МагъчIваялъе рес

Дербенталъул бутIрузе 2000 сонги гIун гьечIо шагьаралда лъин чIезабизе


Анкьица лъим гьечIого хутIун ругин жалин абун разигьечIого руго Дербенталдаса гIадамал. Кидагоги шагьаралда рукIарал лъел проблемаби гьанже дагьалги цIикIкIун ругин лъазабулеб буго гьез. Дербенталъул 2000 сон кIодо гьабилалда цебе шагьаралда гIадамазе гьарилин лъазабун букIарал рукIа-рахъиналъул санагIалъабиги гьарулел, гьечIо гьез бицухъе. Гьал къоязда лъим бачIинчIони нухги къан митинг гьабизе ракIалда буго гьезда.

ГIадамазул рокъоб лъим гьечIолъиялъ цIакъ хIалуцараб хIал лъугьун буго гьаб сагIат Дербенталда. Цо-цо къватIазда хIатта авалаздагицин анкьазгицин лъим гьечIин, кида гьеб бачIинебалиги лъаларин абулеб буго бакIалъул гIадамал. ЦIакъго захIматаб хIал бугила шагьаралъул басрияб рахъалдайилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе шагьаралъул гьеб авалалда гIумру гьабун вугев Фарид Пашаевас.

Пашаев Фарид: «Гьаб ахираб заманалда анкьицаги лъим гьечIо рокъоб, гьелда цебеги гьединго анкьицаги къатIинабун, дагьаб мехалъ бачIун букIана лъим. Анкьида жаниб цо нухалъ гурони бачIунеб гьечIин гьанже гьебилан абизе бегьула. Гьебги хIалтIизабизе бажарулеб лъим букIунаро. Кьавудалги цIураб, хIабургъараб чорокаб лъим букIуна. 40 градусалде бахараб багIари буго Дербенталда гьал къоязда, нужецаго пикру гьабеха чвердезе, черезе гIагийищ гIадамал ккеларел.Гьаб багIариялда рацIцIа-ракъалъи гьабизе ресги гьечIони бокьараб бахунеб унти тIибитIизегицин бегьула.

Гьекъезе лъимги гIемерисеб нухалда бичун босизе ккола. Щай гурелъул гьеб анкьидасан бачIунеб лъим гьализабунгицин гьекъезеги кваниеги хIалтIизабизеги хIинкъула ниж. НекIсияб шагьар бугелъул гьаб гьанир къватIахъ ругел иццал хутIун рукIинги цо кIудияб талихI буго, амма гьениб бугеб кIигоги лъабгоги иццалъ бащадаб шагьаралъул къваригIел тIубаларо. Гьенир цIакъ кIудияб ирга букIуна лъим цIезе. Чанго сагIаталъги чIезе ккола. Иццалги рикIкIад руго, чанги бакIазде автомобиль билълъунаро гьениб, квералъ баччизе ккола лъимги. Квералъги кигIан гIемерха гьеб баччун бажарилеб.

Хъизан бугеб бакIада кIигоги лъабгоги ведро лъел сундуе гIолеб жо? ГIолохъаназда гьедин гьенир чIезеги, гьениса бащадаб километралъ рикIкIаде лъим баччизеги кIваниги харабазухъ гьебги бажаруларо. Чанги руго гьенир жалго-жалго хутIарал херал чагIи. Гьез щиб гьабилеб?».

Дербенталъулаз бицухъе шагьаралъул басрияб рахъалда киналго гIодорукъзал руго ва щибаб минаялда цебе ах-хурги буго. Чанги хъизанал ругила гьеб магIишаталъ хьихьун ругелин бицана гIадамаз. Амма исана гьел лъелгун проблемаби рукIиналъ, лъалъадизе бажаричIого, цIадалги рачIого гьеб кинабго ах-хур бакъван, бакъуца бухIун хун инеб бугилан. Гьелъги дагьабги цIакъ гьелегьинабулеб бугила халкъалъул ццинилан.

Гьединго Фаридица бицана жидеца ахIи бахъинабизе байбихьараб ва лъел суал тIубачIони нухал къазе ругин митингал тIоритIизе ругин лъазабураб мехалда жалгун дандчIвазе вачIун вукIанила шагьаралъул лъел суалал тIуралеб Водоканал абулеб идараялъул бетIер Руслан ГIалирзаев.

Фарид Пашаев: «Россиялъул бюджеталдасан миллиардалдаса цIикIкIун гIарац биччан букIана Дербенталъул 2000 сон тIубай кIодо гьабизе. Гьелда гьоркьоса 50 миллионгIаги биччазе бегьулеб букIинчIищ нижер лъел проблема тIубазе. Гьабулеб бугила хIалтIи, хисулел ругила рогIралила, насосал лъолел ругин абун харбал рицин гурони гьабулеб жо бихьулеб гьечIо. Нижгун дандчIваялдаги Руслан ГIалирзаевас абуна сундуего гIарац гIоларого бугилан, амма гьеб суал тIубаялъе хIалтIаби гьарулел ругин жидеца дагьаб сабру гьабейин абуна гьеб. ГIадамал сабру гьабун свакан руго гьезие лъим къваригIун буго».

Гьеб Дербенталъул лъел суал кидайин тIубалин абун цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна Дербенталъул «Водоканалалъул» нухмалъулев Руслан ГIалирзаевгун.

Руслан ГIалирзаев: «Анкьица лъим гьечIин аби гьеб мекъи буго. Лъабго-ункъго къоялъ букIинчIо лъим. Гьанже киса-кибего бачIун буго гьеб. Гьеб къатIинабизе бугинги лъазабунги букIана гIадамазда, жидеда щибго лъалеб букIинчIин ахIи балел руго гьел гьанже. Дербент кидаго лъел проблемаби ругеб шагьарлъун букIана, гьеб киназдагоги лъала. Шагьаралда басралъун руго лъел рогIралги, лъим кьабулел насосалги, гьеб гурониги Дербенталъе бачун букIараб Самуралъул лъим гIолеб гьечIо. Гьединлъидал шагьаралде гьанже Дагъогниялдасан лъим бачIунеб хIал гьабун бугеб».

Амма Руслан ГIалирзаевасул рагIаби гьересияллъун гьаруна дербенталъулаз, цебего гIадин къатIахъего бугин жеги лъимилан абуна гьез «Экренлъи» радиоялъе. ГIагараб заманалда гьеб сул роцIцIинабичIони акциял тIоритIизе къватIире рахъине ракIалда буго гьезда.

XS
SM
MD
LG