МагъчIваялъе рес

«Ракь багъарила – гIадамал киреха инел?»


Ракь багъариялдаса минаби цIуниялъул программа щай Дагъистаналда эффективияб хIалалъ хIалтIизабулеб гьечIеб.

Ракь багъариялдаса гIемертIалаял минаби ва социалиял идарабигун комуналиял идараби жанир ругел минаби цIуниялъул программаялъул кIиабилеб этап байбихьизе ккола Дагъистаналда бачIунеб соналда. Жибго гьеб программа байбихьана 2014-леб соналда ва халатбахъина 2018-леб сон щвезегIан. Минаби щулалъизариялъе гIарац биччалеб буго федералияб бюджеталдаса ва гьеб гIарац бикъиялъул хIужжаби тIатинаруна низам цIунулез.

Минаби раялъул ва ЖКХялъул министерлъиялъул нухмалъулевлъун вукIарав Абакар Акаевасда тIад такъсир гьабиялъул иш маялъул ахиралда рагьана рехсараб программаялъе биччараб гIарац сабаблъун. ХIакимас гъурщил 7,7 млн хвезабун буго ракь багъариялъул хал-шал гьабулеб комплекс босизе. Комплекслъун ккола хасаб машина ва гьениб хIалтIизабула батIи-батIиял техникиял алатал ва аппаратал. Низам цIунулез чIезабуна, гьеб машина хIалтIизабулеб букIун гьечIолъи ва техникиял аппаратал ящикIаздаса къватIире рахъун рукIун гьечIолъи.

Гъурщил гIага-шагарго 15 млн къануназда рекъон хвезабиялъул хIужжабиги ратана Тарихалъул палатаялъе. Министерлъиялъул системаялда гъорлъ бугеб Ракь багъариялъул хIинкъигьечIолиялъул суалазул хал-шал гьабулеб идараялъ батIи-батIиял фирмабигун къотIи-къаял гьаруна 54 минаялъул хал-гьабизеян. КъотIи-къаял гъулбасарал цо-цо фирмабазе аванс хIисабалда гIарац биччан буго, амма гьел фирмабаз гьабизе кколеб хIалтIи гьабун гьечIо.

Ракь багьариялдаса минаби цIуниялъе гъоркьисала биччана 23 млн, исана 42 млн бачIине кколеб букIана, амма федералияб централдаса 8 млн гурони щвезе гьечIо. Кризис бугилан абулеб буго Кремлалдаса хIакимаз. Программаялъул аслиял хIалтIаби тIоритIине ккола бачIунеб соналда. ТIоцебе абулеб букIана миллиардалса цIикIкIун гIарац биччалин, хадуб миллиард 800 млнлде сверана, гьанже гIарцул гьеб къадар биччазе бугебали мухIканго лъалеб гьечIо. Жибго программа тIубаялъе байбихьудаго 4 млрд бихьизабун букIана.

Амма 4 млрд гьеб программа тIубаялъе гьадингосеб жо бугин абулеб буго экспертаз. 1970-леб соналда ккараб ракь багъариялдаса хадуб цохIо МахIачхъалаялда азар-азар минаби рана. ТIадежоялъе, 2010 соналда бакIарараб информациялда рекъон, Дагъистаналда ракь багьариялдаса цIуниялъул хIалтIаби гьаризе ккола 570 гIемертIалаяб минаялъе, 44 азарханаялъе, 63 школалъе, 15 ЖКХялъул объекталъе. Ракь багъариялдаса гIемертIалаял минаби цIуниялъул тIоцебесеб программа тIобитIана 2003-леб соналдаса байбихьун 2010 сон щвезегIан. Программаялъул хIасил: минаби цIуниялъул хIалтIаби гьаруна 4 объекталда. Минаби раялъул ва ЖКХялъул министерлъиялда абухъе, программа тIубаялъе гIаммаб къагIидаялъ республикаялъе гъурщил I50 млрд къваригIун буго.

Министерлъиялда гьединго бицана программаялда хъван бугин гIемертIалаял минаби щулалъизаризе кколин, амма тIоцере социалиял идараби щулалъизаризехъин ругин - гьезие гурони гIарац гIолеб гьечIо.

Ракь багъариялъул рахъалдаса Дагъистан ккола кутакаталда хIинкъи бугеб регионлъун. Республикаялда 8-9 баллаздалъун ракь багъаризе бегьулеб территорияялъул 90% буго. Ракь багъарани гIемерисел шагьаразе кIудияб зарал ккелаан. Руго республикаялда минаби разе бегьуларел ракьал. Мисалалъе, гьединал ракьал гIемер руго Избербашалда. Амма гьел ракьазда минаби ранги руго, ралелги руго.

Экспертаз абухъе, ракь багъаризе бегьулел ракьазда ругел шагьаразда гIадамал хвасар гьариялъул ай эвакуациялъул хасаб план букIине ккола. МахIачхъалаялда гьединаб план буго, амма гьеб планалда рехсон гьечIо шагьаралда рарал цIиял минаби. ЦIиял АЗСал, тукенал, гIемертIалаял минаби - эвакуациялъеилан рихьизарурал нухда чанги мина бан буго. Гьелдалъун абизе бегьула ракь багъарани МахIачхъалаялда гIадамал хвасар гьаризе захIмалъизе букIинин илан бицана «Эркенлъиялъе» Дагъистаналъул гIелмабазул централъул Геофизикияб хъулухъалъул вакил МухIамад ГIабдулаевас.

МухIамад ГIабдулаев: «ГIадамазда бичIчIизабизе ккола гIемертIалаяб минаялда рукъзал росулеб мехалда гьез халгьабизе кколин кинал шартIалгун гьеб мина бан бугебали . МахIачхъалалялда киналго нормативалги хIисабалда босун рарал минаби къанагIат гурони ратизе гьечIо. Мех-мехалдаса республикаялда ракь багъарула. 8-I0 баллаздалъун ракь багъарани щиб гьабилеб? ГIадамал рахчизе бегьулел хасал бакIал гьечIо гIуцIун. Ракь багъарила, гIадамал киреха инел нигIматазда хадур, тохтуразул кумек кибе гьез балагьилеб?»

Бокьахъе гIемертIалаял минаби рай, ракь багъариялдаса минаби щулалъизаризе биччараб гIарац бикъи, гьеб сфераялда бугеб ришватчилъиялъул цогидал хIужжаби - гьел масъалабаз гIемер къурбаназде рачине бегьула.

Гейзералгун вулканаз цIураб Камчаткаялъул ракь рикIкIунаан Россиялда ракь багъариялъул рахъалдаса бищун хIинкъи бугеб регионлъун. Гьелда хадуб - Дагъистан. Амма геологазухъ гIинтIамуларел хIакимал рукIаго республикаялда гьел суалазе кинабгIаги кIкIвар кьолеб гьечIо. ТIадежоялъе, МахIачхъалаялда шагьаралъул цIияб генералияб план бихьизабизе кколеб букIана цебего. Щуго соналда цебе хIадур букIине кколеб букIараб гьеб планалъул иш жакъа къоялда кин бугебали лъалеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG