МагъчIваялъе рес

Чияр рагъдаса рачIунездеги балагьун...


«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ хисизабизе бугодай ахIвал-хIал Дагъистаналда? Республикаялда гьеб гIуцIиялъул бербалагьияздаса разиял чагIи гIемерлъизе рес бугин рикIкIунеб буго экспертаз.

Дагъистаналда изну гьечIого яргъид гIуцIарал чанги къукъабазул церехъабаз гьа бана «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъе. Гьеб гIуцIиялъул байрахъазда гъоркь рагъизе республикаялдаса Сириягун ГIиракъалде унел ругоан радикалиял бербалагьиял ругел гIадатиял гIадамалги, мажгитазул имамалги. Мисалалъе, маялъул ахиралда салафиязул вагIзачи Надир Медетов вахъарав видео баккана интернеталда - гьев Сириялде щун вуго «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде гъорлъ лъугьине. Дагъистаналда Медетовасул вагIзаби машгьурлъана салафиязда гъорлъ. Гьанже Медетовас жинда хадур цIалел руго Дагъистаналдаса цоги бусурбабиги. Экспертаз абухъе, Медетов гIадал Шималияб Кавказалдаса радикалиял вагIзачагIи гIемерлъизе рес буго. Гьелдалъун регионалда хIалги хIалуцине бегьула - Россиялъул Кавказалда «Исламияб пачалихъалъул» хасаб багъа-бачари баккине бегьула.

ГIагараб Машрикъалъул ракьазда «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ баккизабуна тоталитарияб шаргIалъулаб система. Сириягун ГIиракъалда гьеб гIуцIиялъ гьабурабщиналда катастрофаилан абулаан экспертаз. Дуниялалъул батIи-батIиял рахъалда ругел улкабаздаса радикалиял чанги къукъаялъги байгIатал гьаруна гьеб гIуцIиялъе. Афгъанистан, Пакистан, Узбекистан, Шималияб Кавказ, Африкагун ГIагараб машрикъалъул улкаби - «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъе гьа барал къукъаби раккарал ракьал гIемерлъулел руго моцIидаса моцIиде.

Шималияб Кавказалдаса «рохьилаз» «Исламияб пачалихъалъе» байгIатал гьаризе байбихьана араб сналъул ахиралдаса. «Имарат Кавказ» гIуцIиялъул Дагъистаналдаса экстремизмалъулал къукъабазул церехъабаз гьа бана тIоцебе «Исламияб пачалихъалъе». Гьелдалъун жибго «Имараталда» ричIчIунгутIиял раккана. Доб заманалда «Имараталъул» цевехъанлъун вукIарав ГIалиасхIаб Кебековас критика гьабуна «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъе гьа баразе. Кебеков хадув хасаб операциялда чIвана, гьесул бакIалде вачIарав МухIамад Сулеймановги рази гьечIо «Исламияб пачалихъалъе» гьа балездаса. Амма гьеб гьедин букIаниги, байгIатал гьарулел «рохьилал» гIемерлъулел руго. Абизе бегьула «Исламияб пачалихъалъул» къукъаби Дагъистаналда ругин.

ХIинкъигьечIолъиялъул федералияб хасаб хъулухъалъул ай ФСБялъул нухмалъулев Александр Бортниковас абухъе, жакъа къоялда «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде гъорлъ рагъизе Россиялдаса I700 чи ана. Хасал хъулухъазул информациялда рекъон, гьезда гъорлъан гIага-шагарго азарго чи Дагъистаналдаса кколаан.

Экспертазул къиматал батIиял руго. Мисалалъе, МГИМОялъул «Кавказалъул централъул» вакил АхIмад Ярлыкаповас бицана мухIканго тарихаздалъун къиматал лъицаниги кьезе гьечIин. «Цо-цояз абулеб буго «Исламияб пачалихъалда» гъорлъ анкьазарго дагъистанияв вугин, цогидаз щуазарго вугилан абулеб буго», - ян загьир гьабуна пикру экспертас. Жинцаго гьес рикIкIухъе, жакъа къоялда Сириялда рагъда вуго кIиазарго дагъистанияв. Гьес абулеб буго гьенире исанаги гочине ругин дагъистаниял, амма гочунезул къадар цIакъго цIикIкIине гьечIин - рагъде инехъин рукIарал гIемерисел некIого рагъда руго. Исана цIикIкIине бегьула тIадруссунезул къадар ва гьел тIадруссунез ахIвал-хIал хIалуцинабизе бегьулаян абуна экспертас.

Human Rights Watch гIуцIиялъул Россиялда бугеб вакиллъиялъул нухмалъулей Татьяна Локшинаца «Эркенлъиялъе» цодагьалъ цебе абухъе, экстремизмалъул идеяз ккурал буссурбабаз рикIкIунеб буго жакъа къоялда аслияб жигьад Сириялда унеб бугилан ва гьенире гочунел руго гьел. «Гьенире ана Шималияб Кавказалдаса чагIиги. Гьел тIадруссине ругилан абулеб буго, гьеб масъала кIкIвар кьезе кколеблъун рикIкIунеб буго. Киса-кибего республикабазул нухмалъулез бицунеб буго лъикIлъараб ахIвал-хIалалъул, амма гьез ва низам цIунулез цо жо хIисабалде босулеб гьечIо. Нахъруссине ругел дол чагIи рагъда гIахьаллъана, рагъулал ругьунлъаби гьаруна гьезие базаязда, тIадежоялъе гьелгун идеологияб хIалтIи гьабуна. Гьезда дандеккун Шималияб Кавказалда ругел "рохьилазда" лъималин абизе бегьула. Гьеб жо хIисабалде босулеб гьечIин Россиялдаян ракIалде кколеб буго. Гьелдалъун букIинисеб ахIвал-хIалалда батIаго ракI боххизе бегьулеблъун абизе кIоларо», - ян жиндаилан бицана эксперталъ.

Политолог Станислав Белковскияс «Эркенлъиялъе» абуна Россиялдаса низам цIунулезда бичIчIулеб гьечIин тIадруссарал радикалаз щиб гьабизе бегьулебали Шималияб Кавказалда.

Станислав Белковский: «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул рахъ ккун рагъизе арал чагIи руго идеялъулал чагIи, гьезда гьеб гIуцIи жигьадалда рагъулеб гIуцIилъун бихьулеб буго. Жал шаргIалъул тIалабал тIуралел чагIилъун рикIкIунел руго гьез. ТIадежоялъе щварал информациязда рекъон, «Исламияб пачалихъалъул» рагъулал ругьунлъаби тIоритIулел лагерал руго, гьениб гIадамалгун идеологияб хIалтIиги гьабулеб буго. Жакъа къоялда Шималияб Кавказалда ругел рохьилазда гьеб бичIчIулеб буго, гьелдалъун гьез жигара бахъулеб буго Сириялде ккезе яги гIуцIиялъе байгIатал гьаризе. БичIчIулеб гьечIо, хIадур ругищали низам цIунулел «рохьилазул» цIияб тайпаялде дандечIезе. КIвар кьезе кколеб суал буго гьеб».

«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул рахъ кколел «рохьилал» жакъа къоялда Шималияб Кавказалда рукIин бичIчIулеб буго киназдаго. Амма гьел «рохьилазул» къадар гьедигIанго кIудияб гьечIо ва гIуцIиялъул цIаралдалъун гьарурал такъсиралги жеги рукIинчIо. Гьанжего-гьанже Шималияб Кавказалда байбихьараб «Исламияб пачалихъалъул» гьеб багъа-бачари чIезабизе рес бугин, рикIкIунеб буго экспертаз. Амма жамгIияв хIарактчи Максим Шевченкоца «Новое дело» газеталъе абухъе, Россиялда терроралде данде къеркьей сверун буго бюджет бикьиялда. Гьедин гурони хIалтIизе лъаларел низам цIунулел рукIаго, «Исламияб пачалихъалъул» факторги хIисабалде босун, Шималияб Кавказалъул букIинесеб чIегIерал кьераздалъун бихьулеб бугин жиндаилан абуна жамгIиятчияс.

XS
SM
MD
LG