МагъчIваялъе рес

Экстремизмалде ахIиял: иргадулав фигурант


Дагъистаналъул прокуратураялъ Шималияб Кавказалъул рагъулаб диваналде битIун буго МахIачхъалаялдаса Рустам Къурбановасул иш. Ургъун бахъараб цIаралда гъоркь гьес интернеталда лъун батанин «Джихад – столп Ислама и его вершина» абураб документилан рикIкIунеб буго цIех-рехалъулаз.

Митингазул заманалдаги гьарулин дагъистанияз экстремизмалъул магIна бугел ахIиял. Амма гьанже гьел къанагIат гурони дандчIваларин бицана ЭР-лъе эфиралдасан жиндир цIар рехсезе бокьичIей хIакимчIужуялъ. Лингвистикаялъул экспертиза гьабулеб пачалихъияб идараялда хIалтIулей йиго гьей.

Гьелъул рагIабазда рекъон, гьанже ахираб заманалда гьукъарал ахIиял тIиритIизабулеб нух интернет буго. Гьел ахIиязул магIнаги жиндир заманалда рекъон букIунила, сундул кIвар гьеб заманалда бугебали балагьунин бицана эксперталъ.

Эксперт: «ГьабсагIаталда кIвар бугел ахIиял ккола Дагъистан тун батIияб бакIалде гочинариялда хурхарал. Масала, Шамалде. Дагьалъ цеве вихьарав цо лъалев чияс бицана дида гIисин-лъималаздаса байбихьун кIуди-кIододе щвезегIан тIубараб тухум анин гьединан гочун. Гьедин гIадамазде ахIи балеб букIунаан къватIир къададазда седарал тIамчаздасан.

Гьанже гьеб рахъалъ церетIун руго. Интернеталдасан гьабулеб буго. Гьединго гьукъарал тIахьалги дискалги ратула цо-цо мехалда МахIачхъалаялда тукабазда эркенго ричулел. Исламияб тукаде вачIарав гIадатияв чиясда щиб лъалеб гьелъие къимат кьезе? Гьениб бичулеб жоялда тIадкIалъай гьабизе бегьуларин абураб пикру букIунелъул гIемерисезул?»

Литература кинаб магIнаялъул бугебали къимат кьезе гIуцIараб бутIа букIана Дагъистаналъул бусурбабазул идараялда. Амма жакъа къоялде гьеб къан буго. Цо-цо баянзда рекъон, гьенир хIалтIулел чагIи хIинкъизе лъугьун руго щаклъи ккараб литератураялъе гьукъа-къай лъезе, щайин абуни жал чIвазеги рес бугилан. Божизе бегьулеб бакIалдаса ЭР-ялъухъе щварал баяназда рекъон, чанго соналъ цебе Дагъистаналъул таможняялъ ккун буго республикаялде босун бачIунеб гIараб тIахьазул кIудияб къадар.

Гьел ругин гIараб хъвай-хъвагIаялъул, бакъ-моцIалъул, хIисаб гIелмуялъул тIахьалилан гьедарулел рукIун руго тIахьазул бетIергьабиги. Амма таржамачияс цIалидал, гьезулъ батун буго экстремизмалъул магIна. Гьезие тамихI кканани, экспертазул хIукму къваригIунеб букIун, ахIун руго доб гьанже къараб экспертизаялъул бутIаялдаса хIалтIухъаби. Амма, багьанабиги ратун, цонигияв вачIинавизе кIун гьечIо гьениве.

Россиялда буго экстремизмалъул материалазул федер сияхI. Гьедин руго цо-цо тIахьал Дагъистаналда гъукъаралги. Масала, цо заманалда «Сады праведных» абураб тIехь республикаялда гьукъунги букIун жинца интернеталдасан бигьаго Татарстаналдаса бачIинабунин бицана ЭР-лъе МахIачхъалаялдаса мугIалим Мариятица.

Гьелда тIад рекъолей йиго журналист ХIуризада Камаловаги. ХIакъикъаталда ислам бичIчIизе рес кьолел тIахьал ратуларила цо-цо мехалда МахIачхъалаялда.

ХIуризада Камалова: «Щибго гуреб жоялъул хIакъалъулъ рахъарал тIахьал ратула ричулел. Гьединго рукIуна тIахьал чIужугIадан хъизаналда кин йикIине кколейин, яги гIемер руччаби рачиналъул бугеб цIакълъиялъул бицарал, ялъуни нилъер имамазулги гIалимзабазулги бицарал».

ХIуризада Камаловалъ дарсал кьолел руго исламияб университеталдаги. Жакъасел гIолилазухъ балагьидал, бичIчIулеб бугин гьезда цоцазул диналги культураги лъалеб гьечIолъи. Гьелдалъун бижулеб бугин гьезул агрессиягийин абулеб буго гьелъ.

Гьелъ гьединго рехсана дагьалъ цебе дарсида ккараб цо хIужаги. Данте Алигьерил «Божественная комедия» абулеб асар цIалулаго кутакаб разилъи гьечIолъи бижун буго студентазул. ЖужахIалъул чанго сверелалъул бицунеб мехалда МухIамад Аварагасул цIар бахъидал лъугьун руго гьел гьедин. Папа Римский щайдайин гьев авторас гьенив жужахIалъув кIусизавичIевин ахIдезе лъугьанила студентал.

Экстремизмалда хурхун къанун цIунулез хIукму къотIарал дагъистаниязул бицани, рехсезе бегьула моцIалъ цее Шималияб Кавказалъул рагъулаб динавалъ 30 азарго гъурщил гIакIа жинда тIад къотIарай Новолак мухъалъул Новочуртах росулъа салафияй Саидат Дибирова. Экстремизмалде интернеталдасан рагьун ахIи балеб букIун буго гьелъ. Лъимаде йикIинчIеяни, 10 сонил туснахъ кьолеб букIун буго гьелъие.

XS
SM
MD
LG