МагъчIваялъе рес

Щай ккурав Дербенталъул хъулухъчи?


Дербенталъул лъайкьеялъул идараялъул бюджеталдаса 47 миллион гъурущ бикъияда щаклъи букIун ккун вуго гьелъул бетIер. Гьеб гIарцул бутIа щвезе кколелъубе щун гьечIолъиялъ багъарун бугин гьесда сверун ахIи-хIурилан рикIкIунеб буго цо-цо экспертаз. Цойгидаз лъазабулеб буго гьесул ва шагьарлъул цойги чIахIиял хъулхъал Азербайджаналъ абурал чагIи тезе рукIинелъун эркен гьарулел ругилан.

5 июлалъул сардилъ Дербенталъул лъайкьеялъул идараялъул бетIер Казимов Надыр ккун вуго низам цIунулез. Гьезул щаклъи буго Казимовас, жинцаго нухмалъи гьабулеб идараялъул бюджеталдаса, 47млн 350 азарго гъурущги бикъун букIиналда.

Хасал идарабазул баяназда рекъон, 2013 ва 2014 саназ, Казимовги гьесул бухгалтергун кассирги цадахъ рекъон, заманалъ хIалтIизе бажаруларезе ва лъималги гьарун рокъор ругезе кьезе гIураб гIарац гьечIинги абун биччазабун букIун буго гьез гьеб хадубккун тIагIараб гIарац.

Хадуб гьересиял документалги гьарун гьоркьобги инабун буго гьеб 47 миллион. Гьеб хIужаялда хурхун цIех-рехчагIаз моцIица цебе рагьун букIана такъсиргьабиялъул иш, гьединго бащадаб лъагIалица цебе Казимовасул хIалтIулеб бакIалда чIухьги бан букIана, амма гьеб мехалда щибниги къанун хвезабулеб жо батичIин гьесул хIалтIулъилан лъазабун букIана гьез.

Хасал идарабазул баяналда рекъон лъабго сордо-къоялъ ккун вуго Казимов, гьелдаса хадуб диваналъ хIукму къотIизе ккола цIех-рех лъугIизегIан щиб гьесда гьабилебали.

Дербенталъул мэриялъул цIар бицине бокьичIев хIалтIухъанас «Эркенлъи» радиоялъе баянал кьуна гьев Надыр Казимов кквеялъе ругел гIиллабазул цояблъун бугила гьес гьеб бикъараб гIарцул бутIа кколелъубе щвезабун гьечIолъи.

Гьев чияс абуна киназдаго лъалеб жо бугила цохIо живго лъугьун, тIалъиялъул кумек гьечIого, гьебщинаб гIарцул операциял гьарун бажарулароанила гьесухъ. Дагъистаналъул лъайкьеялъул министерлъиги Дербенталъул нухмалъиги цадахъ рекъон гьабураб иш бугила гьеб. Амма Казимовасда гIарац бикьизе лъачIолъиялъ гьезда гьоркьоб кьал ккун бугилан.

«Экренлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Дербенталдаса журналист ва экономист Маир Пашаевас бицана Казимов Надырида тIад такъсиргьабиялъул иш рагьиялъе чанго гIилла батизе бегьулилан.

Маир Пашаев: «2009 соналъ Дербенталъул мэрасул рищиял ругел мехалда гIемераб гъалмагъир ккун букIана шагьаралда. Гьеб мехалда цIакъ лъугьун Имам Яралиевасул рахъалда рукIана гьев Надырги гьесул вац Эльханги. Бищун цIакъ Яралиевасе хIалае рахъаразда гьоркьор рукIанин гьелилан абизе бегьула. Гьединлъидал кIиязего хъулхъалги кьун рукIана гьес. Шагьаралде бищун гIемер гIарац бачIунеблъун ккола лъайкьеялъул идара, гьединлъидал гьеб буг цIакъ хайираблъун рикIкIунеб бакI.

Цебеги гьев Казимовасда сверун цIех-рехчагIаз багъа-башари гьабизехъин бугеб гIадаб рагъари букIана, амма къинабуна гьеб. Гьанже Имам Яралиевасулги республикаялъул нухмалъиялъулги дандеккунгутIи гьелегьун бугелъул гьесул рахъкколел цо-цоккун нахъе цузелъун цIигьабун батизеги гьебула гьеб Казимовасда хурхун иш. Гьедин мэрасул команда чучлъизабизелъун гьабулеб батизе бегьула гьеб.

Гьеб гурониги гIезегIан ракIчIарал чагIаздасан дихъе щварал баяназда рекъон гьеб Казимовасул хъулухъалдаги цойгидал шагьаралда ругел кьучIал бакIаздаги Азербайджаналъе жидерго чагIи тезе къваригIун букIиналъ гьабураб иш буго гьеб. Азербайджаналъ Дербенталъе биччараб 30 миллион евро тIагIун бугелъул. Кида-къадги гьелъул жаваб кьезе ва гьеб бецIизе кколеблъи лъалеб жо буго».

Гьеб Маир Пашаевас Азербайджаналъ Дербенталда жиндирго сиясат билълъинабулеб букIиналъул къурбанлъун кканин Надыр Казимовин абураб пикруялда разияв вуго «Дербент» информагентлъиялъул бетIер Милрад Фатулаевги.

Дагьаб цебегIан «Эркенлъи» радиоялъ баян кьолаго гьес абун букIана Дербенталъ 2000 сон тIубаялде ХIайдар ГIалиевасул къватI къачIазелъун Азербайджаналъ биччараб 30 миллион евро гьоркьоб инабуралъухъ Дагъистаналъул тIалъиядаса гьез тIалаб гьабулеб бугила Дербенталда аслиял хъулухъазда жидер чагIи тейилан. Бищун цIакъ гьеб иш цебе билълъинабулев чи вугила Азербайджаналъул армиялъул аслияб штабалъул нухмалъулев, генерал Нежмедин Садикъовилан бицана экспертас.

Гьев Садикъовасул бажариялдалъун биччан букIун буго гьеб гIарацги Дербенталъе. Гьанже гьес жиндирго гIагарлъиялъул чагIи хъулухъазде тIамизарулел руго. Масала, гьесда ракIалда рагIула жиндирго яц тезе гьев Надыр Казимовасул бакIалда шагьаралъул лъайкьеялъул идараялъул бетIерлъуда. Гьаб сагIат Дербенталъул 7 школалъул нухмалъулей йиго гьей.

Гьединго Дербенталъул мугIалимзаби хIадурулеб колледжалъул бетIерлъун генералас жиндирго яцалъул рос тезавулев рагIула. Гьелда тIадеги шагьаралъул прокурорлъунги, батIи-батIиял такъсиралги гьарун Россиялдаса Азербайджаналдеги тIурун гьенив 10 соналъ вахчун вукIарав, жиндирго гIагарав чи Мустафаев ГIусман тейиланги лъазабун рагIула Нежмедин Садикъовас.

Гьедин 30 июналъ Надир Казимовасул вац хIалхьиялда вугев полициялъул подполковник ва Имам Яралиевасул гIакълучи Эльхан Казимов наркотиказул бича-хиси гьабиялъухъ ккун вуго. Гьеб ишги Надир Казимов хехго хъулухъалдаса нахъе ине вукIине, гьесде тIадецуй гьабизелъун тIобитIараб иш бугиланги лъазабуна Фатулаевас.

Республикаялъул лъайкьеялъул системаялдаса гIарац бикъиялъул рахъалъ цойги гIемер ахIи-хIур бахъинабураблъун букIана МахIачхъалаялъул гIемермахшалилаб лицеялъе биччараб 900 миллион гъурущ бикъиялъул ишги.

Гьебги лицеялъул нухмалъулейги Дагъистаналъул лъайкьеялъул министерлъиялъула жавабиял хIалтIухъабазги цадахъ рекъон гьабураб иш бугин лъазабулеб букIана цIех-рехчагIаз. Гьеб ишалда гъорлъ ругел жеги кквезе щун гьечIо низам цIунулезухъе.

XS
SM
MD
LG