаралъухъ гIарац босулеб бугила. 100-I150 гъурущ.

Дирекциялъул нумалъулес баян гьабухъе, рищни баччище ва гьеб бакIалда рацIалъи чIезабизе ккурал гIадамазе ва траспорталъе харжал кьезе хIалтIизабулеб буго гьеб гIарац.

XS
SM
MD
LG