МагъчIваялъе рес

КIиго чи чIвана КъурахI мухъалда


27 маялда КъурахI мухъалда низам цIунулезде кьвагьдарал кIиго изну гьечIого яргъидгIуцIарал чIван ругин лъазабулеб буго.

Кьвагьи ккараб бакIалда кьвагьулеб алат батун бугин ва гьенибго кьвагьизабизе рес бугин гьебин лъазабулеб буго терроралда данде чIараб миллияб комитеталъ.

Дагъистаналъул КъурахI мухъалда низам цIунулезулгун ккараб кьвагьиялъул хIасилалда кIиго изну гьечIого яргъидгIуцIарал чIван ругин лъазабулеб буго Интерфаксалъ.

Дагъистаналъул Жанисел ишазул нухмалъиялъул вакилас баян гьабухъе, гьеб мухъалда цIех-рехалъул тадбирал тIоритIулел рукIарал низам цIунулезде щалали лъаларел кIигояз кьвагьун буго. Иш ккун буго рогьалида, сагIат лъабго тIубараб гIадинаб мехалъ. КъурахI мухъалъул Ахниг абураб росдада гIагар, рохьахъ цIех-рехалъул тадбирал тIоритIулел рукIанила федералияб цIуна-къаялъул рагъулал. Гьез данде гьабураб кьвагьиялъ кIиялго кьвагьдарал чIван руго. Гьел щалали чIезабулеб бугилан хъвалеб буго «Кавказский узел» сурсаталъ.

Кьвагьи ккараб бакIалда маххуца сверун къан гьабураб бакI батун буго. Гьениб кьвагьулеб алат батанин лъазабулеб буго. ГьабсагIаталда гьеб алат гьеб бакIалдаго кьвагьун лъугIизабулеб бугила. Миллияб терроралда данде чIараб комитеталъ баян гьабухъе, низам цIунулезул цониги чиясе зарал ккун гьечIо. Изну гьечIого яргъидгIуцIаразул чIварал кIигоял щалали чIезабулеб бугила, амма чIваразул къадар мухIканаб гьечIин тIаде жубалеб буго гьез. Гьезухъ кодоб батIи-батIияб литература ва бакъва-бачIараб квен батун буго, гьеб баччулел ва гьезулгун бухьен букIарал чагIи щал рукIаралали чIезаризе бугила.

Цо-цо баяназда рекъон, 17 маялъ Сулейман-Стальский мухъалда Икра росулъа 47 сон барав рохьихъан чIваялъул ишалда хурхарал ратизе рес буго КъурахI мухъалда чIварал изну гьечIого яргъидгIуцIцIарал. Абизе ккола, Сулейман-Стальский ва КъурахI мухъалда гьеб къоялдаса бахъун, 22 маялде щун Террорадда данчIе чIараб низам лъазабун букIанин рохьихъан чIварал чагIи ралагьизе.

БакIалъул гIадамаз лъазабухъе, гьеб мухъ сверун ккун буго. Гьедин, Ахниг росулъа Рамалданов ГIабасица баян гьабухъе рагъулаб техника гьениса нахъего ун букIун гьечIо, КТО бахъаниги.

ГIабас Рамалданов: «Жакъа радал аскIоб бугеб росулъе унев вукIана, амма гьеб рохьда аскIосан унеб нухлул бутIаялдасан гIадамал риччалел гьечIо, гьениб рагъулаз цIех-рех тIобитIулеб бугин. Дун фермер вуго, базаралде гьан босун унев чи вукIана. Гьенир Терроралда данде лъазабураб низам нахъе бахъанин абуниги рагъулаб техника нахъе ун букIинчIо».

Гьеб росу кколеб буго гитIинаб бакI. Жибго КъурахI мухъалде нух къан букIиналъул информация мухIкан гьабичIо Жанисел ишазул министерлъиялда. Низам цIунулез гьениб бугеб ахIвал-хIалалда рекъон гьабулин хIалтIийилан абун.

Гьединго, гьал къояз бачIун буго лъазаби «Имарат Кавказ» гIуцIиялъул цIияв амирлъун МухIамад Сулейманов тун вугилан. Гьев цеве вукIана гьеб гIуцIиялъул къадийлъун. Сулейманов, жиндаса цеве вукIарав амир Кебеков гIадин, «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул кверщел тIибитIиялда данде вугев чи кколев вуго. Амма Кебековасда данде ккун, Сулеймановасул бербалагьиял радикалиял ругин абулеб буго экспертаз. «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул рахъ ккурал цо-цо изну гьечIого яргъидгIуцIараз «Имарат Кавказ» гIуцIи жидее мутIигIлъизе кколин гьарурал лъазариял раккулел ругила. Гьеб кколин рохьилазда гъорлъ конфликт цIикIкIунеб букIиналъул гIаламатин абулеб буго гьез.

XS
SM
MD
LG